Автор.Г1.Мух1амадов,учитель,Т1ануси росу.Июль 2013с. ЦIикIкIараб
гIелалъул дагъистаниязда лъалеб батила араб гIасруялъул 60 аб. соназда гIисинал
миллатазул мацIазда сверухъ букIараб гара-чIвари. Доб мехалъ цо-цо къвал чуреян
абидал чухъаго чурулел хIакимзабаз (хасго чIегIерабги хъахIабги гурони кьер
батIа бахъизе лъаларел магIарул хIакимзабаз) байбихьун букIана миллиял мацIазда сверухъ бахIс. Абулеб
букIана нилъер росабазул школал тIубанго гIурус мацIалде рачине ккелин ва гьеб
букIинин Дагъистаналъул халкъазул рухIияб цебетIеялъе нугIлъи гьабулеб
хIужжалъун. ТалихIалъ хеккого къватIибе бачIана Р. ХIамзатовасул «Авар мацI»
абураб кечI ва носоца къотIаралгIадин лъугIун ана дол бахIсалги. (Доб кечI
рекIехъе цIалулев цо чи дунялалда вугевгIан заманаялда авар мацI чIаго
букIиналдаги кинаб букIаниги щаклъи гьечIо). Амма жакъа суал дагьаб батIайиса
лъун буго. Суал буго гьадин: нилъер гъваридаб, бечедаб авар мацI кин цIунилеб,
кин гьелъул берцинлъи кIоченаредухъ лъималазда бичIчIизабилеб, щиб гьелда
хурхун умумуз, учительзабаз, лъай кьеялъул идарабаз, гьабилеб абун. Гьелда
хурхун журналист М. ГIалиевас «Нилъер унти – рахьдал мацI» абураб макъалаялда
(«ХIакъикъат» журнал № 2I 20I3 с.) хъвалеб буго: