Суббота, 27.04.2024, 05:19 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Апрель » 9 » КУБОК 2008 СОНИЛ КОМАНДАЯЛЪУХЪЕ Т1АД БУССАНА.
22:23
КУБОК 2008 СОНИЛ КОМАНДАЯЛЪУХЪЕ Т1АД БУССАНА.

1-2 апрелалда г1адатлъун лъугьана Хунзахъ Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана «Мужество» орденалъул кавалер, жиндирго рагъулаб налъи т1убазабулаго къадаралде щварав бах1арчи, Х1усейнов Мух1амад рак1алде щвезавиялъул мурадалда бат1и-бат1иял соназ Хунзахъ гьоркьохъеб школа лъуг1арал выпускниказда гьоркьоб волейболалъул турнир. Гьеб т1обит1улеб буго районалда 1995 соналдаса нахъе гьеб бухьинабун буго Мух1амадил ц1аралда. Цереселго г1адин исанасеб турнирги г1уц1ун бук1ана бах1арчиясул гьудул-гьамагълъиялъул, г1ага-божаразул, цадахъ х1алт1аразул ва ц1аларазул х1аракаталдалъун.

Исанасеб турниралда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги 12 командаялъ. Гьезда гъорлъ рук1ана ахирал соназ школа лъуг1арал г1исинал г1олилаздаса байбихьун, к1икъоялда анц1илъа сонал арал волейболалъул ветераназде г1унт1унги бат1и-бат1иял г1елазул командаби.

Турнир рагьулаго к1алъазе вахъарав райадминистрациялъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаровас данделъаразе саламги кьун баркана гьезда иргадулаб нухалда гьадин берцинго данделъизе щвей ва киназего бит1ккей гьарана. Бах1арчиясул классцояв Локалов Мух1амадица Х1усейновасул г1умруялъул ва бах1арчияб хвалил х1акъалъулъ бицана, гьединго раг1и кьуна г1ахьаллъулел командаби ругелг1ан мехалъ, жидеца гьаб турнир гьоркьоб къот1изе телариланги. Турнир рагьи берцин гьабун бук1ана Расул Г1амирхановас куцарал г1исинал акробатазул церерахъиналъги.

Хадуб байбихьана х1аязде. Командаби рикьун рук1ана к1иго подгруппаялде. Щибаб группаялдаса полуфиналалде борч1изе рес бук1ана к1и-к1и командаялъул. Гьедин к1иго къоялъ халат рахъарал х1алуцарал х1аязул х1асилалде полуфиналалда дандч1вана 2004-2010 ва 2003-2008 соназул командаби. 2-1 ва 2-0 х1исабгун дандиязда т1ад бергьенлъи босун финалалде рач1ана 2008 ва 2004 выпусказул волейболистал. Байбихьудаго х1алуцана гьезул х1ай. Халат бахъараб къеркьеялъул х1асилалда 2-1 х1исабгун бергьенлъи босана 2008 сонил командаялъ. Лъабабилеб бак1 щвана 2003 соналъ школа лъуг1араб командаялъе. Турниралъул г1ажаиблъилъун ккана киназего бищун заг1ипаздасан цоябин рик1к1унеб бук1араб 2010 соналъул выпускалъул команда полуфиналалде бач1инги.

Тадбир къалаго, гьеб г1уц1аразе ва г1ахьалчаг1азе баркала загьир гьабун к1алъана районалъул спортивияб отделалъул начальник Х1айдарбегов Г1абдулкъадир ва бах1арчиясул классцояв Малачиев Малачи. Призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, грамотаби ва медалалгун г1арцулал сайгъаталги. Хасал сайгъатал кьун к1одо гьаруна цересел бак1ал ккурал командабазул бищун лъик1ал игрокалги: Гъайирбегов Гьит1ин (2011); Мух1амадсайгидов Арсен (2004); Мух1умаев Мух1амад (2010); Мах1мудов Мух1амад (2008); Хочоев Халид (2003); бищун лъик1ав болельщик х1исабалда сайгъат кьуна Г1амирг1алиев Гьиматие.

Ахиралдаги турниралъул чемпионлъун бахъараб 2008 соналъул командаялъул рахъалдасан к1удияб баркала кьолеб буго тренер Малачиев Шамилие ва турнир г1уц1аразе.

И. Мух1амадов

 

Просмотров: 493 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz