Лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго санайил росабазул командабазда гьоркьоб, районалъул бет1ерасул призалъе г1оло волейболалъул рахъалъ турнир т1обит1и. Гьеб турнир ккола районалъул спорт, хасго волейбол бокьулезе бищун жинде интерес ц1ик1к1араблъун. Районалда гьеб турнир т1обит1улеб буго 2002 соналдасан байбихьун. Цин Хунзахъе, цоги соналъ Лъаг1илухъе араб гурони, 12 соналъ кьурич1ого Т1ануси рок1ел ккуна районалъул бет1ерасул призалъ. Исанаги 27-28 февралалда Хунзахъ Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана турнир, гьелда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги анлъго командаялъ.
Турнир рагьулаго гьелъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун к1алъазе вахъана районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов. Гьес бицана жакъа районалъул нухмалъиялъ спорт цебет1еялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул ва турниралъул г1ахьалчаг1азе бит1ккей гьарана. Турнир рагьи берцин гьабун бук1ана Г1амирханов Расулица куцарал гьит1инал акробатазул церерахъиналъги. Хадуб байбихьана къецазде. Х1аязул х1алуциналъухъ балагьун бихьулеб бук1ана командаби лъик1 х1адурун рук1ин. К1иго къоялъ халат рахъарал х1аязул х1асилалда финалалде рач1ана Т1ануси ва Хунзахъ росабазул командаби. Районалдаго бищун лъик1аллъун рик1к1унел хундерил ва т1анусдерил волейболистазул финалияб х1аялъухъ балагьизе рач1араз занк1ун ц1ун бук1ана зал. Г1одор ч1езе бак1ал ц1ун рук1иналъ, рук1ана рахъун ч1аралги. Байбихьудасанго х1алуцана гьезул къеркьей, к1иябго командаялъ х1ай бачунеб бук1ана тириго ва г1уц1адго. Гьединаб х1алуцараб х1аялда 2:1 х1исабгун, зах1матаб бергьенлъи босана Т1ануси росдал командаялъ. Лъабабилеб бак1 щвана Бакьагьеч1и росдал командаялъе. Бергьарал ва хадусел бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, рекъон кколел даражаялъул медалал, грамотаби ва г1арцулал сайгъатал. Турнир къалаго к1алъазе рахъарал Хунзахъ, Бакьагьеч1и ва Т1ануси росабазул бут1руз киназдаго баркана щварал бак1ал ва жиде-жидер росабазул командабазе кьуна жидерго рахъалдасан хасал сайгъаталги. Гьединго хасал сайгъатал кьун к1одо гьаруна турниралъул щибаб командаялда бергьенлъи босарал игрокалги: бищун лъик1ав игрок-Шаг1банов Г1. (Бакьагьеч1и), бищун лъик1ав гьужумалъулав-Мух1амадов Н. (Т1ануси), бищун лъик1ав распасовщик-Гьиматов Р. (Хунзахъ), бищун лъик1ав защитник-Мух1амадов А. (Лъаг1илухъ) ва балагьаразул рак1ал асир гьариялъул приз-Хат1ипов М. (Т1ануси). Ахиралдаги районалъул спорткомитеталъул председатель Х1айдарбегов Г1абдулкъадирица цойги нухалъ баркана командабазда гьезие щварал бак1ал ва баркала кьуна турнир г1уц1изе квербакъаразе.
И. Мух1амадов.
|