Пятница, 26.04.2024, 16:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Март » 04

Т1аде щвараб гьайбатаб ихдалил бакъул хинал ч1оралгун, ч1аголъулеб, ц1илъулеб т1абиг1атгун бач1уна щибаб соналъ нилъехъе щивасе рокьулел байрамазул цояблъун кколеб, халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо-8 март. Гьеб къоялъ нилъеца к1одо гьарула нилъ гьарурал, кодоре рачун реэдарал, кинидахъ х1айранал куч1дул ах1арал, нилъер хириял, х1еренал, кинабго рахъалъан рек1ел хинлъиялъги, т1алаб-агъазалъги нилъ сверун ккурал улбул, нилъер къадруял, къиматал, x1ажаталъур нилъер хьолбохъ ратулел яцал ва ясал,х1алимал лъудби.

Мекъи ккеларо ч1ужуг1адан гьеч1они, ракьалда г1умру бук1инарин абуниги. Ч1ужуг1адан гьеч1еб рукъ-гьеб буго ц1а свараб гьансито. Ч1ужуг1аданалъул кверазги, г1акълуялъги, махщалицаги г1уц1ула дунял, данде бачуна хъизан-рукъ, гьелъ к1удияб ва жавабчилъи ц1ик1к1араб роль xlала общественниябгун жамг1ияб г1умруялъул цебет1еялда. Доб совет х1укуматалъул заманалда г1адин жакъаги дагьаб х1алт1и гуро руччабаз гьабулеб бугеб г1ун бач1унеб г1елалъе тарбиягун-лъай кьеялдаги, халкъалъе медицинаялъулгун социалияб хъулухъ гьабиялдаги ва цогидал бут1абаздаги х1алт1улаго. Ч1ужуг1адан кидаго мустах1икъай йиго реццалъеги адабалъеги.

Районалъул киналго руччабазда т1аде щвараб халкъазда гьоркьосеб руччабазул байрамги баркулаго, бокьун буго гьезие гьаризе г1умруялда талих1, рохел, сахлъи, хъизан-рукъалъе аваданлъи, кибго ва сундулъго сабру, г1акълу, гьабулеб ишалъулъ икъбал, бергьенлъаби.

«Хунзахъ район» МРялъул бет1ер С. Юсупов.

Районалъул собраниялъул председатель X. Хваджаев.

Районалъул руччабазул комитеталъул председатель П. Набиева.

Просмотров: 760 | Добавил: NiGMaT | Дата: 04.03.2016 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2016с.

Гьанжег1адаб бигьаябги рах1атабги г1умруялда рук1инч1о нилъер умумул. Бак1аб хур-хералъул х1алт1иялда, г1и-боц1и хьихьиялда цадахъ, гьез дандебачунаан хъизан-рукъги, бугони ц1ик1к1араб жавабчилъиялда рак1 бац1ц1адго т1убазабулаан х1укуматалъул хъулухъ-пишаги. Квинеги рет1инеги жо мукъсанаб, язихъаб г1умру бук1аниги, бах1арчиял, намус-ях1 ц1ик1к1арал, къо х1ехьолел рук1ана нилъеда цересел  г1елал. Жидедаса мисал босизе мустах1икъал руго, гьеб язихълъи мискинлъиялде т1адеги, бищун вах1шияб К1удияб Ват1анияб рагъул саназда г1умру гьабизе ккарал г1адамал. Рагъул соназ Мах1ачхъалаялда рук1арал госпиталазда сах гьаризе рит1ун рач1унаан фронталдаса лъукъа-къот1арал рагъухъаби. Гьеб заманаялъ гьений х1алт1улей йик1ана Хунзахъ росулъа медсестра Хизроева Пат1имат Зайналг1абидовна.

Просмотров: 601 | Добавил: NiGMaT | Дата: 04.03.2016 | Комментарии (0)

Автор.У.Къурамух1амадова.Март 2016с.

Жидерго ишалъул унго-унгоял устарзаби цебет1ураб х1албихьиялъул махщелчаг1и, т1олабго г1ун бач1унеб г1елалъе лъайгун-тарбия кьеялъе кьурал, намус-ях1 борхатго ц1унарал, г1амал хасияталъул ва хьвада-ч1вадиялъул рац1ц1алъиялъе цогидазе т1ад к1алъазе бак1 гьеч1еб  мисаллъун жал ругел школалъул х1алт1ухъаби дагьал дандч1вач1о дида дир г1умрудул соназ.Гьединаздасан рехсезе, жиндир х1акъалъулъ г1емерал лъик1ал раг1аби абизе мустах1икъай йиго, гьоркьоб къот1ич1ого г1ун бач1унеб г1елалъе лъайгун-тарбия кьун г1умру кьолей йигей Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул  трудалъул (зах1маталъул) учительница Чункъова Чакар Х1ажиевна.

Просмотров: 637 | Добавил: NiGMaT | Дата: 04.03.2016 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Март 2016с.

 Цебе-нек1о заманаялъ улбул холелго рук1инч1ила…  Гьез  жиндирго лъималазда аск1об абадиялъго г1умру т1амулеб бук1арабила: киса-кирго нилъ ц1унулеб къолденлъун цере ч1ун, сардида кьижилалде цебе убачал гьарун, т1аса хъущт1араб юргъан т1аде ц1ан агъаз гьабун, рик1к1адаб сапаралде арал нилъ руссинег1ан, зазда к1усарал г1адин нухда берал лъунги рук1ун… Жиндир лъимералде бач1араб рек1елбакъвайгун къварилъиялдаса к1удияб пашманлъиги щибниги бук1инч1ебила ч1ужуг1адан-эбелалъе….

Просмотров: 902 | Добавил: NiGMaT | Дата: 04.03.2016 | Комментарии (0)

 

Автор.И.Мух1амадов.Март 2016с.

Лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго санайил росабазул командабазда гьоркьоб, районалъул бет1ерасул призалъе г1оло волейболалъул рахъалъ турнир т1обит1и. Гьеб турнир ккола районалъул спорт, хасго волейбол бокьулезе бищун жинде интерес ц1ик1к1араблъун. Районалда гьеб турнир т1обит1улеб буго 2002 соналдасан байбихьун. Цин Хунзахъе, цоги соналъ Лъаг1илухъе араб гурони, 12 соналъ кьурич1ого Т1ануси рок1ел ккуна районалъул бет1ерасул призалъ. Исанаги 27-28 февралалда Хунзахъ Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана турнир, гьелда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги анлъго командаялъ.

Просмотров: 538 | Добавил: NiGMaT | Дата: 04.03.2016 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz