Пятница, 29.03.2024, 16:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Апрель » 9 » БИЧУН БОСУЛЕБГИ, БОСУЛАРЕБГИ...
22:47
БИЧУН БОСУЛЕБГИ, БОСУЛАРЕБГИ...

Цо пуланав чиясухъа жавгьар ун буго ралъдалъе бортун. Гьесда рак1алде ккун буго гьеб къват1ибе бахъизе. Босун гелгун байбихьун буго ралъад къват1ибе т1езе. Ралъдалъа баккун бач1ун буго ралъдал pyxl. Гьелъ г1олохъанчиясда гьикъун буго дуца щиб гьабулеб бугебин. Гьес жаваб кьун буго ралъад къват1ибе ч1ехьолеб бугин, жиндирго жавгьар къват1ибе бахъизеян. Ралъдал рух1алъ т1индасаги босун нахъе кьун буго г1олохъанчиясухъе жавгьар. Инсанасул г1адаллъиялдаги хъант1иялдаги гурх1ун буго ралъдал pyxl.

Гьаб биценалъул цойгиги маг1на буго, бечелъиялъе г1оло инсанас гьабулареб жоги толарин, щиб бугониги гьабулев чиясе кумекги камуларин абураб. Г1арабазул аби буго х1аракаталъулъ бук1унин баракатин абураб. Г1арабазул гьеб баракатин абураб раг1и раг1арабго, бищунго нилъеда цебе ч1ола бечелъи, рес рекъей, гьарзалъи, рах1атаб г1умру. Щиб жо кколеб инсанасе гьеб бечелъи? Г1емерисезе гьеб ккола хъулби, боц1и-панз, хириял машинаби, самолетал, жавгьар-якъут, бокьараб мехалда бокьараб бак1алде ун х1ухь бахъизе рес, зах1малъила гьабсаг1аталда бечелъиялъ кьолеб щинаб жо цебе т1амизабизе. Ц1акъ г1емерал руго гьел-х1ажатханаби гьарулел руго меседил, рокъоб хьихьараб гьойдуе миллионал долларал кьолел руго ва гь.ц. Киназего-бечедасеги мискинасеги, бихьиназеги, ц1уязеги х1ажалъулеб буго гьеб г1арац абураб жо. Нилъее гьеб г1арац бихьулеб бак1алда бугони, гьелъухъ хал гьабун рук1инецин бокьула. Дагьабги лъик1 бук1инаан гьелда т1аде ралагьарабго гьелъул мах1 ч1валебани. Гьелъухъ балагьун нилъеца цебе ч1езабула гьелъул кумекалдалъун гьабизе к1олебщинаб жо. Амма къанаг1атги чи ватиларо гьелдаса г1ет1ул мах1 ч1валев, г1арцуда гъорлъ бугеб маг1у, гьелда ругел бидул т1анк1ал рихьулев. Лъида лъалеб нилъехъе щвараб гъурущ чан чиясул кодоб бук1араб, кин гьеб гьесухъе щвараб, гьеб гъурущ зах1мат бихьарабищ, мискинасухъа бахъарабищ, чи ч1ван щварабищ, бикъун щварабищ. Нилъеда гьеб лъаларо. Амма бокьула нилъее гьеб-жеги дунялалда цониги чи вижун ватиларо гьанже г1елин дие гьаб бечелъиян рак1алдеги ккун хварав.

Дунялалда бищунго цебе г1арац киб бак1алда бижарабали бицине зах1малъила. Мисалалъе, Эцталин абулел г1азул муг1рузда археологазда батун буго ц1орораб жаназа. Гьеб жаназаялъул хал-шал гьабулаго хъатикь къан ккун батун буго пахьул гьабураб кесек, нилъер маххул гъурщида релълъараб жо. Щуазарго соналъ цеве хварав чиясул хъатикь къан ккун батун буго гьесие бищунго хирияб жо-г1арац.

Жакъа нилъер г1емерисезухъ кодоб ккун бугеб г1арцуда ц1ар буго «рубль» абураб. Цебе заманалда г1урусаз г1арцул бакIалда х1алт1изабулеб бук1ун буго г1анк1ил, царал, ва цогидал рух1ч1аголъабазул ц1око. Мисалалъе хьитал росизе ккани, г1ощт1оца бащдаб къот1ун ц1око кьолеб бук1ун буго хьитазухъ. Къот1изе абураб раг1и г1урус мац1алда ккола «рубить»-ин абураб раг1и. Гьелдаса бач1араб буго жакъа нилъ т1ад рагъулеб рубль абураб жоги. Хадуб пахьул, г1арцул, маххул г1арац гьабизе лъугьараб мехалда, гьелда т1ад суратал рахъизе байбихьана. Бищунго мукъсанаб резил кесекалда бахъана кодоб хечги ккурав, копьеги ккурав чот1ахъанасул сурат. Гьеб «копье» абураб раг1удаса бач1араб буго, нилъеца х1азеги х1алареб гьеб «копейка» абураб раг1иги. Амма гьеб «копейка» х1ач1ого бегьулеб раг1уларо, гьелъ ц1унараб жо раг1ула гьеб «рубль» - ян абураб жоги. Цойги буго нилъее рубилалдасаги хирияб «доллар» абураб жо. Гьеб ккола немцазул paг1и. «Талер». Немцал Испаниялда ругеб мехалда гьез х1алт1изабулеб бук1ана гьеб талер ва гьениса ккана Америкаялде, гьениб хисана «доллар»-ин абураб paгlyде. Къват1ибехун иш гьедин бугониги, нилъер умумузда гьеб г1арац щибали лъалароан. Ханзабазухъ бук1араб батани гурони, мискинхалкъалъухъе киса гьеб щвелеб? Ц1уралъухъ ц1ун абураб кици буго маг1арулазул. Гьелъул маг1на ккола къали, сах1 ц1ураб ролъухъ данде гьедиг1анго баг1аргьоло кьелин абураб. Гагарин космосалде воржанхъилев вук1ана, нилъер г1адамал г1анк1удал ханал хисулел, пихъихъ нису хисулел рук1ана. Доб заманалда нилъее гьеб х1ажатги бук1инч1о, пихъ бичулесе гьанги щолаан, гьан бичулесе пихъги щолаан. Нилъер ракьалда г1арац ц1ик1к1ана г1урусазда цадахъ. Амма ц1ик1к1ана ханзабахъ, нуцалзабахъ, шамхалазухъ-г1адатияв мискинчиясе щвеч1о гьеб. Г1урус пачаяс г1емераб гlapaц реххана нилъер гьанибе ва жакъа къоялде щвезег1ан реххулебги буго. Толел гьеч1о нилъ Россиялъ рубилал камун. Амма нилъеца, нилъерго чанк1к1иялъ батила, гьезул г1арцудаги г1арабазул ц1ар лъун буго гъурущилан. Г1урус пачаясул г1арцуца чанги кьварарав маг1арулав кверде росана. Кверде росана ханзаби, нуцалзаби, шамхалал. Кверде росана имамасул сверухълъи. Гьеб г1урус рубилалъ чанги чи гъоркье реххана нилъер, чангияс рек1к1 гьабуна. Амма кинаб батаниги бокьула нилъее гьеб г1арац. Гьаб хабар бицунев диеги бокьула, гьелъухъ г1енеккарал нужееги бокьула. Киг1ан баракат гьелда бук1унарин абуниги, гордухъа къват1ибе гьеб балев чи нилъеда ватиларо. Газеталда цо рич1ч1уларел жал хъван ругин, дагьабги щула гьабун бахчизе лъугьина. Гьеб г1арцуца г1емераб жо гьабуна нилъер гьаниб. Г1урусазул г1арцуца шагьарал, росаби рана, нухал гьаруна. Цебе, «ма»-илан кьезе рубилал гьеч1еб мехалда, кин г1адамаз жамг1ияб иш т1убалеб бук1араб? Х1алт1улаан киридахъ. Х1алт1изеги киридахъ х1алт1улаан бищунго х1алакъал г1адамал, ч1инкьизарун бералгун ва гьекъолаго лъимгун. Жакъа киридахъ х1алт1улел г1адамал гьеч1о, кинабго г1арцуца гьабула. К1удияб гьунар буго жакъа г1арцул. Мисалалъе, гьаб макъала дица хъвалаго, лъида лъалеб чан чияс чамасе рищват кьурабали? Лъица лъие щиб бичарабали? Яс гьаризе араб бак1алда киг1ан кьурабали? Лъида лъалеб г1арцул бажариялъ метер хъулухъалде щив вач1инев ва щив нахъе иневали? Щиб лъалеб къаси г1арац щив ч1вазе лъихъе кьурабали? Унтарай эбелалъе кумек гьабизе чан чи ватилев кодор кепкалги ккун вортанхъилев? Г1арцуца гьабулеб бугебщинаб жо кинабго бихьулебищ гьеб бугеб? Бихьулеб буго. Цо бат1ияб машина бихьани, яги хъала бихьани гьикъула гьадаб лъилали. Бицуна лъилали. «Гьааа...» - илан абула. Киназдаго бич1ч1ула кисан щибали.. Цебеги бич1ч1улеб бук1ана, гьанжеги бич1ч1ула. Г1арацги бечелъиги лъик1аб жо буго. Лъик1аб буго, гьелъ аск1ов вугев мискинчи инжит гьавулев гьеч1они, гьесухъа буголъи бахъулеб гьеч1они. Г1арац квешаб буго, мискинчиясул васги къват1ив тун, лъайги гьеч1ев жиндирго вас гьелъ медакадемиялде лъугьинавулев вугони. Гьев васасе жиндиегоги квеш буго, халкъалъеги квеш буго. Г1арац квешаб буго рит1ухълъи хвезабизе г1оло судалда х1алт1улеб бугони. Гьелъ гьунарго гьеч1ев чи хъулухъалда толев вугони. Нилъеца рехсана церехун г1арцул кумекалдалъун гьаризе к1олел г1емерал лъик1ал ишал. Г1емераб жо гьабизе к1ола г1арцуда, амма...

К1ола к1удияб мина базе, гьениб жаниб рах1ат ва х1алхьи босизе к1оларо.

Kloлa дунялалда лъик1аб бусен-къайи босизе, макьу босизе к1оларо.

Г1арцуда к1ола дунялалда бугебщинаб библиотека босизе, г1акълу - к1оларо.

К1ола бокьарай ч1ужуг1адан йосизе, рокьи-к1оларо.

Бокьараб дару босизе к1ола, сахлъи-к1оларо.

Бокьанаг1ан лагъзал росизе к1ола, амма гьезул дудехун адаб-к1оларо.

Бокьараб квен босизе к1ола, аппетит босизе к1оларо.

Бокьарав судияв восизе к1ола, рит1ухълъи - к1оларо.

Бокьараб музыкалияб алат босила дуца, макъан босизе к1оларо. Х1асил-калам, дунял к1ийиде бикьизе бегьулеб буго-бичун босизе к1олелдеги, к1оларелдеги.

Инсанасул к1одолъиги нилъеца борцине бегьула гьесухъ бугеб бичун босизе бегьуларебщинаб жоялъухъ балагьун, инсанасул адабги нилъеца гьедин гьабула. Бичун босизе бегьулареб щинаб жоялде гъорлъе гlapaц, лъугьунеб гьеч1они, лъиениги щибниги къварилъи бук1унаро. Г1арац лъугьани макъан бичун босизе, адаб бичун босизе, талих1 бичун босизе, к1оларебщинаб жо гьабизе, гьелъ рачуна нилъ балагьазукье. Амма киг1ан лъица щиб бицаниги нилъее г1арац бокьула. Гьеб г1арцуда аск1об г1акълуги бугони, гьеб дагьабги ц1акъ бокьула. Г1арцуда аск1об ч1ух1иги, г1амал к1одолъиги бугони, нилъеда гьеб рихуна.

Цо философ вук1ун вуго харил кьибил кваналев. Аск1ове вач1арас абун буго, дир хважаинасда цеве х1алт1улев вук1аравани, дуца гьеб харил кьибил квине ккелароанин. Философас жаваб кьун буго, дица г1адин харил кьибил кваналеб бук1арабани, мун хважаинзабазда цеве х1алт1изе ккелароанилан. Гьеб пикру бич1ч1улел г1адамалги руго нилъер. Щибха кколеб унго-унгояб бечелъи? Бищунго к1удияб бечелъи буго бугелда рак1 рази гьабун ч1ей, бугелда г1ей гьабун ч1ей. Кьунщиналъе щукруги, щванщиналъе реццги гьабун вук1ине лъай.

 

Просмотров: 631 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz