Пятница, 29.03.2024, 09:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Апрель » 9 » ДАГЪИСТАН ДИР Г1АГАРАБ РАКЬ.
22:31
ДАГЪИСТАН ДИР Г1АГАРАБ РАКЬ.

Ват1ан! Гьеб ккола инсанасул бугебщиналда гьоркьоб бищунго к1удияб, хирияб ва г1агараб. К1удияб бугониги гьит1инаб бугониги, гьеб кинабго бараб буго живго инсанасда, гьесул лъаялда, Ват1ан бокьизе, ц1унизе ва бич1ч1изе бажариялда. Гьелде бугеб рокьи данде ккола эбелалде бугеб рокьиялда. Гьадинаб аби буго: «Г1агарай эбел йокьич1есе Ват1анги бокьуларилан». Эбел-эменги Ват1анги нилъер бук1ана нилъ гьарурал, нилъ г1умруялде рач1араб мехалдасанго. Ват1анги, эбел-эменго г1адин т1аса бищуларо. Гьел ккола инсанасе цо нухалда кидагоялъе, г1умрудул ахирисел къоязде щвезег1ан. Нилъер умумузе ц1акъго бокьулаан Ват1ан-Дагъистан ва абулаан «Ват1аналда нилъ гьеч1ониги ч1езе к1олин, амма нилъеда Ват1ан гьеч1ого-киданиги».

Нилъер улка буго Россия. Дагъистаналъ ккола Россиялъул бищунго бакъбаккудехун буссараб бут1а.

Нилъее рес щвана гьадинаб г1ажаибаб ракьалда рижизе. Ч1ух1е, хириял, нуж рижун руго ц1ар раг1араб ва гьайбатаб улкаялда-г1емермиллатазулаб Дагъистаналда.

Тюрказул мац1алдасан буссинабуни «Дагъистан» ккола муг1рузул улка, «даг»-мег1ер, «стан»-улка. Гьеб ц1аралъ жинцаго бицунеб буго, республикаялъул к1удияб бут1а Бакъбаккул Кавказалъул муг1руз ккун бук1ин. Гьеб ккола 70 проценталдасаги ц1ик1к1араб бут1а. Гьениб рорхалъаби рахчула нак1к1азул т1аргъаз, к1к1алабахъ хъудула лъел чвахиял, авлахъазда чилчидула г1едег1ун унел лъарал. Дагъистан ккола Европаги Азияги цолъулеб бак1алде гьоркьобе. Гьелъул г1ат1илъи ккола 50,3 азарго квадратияб километр ва Северияб Кавказалъул бищунго к1удияб республика.

Гьанжесеб Дагъистаналъул ракь, гьелъул рорхатал муг1рузги, гъваридал муг1рузда гьоркьосел чвахиязги, муг1рузул расалъабазги, кьер-кьерал пайдаял маг1даназги лъугьун бач1ана геологияб тарихалда жаниб нус-нус миллион соназ. Дагъистаналъул буго г1ажаибго бат1ияб ракьул г1уц1и. 400 метраялдасаги эхеде унел г1азуцагун ц1ороца рахчарал рорхатал муг1рул т1огьал хисула океаналъул гьумералдасаги гъоркье арал г1ат1идал авлахъаз. Республикаялъул цо бут1а буго Кавказалъул муг1рузда, цогидаб Каспиялда аск1осеб г1одоблъиялда. Гьел ккола щобал, гох1ал, муг1рул, муг1рузда цересел бак1ал.

Бац1ц1адаб гьава, унго-унгоял гьава-бакъалъулал шарт1ал, къанаг1атаб гъвет1-хер-гьел ккола аслиял т1ок1лъабилъун гьеб г1ажаибаб улкаялъул.

Дагъистан-гьеб «муг1рузул улка» гуребги, «мац1ц1азул улкаги» ккола. Г1емермиллатазулаб цо халкъалдеги сверун, гьелъул ракьалда г1умру гьабун буго чанго анц1-анц1 этносаз.

Гьелъул г1адамал к1алъала 29 бат1ияб мац1алда ва 70 диалекталдагун наречиялда.

Дагъистаналъул т1абиг1аталъул памятникаллъун ккола унго-унгоял культуриябгун г1елмияб ва эстетикияб къаг1идаялъ къимат холарел экологиялъулаб бац1ц1алъи бугел бак1ал. Дагъистаналъул территориялда буго 306 т1абиг1ияб объект, гьездасан 26 ккола республикаялъулаб к1варалъул т1абиг1ияб памятниклъун.

Берцинал бак1ал руго киса-кирго, амма щивав чиясда лъазе ккола кинал г1ажаибал т1абиг1иял бак1ал гьев гьавураб ва г1ураб ракьалда ругелали. Гьединал бак1ал ратула Дагъистаналъул щибаб районалда ва росабалъ.

Хунзахъ район буго муг1рузулаб Дагъистаналда ралъдал гьумералдаса 1900 метралъул борхалъуда. Гьеб бечедаб буго г1ажаибаб берцинал лъел чвахияздалъун. Руганилъар, Илълъалъар, Хундериллъар, Тоботлъар чвахулел бак1аздасан руго чанго г1ажаибго берцинал лъел чвахиял. Гьезда гьоркьобги бищунго берцинаб ва к1удияблъун буго жиндир борхалъи 70 метр бугеб Тоботалъул лъел чвахи. Хасго ч1ах1ияллъун ва берциналлъун рук1уна Хунздерил лъел чвахиял ц1адал ран хадуб. Т1алъиялъул рагьараб бак1алдасан чвахулелщинал лълъималги цолъун, Тобот, Илълъа ва цогидалги лъарал сверула ц1акъго ч1ах1иял чвахелазде. Циндаго цере ратарал чабхил ва ганч1ил гох1алги цадахъ рачун унел лъел чвахиязда т1ад лъугьуна лъел къат1рабазул нак1к1ал ва чвахиязул гьаракьги г1емерал километраз добег1анги раг1ула.

Ц1акъ берцинаб лъел чвахи буго Сивухъ росдада аск1обег1анги. Гьеб чвахула 50 метраялдасаги ц1ик1к1араб борхалъудасан. Г1одобе чвахулеб лъим сверула гьалдолеб полопалде. Ц1акъго к1удияб къуваталда рортун рач1унел г1исинал къат1раби сверула хъах1аб лъел х1урул нак1к1азде. Лъел чвахиял берцин рихьула бакъ щвараб мехалда, гьел къат1рабазда реч1улел бакъул ч1ораз лъугьинабула г1емеркьеразулаб нур.

Риидал гурел, хасалоги берцин рук1уна лъел чвахиял. Гьезул х1акъалъулъ гьадин хъвалеб буго машгьурав учитель-т1абиг1ат лъазабулев С. Д. Г1алиевас: «Хасало к1ич1-к1ич1арал к1к1алал къот1абазда далдалун рук1уна ч1ах1иял, гъорлъан канлъи бихьулел зобил кьераб гугьар гъорлъ бугел ц1унк1улук1ал, гъоркьан т1адейин абуни, гьезда данде рач1унел рук1уна т1огь бег1ерал, конусалда релъарал ц1орол х1убал. Лъел ч1ах1иял къат1раби, ц1унк1улук1азда т1асанги чвахун, гьел х1убазда т1ад реч1ч1ула ва къвак1арал х1убазда т1ад щварал гьездасан аза-азар кенч1ераби лъугьуна. Хасалил бакъ кенч1олеб заманалда ц1орол ц1ураб ц1олбокь к1к1алалъул кьураби кенч1езе лъугьуна нуралъулаб кунч1иялда, т1убараб гьеб к1к1алалъулго лъугьун бач1уна г1ажаибаб хаслъи».

Т1абиг1ияб берцинлъилъун ккола Хунздерил т1алъи Дагъистаналда бищунго борхатаблъун рик1к1унеб. Гьеб буго ралъдал гьумералдаса 1700-2200 метралъул борхалъиялда. Гьелъул халалъи буго 25 километр, г1еблъи 8-10 км, борхалъи 2 километр. Г1аммаб къаг1идаялъ босани, т1алъиялъ ккола 250 км2 г1ат1илъи. Г1уц1иялъул рахъалъ босани, Хунзахъ платоялъул ракьул г1уц1и релъуна т1аса г1одобе балагьараб бит1араб авлахъалда, гъваридал к1к1алабазда, гох1азда, щобазда, хъит1азда.

Севериябгин-востокалъул рахъалдасан платоялде сверун буго Т1анусдерил бал, югалъулгин-востокалъул рахъалдасан гьеб ккола Г1акаромег1ералъ, Востокалдасан Тобот лъаралъ ва Ц1олокь к1к1алалъ. К1к1ал байбихьула Хунзахъ хъалаялъул къадаздасан, лъуг1ула Шамил районалъул, Гьолокь росдада аск1об, Авар Койсуялъул раг1аллъабазда. К1к1алалъул г1аммаб халалъи бахуна 22 километралде, цо-цо бак1алда гьоркьохъеб борхалъи 1-4 километрги буго. Хунзахъ росдада аск1осан юго-востокалдехун к1к1алал гъварилъи бахуна 100-ялдаса 1000-1200 метралде щвезег1ан.

Хунздерил т1алъиялда ругел бищунго ц1ик1к1араллъун кколел Тобот, Илълъла, Хунздерил лъарал берцинал чвахияздеги сверун уна Ц1олбокь к1к1алахъе. Гьезул борхалъи бахуна 50-80 метраялде.

Ц1акъго г1ажаибаблъун ккола районалда Моч1охъ х1ор лъугьинги. Гьелда абула ихица лъугьинабураб х1орилан.

1963 соналъул 28 сентябралда Т1анусдерил балалъан, муг1рузул тайпаби ц1акъго риччун рук1иналдалъун, гьезул ц1айи ц1ик1к1ун бук1иналда бан, мег1ералъул к1удияб кесек т1ун бач1уна. Т1ун бач1араб мег1ералъул к1удияб бут1а 7 къоялъ хъущт1ун бач1унеб бук1ана секундалда жаниб 2-3 метраги тун. Микьабилеб къоялъ гьеб бортула Моч1охъ лъаралъе к1удияб гьаракьги сверухъе бахъинабун. Лъар т1аг1ана, гьелъул бак1алда лъугьана 1250 метр халалъиялъулги, 400 метра г1еблъиялъулги, 40-50 метралда гъварилъиялъулги бугеб х1ор. Х1ориниб бугеб лъел хинлъи ц1ик1к1араблъун лъугьана гьединалго муг1рузул х1оразда жаниб бугелдаса (+ 20 градус). Рик1к1унеб буго ракьулъан рач1унел хинал лъинал журан ратилин гьелде гъорлъеян. Мач1хъадерил х1оралъул ц1ар машгьурлъун буго жиндир берцинлъиялдалъун гуребги, сверун бугеб т1абиг1аталъул гьайбатлъиялъги. Гьениб нилъеда ратула Белый Амур, Толстолобик форель ччуг1а. Хасало х1орда т1ад ч1вала бицатаб ц1ер ва муг1рузул лабаллъабаздасан г1ажаибго берцинго бихьула.

Дир росу Харахьиги буго т1абиг1ат берцинаб, гъвет1-хер, г1и-боц1и гьарзаял муг1рузул лабаллъабазда гьоркьоб. Росдал Югалъулаб рахъалдасан чвахулеб буго Х1ебда-Реч абураб лъар. Гьелъул байбихьи буго Цабари мег1ералъул бакъбаккул рахъалдасан.

Лъаралда Х1ебдайилан ц1ар лъун буго гьелда аск1об бижулеб х1ебетилан абулеб хералъул ц1аралдасан. Лъарал халалъи буго 17-23 километр. Х1ебда-Реч буго ц1акъ к1ич1-к1ич1ун бач1унеб лъар ва гьеб жубала Г1андиг1орулъе, хадубккун Сулахъалъулъе.

Лъар уна Гьенк1к1елт1а, Лъаг1илухъ, Харахьи, Мущули росабазул ракьалдасан. Цогидал муг1рузул лъаразулго г1адин, Х1ебда-Речалъул буго бат1и-бат1ияб г1еблъи. Цо-цо бак1алдасан гьелъул г1еблъи буго 7 метр, цогидалъусан-10 метр, лъабабилелъусан 20 метр, ункъабилелъусан-30-35 метр, цо-цо бак1аздасан 50-70-100 метрагицин. Ихдалги, хасалихъеги Х1ебда-Реч лъар лъугьуна г1емерлъим бугеблъун ва хъудулеблъун, жиндирго нухда-батараб кинабго хъамун, чурун унеблъун. Риидал лъим дагьлъула ва т1убараб г1еблъиялда чвахун уна. Цо-цо бак1аздасан т1убанго лъим бихха-хочун уна, цогидал бак1аздасан г1иц1го гъварилъаби ц1езарула.

Дир гьит1инаб Ват1ан-Харахьи росу бечедаб буго иццаздалъунги: Гъоркьияб Къулг1а, Т1асияб Къулг1а, Зайирбегил ицц, Х1акимил ицц, Каримиласул ицц ва цогидалги.

Инсанасе лъим х1ажат бук1уна рук1а-рахъиналдаги, росдал маг1ишаталда г1и-боц1уеги. Лъим х1ажалъула дунялалда бугебщинаб ч1агоябщиналъе, производствалъул бут1абазда.

Гъоркьияб Къулг1адухъ бугеб лъималда сверухъ гьадин бицуна росдал г1адамаз:

-Анц1ила ич1абилеб г1асруялда Имам Шамилица ц1унана Дагъистан гьеб бахъизе рач1унездаса. Рагъулал ишал унелъул, Имам Шамил вач1уна Харахьи росулъе. Гьеб заманалда росу бук1ана дин-исламалъул церехъабазул данделъаби т1орит1улеб центрлъун. Гъоркьияб къулг1адухъ цогидал диниял нухмалъулелгун вач1араб мехалда, Шамил Имамлъун вищула. Росдал г1адамаз бицуна гьеб ицц Имам Шамилица г1одоб т1ил кьабг1араб бак1алда лъугьараб бугилан.

2010 соналда росдал г1адамаз гьеб ицц ц1идасан къач1ана. Гьеб иццул лъим рик1к1уна г1адамазул бохх-квач1алъе даруяблъунги.

Районалъул т1абиг1иял памятникал гьел ккола Дагъистаналъул т1абиг1ияб ирсалъул к1вар бугел чит1ираллъун. Гьединлъидал х1ажат буго гьел хайир кьоледухъ х1алт1изаризе, ц1унизе.

Щивав районцоясе х1ажат буго экологияб лъай ва культура борхизабизе, районалъул г1ажаибго берцинаб т1абиг1аталде рокьи бижизабизе ва гьеб ц1унизе.

Ругьунлъе т1абиг1аталде к1вар буссинабизе, х1исаб гьабе нилъеда сверухъ бугеб г1адатияб гуребщиналъул, рек1елъ ц1уне т1абиг1аталъул берцинлъи, бищунго аслияб-бокье ва ц1уне гьеб. Т1абиг1атин кколеб щивав чиясул г1агараб рукъ. Дуцайин гьениб г1умру гьабизе бугеб, Дуцайин гьеб ц1унизе кколеб.

Загьра Дайтова, Харахьи гьоркьохъеб школалъул биологиялъул учительница.

Просмотров: 6921 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz