Автор.Загьра Дайтова, Харахьи гьоркьохъеб школалъул биологиялъул учительница. Апрель 2017с.
Ват1ан! Гьеб ккола инсанасул бугебщиналда гьоркьоб бищунго к1удияб, хирияб ва г1агараб. К1удияб бугониги гьит1инаб бугониги, гьеб кинабго бараб буго живго инсанасда, гьесул лъаялда, Ват1ан бокьизе, ц1унизе ва бич1ч1изе бажариялда. Гьелде бугеб рокьи данде ккола эбелалде бугеб рокьиялда. Гьадинаб аби буго: «Г1агарай эбел йокьич1есе Ват1анги бокьуларилан». Эбел-эменги Ват1анги нилъер бук1ана нилъ гьарурал, нилъ г1умруялде рач1араб мехалдасанго. Ват1анги, эбел-эменго г1адин т1аса бищуларо. Гьел ккола инсанасе цо нухалда кидагоялъе, г1умрудул ахирисел къоязде щвезег1ан. Нилъер умумузе ц1акъго бокьулаан Ват1ан-Дагъистан ва абулаан «Ват1аналда нилъ гьеч1ониги ч1езе к1олин, амма нилъеда Ват1ан гьеч1ого-киданиги».