Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2016с.
Нижеда институталда малъулаан грек мац1алдаса таржама гьабуни «экология» раг1ул маг1на бугин «рукъалъул х1акъалъулъ г1елму» ян, цойги малъулаан экологияб къаг1ида х1алт1изабулареб бак1алда экономикаги цебет1оларин («Что не экологично – то не экономично» - академик Гъ. М. Г1абдурах1мановас ниж, жиндирго студентазулъ куцараб принцип). Гьединлъидал, диплом кодосей эколог х1исабалда, дун кутакалда йохана гьаб ахираб к1иго соналда жаниб районалда лъугьараб рац1ц1а-ракъалъиялдаса, сверухълъиялда, хасго машинабаз газал къват1ире кьвагьун гьава чорок гьабурал нухлул раг1аллъабазда гъут1би ч1ун лъугьараб берцинлъиялдаса.