22 ноябралда райадминистрациялъул данделъабазул залалда райсобраниялъул председатель Хваджаев Хваджал нухмалъиялда гъоркь т1обит1ана районалъул Собраниялъул депутатазул иргадулаб гуреб сессия.
Сессиялда г1ахьаллъи гьабуна конкурсалъулаб комиссиялъул вакил, республикаялъул Бет1ерасулгун Х1укуматалъул Администрациялъул Правовояб управлениялъул начальник Анвар Халиловас, районалъул бет1ерасул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас ва райсобраниялъул депутатаз. Сессиялъул повесткаялда бук1ана цох1о районалъул бет1ер вищиялъул суал. Сессиялда цебе т1обит1араб конкурсалъулаб комиссиялъул х1алт1ул х1асилазулги бицун сессия рагьана Анвар Халиловас: «Г1аммаб къаг1идаялъ Хунзахъ районалъул бет1ерлъуде кандидатлъун рахъине конкурсалда г1ахьаллъи гьабизе г1арзаби кьун рук1ана 10 чияс. Комиссиялъ х1укму гьабуна гьел киналго конкурсалда г1ахьаллъи гьабизе риччазе. Амма бат1и-бат1иял г1иллабаздалъун лъабгояс инкарги гьабун хут1ана 7 чи. Рихьизарурал документазул кьуч1алда, гьезул лъаялъулги профессионалиял бажариязул халги гьабун, тестированиялъул ва собеседованиялъул х1асилалда конкурсалъулаб комиссиялъ х1укму гьабуна Хважаев Хважа Мух1амадович, Задиев Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич ва Г1абдуразакъов Мух1амадх1ажи Сайгидг1алиевич рищиязде риччазе,-ян абуна гьес.
Рищиял байбихьилелде лъана Г1абдуразакъов Мух1амадх1ажицаги жиндирго кандидатура нахъе бахъеян г1арза кьун бук1ин. Гьедин хут1ана 2 кандидат. Рагьараб къаг1иядаялъ гьаркьал кьеялъул х1асилалда Нурмух1амад Задиевасе щвана 38 гьаракь ва 5 Хважа Хважаевасеги. Сессиялда г1ахьаллъи гьабуна 43 депутатас. Гьелдаса хадуб депутатазул Собраниялъ х1укму гьабуна Задиев Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич «Хунзахъ район» МРалъул бет1ерлъун вищаравлъун рик1к1ине.
|