Пятница, 26.04.2024, 11:38 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Март » 4 » ГЬАЛЪУЛ Г1УМРУ ИНСАНАСУЛ САХЛЪИ Ц1УНИЯЛДА АНА.
17:16
ГЬАЛЪУЛ Г1УМРУ ИНСАНАСУЛ САХЛЪИ Ц1УНИЯЛДА АНА.

Гьанжег1адаб бигьаябги рах1атабги г1умруялда рук1инч1о нилъер умумул. Бак1аб хур-хералъул х1алт1иялда, г1и-боц1и хьихьиялда цадахъ, гьез дандебачунаан хъизан-рукъги, бугони ц1ик1к1араб жавабчилъиялда рак1 бац1ц1адго т1убазабулаан х1укуматалъул хъулухъ-пишаги. Квинеги рет1инеги жо мукъсанаб, язихъаб г1умру бук1аниги, бах1арчиял, намус-ях1 ц1ик1к1арал, къо х1ехьолел рук1ана нилъеда цересел  г1елал. Жидедаса мисал босизе мустах1икъал руго, гьеб язихълъи мискинлъиялде т1адеги, бищун вах1шияб К1удияб Ват1анияб рагъул саназда г1умру гьабизе ккарал г1адамал. Рагъул соназ Мах1ачхъалаялда рук1арал госпиталазда сах гьаризе рит1ун рач1унаан фронталдаса лъукъа-къот1арал рагъухъаби. Гьеб заманаялъ гьений х1алт1улей йик1ана Хунзахъ росулъа медсестра Хизроева Пат1имат Зайналг1абидовна.

Пат1имат гьаюна 1918 соналъул 9 маялъ Хунзахъ росулъ. Гьелъул умумул рук1ана кутакалда къвак1арал, х1инкъи-къай гьеч1ел, бах1арчиял г1адамал. Пат1иматил инсул эмен Хизроев Гьимат 1877-78 соназ г1ахьаллъана турказулгун бук1араб рагъулъ. Гьениб бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ гьев к1одо гьавуна Георгиясул к1иго хъанчалдалъун ва медалалдалъун. Гьесул хъизан йик1ана пачаясул армиялъул генерал Макъсуд Г1алихановасул яц. Пат1иматил  цойгидав к1удияв эмен  Мух1амадбеков Айтберицаги хъулухъ гьабуна пачаясул армиялда. Хизроев Гьиматго г1адин гьевги пачаясул администрациялъ т1амун вук1ана бат1и-бат1иял участкабазде наиблъун.

Революционер Мух1амадмирза Хизроевасул ц1ар раг1ич1ев  къанаг1атги ватиларо Дагъистаналда. Мух1амадмирзал вацг1ал вук1ана Пат1иматил эмен Зайналг1абид. Зайналг1абидица революциялда цебе лъуг1изабуна Буйнакскиялда бук1араб  реалияб училище. Зайналг1абидие лъик1аб лъай щун бук1ин бихьулеб буго гьев Авар округалъул администрациялда таржамачилъун  х1алт1илев вук1иналдасан. Гьесул хъизаналда г1уна анлъго лъимал – ункъго яс ва к1иго вас. К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьидал Хизроева Пат1иматил  к1иявго вац ана тушманасдаса Ват1ан ц1унизе. Умалат  рагъде ана Баг1араб Армиялдасан. Рагъул байбихьуда гьев ч1вана, вукъун вугеб бак1ги г1агарлъиялда лъалеб гьеч1о. Пат1иматил вац Г1адил ч1вана 1944 соналда, вукъун вуго Польшаялда.

ХХ г1асруялъул байбихьуда маг1арулазул лъимал, хасго ясал лъай босизе рит1и ц1акъ къанаг1атаб ишлъун бук1ана. Амма Зайналг1абидие бокьана жиндирго ясаз лъай  босизе. К1удияй яс Саг1адат 30-лел соназ йик1ана Дагъистаналъул юстициялъул министрлъун, г1емерал соназ х1алт1ана Дагъистаналъул прокуратураялда. Пат1иматица 1936 соналда лъуг1изабуна Дагъистаналъул медицинаялъул техникум. Гьелдаса нахъе 1943 соналде щвезег1ан Пат1имат х1алт1ана Хунзахъ райбольницаялда акушер – фельдшерлъун. Жиндирго лъаялда г1ей гьабич1ого, 1943 соналда ц1адул кор бокьараб рагъ бук1иналъухъ ялагьич1ого, Пат1имат ц1ализе лъугьана  Дагъистаналъул медицинаялъул институталде. Ц1алуда цадахъго гьей х1алт1ула Мах1ачхъалаялъул госпиталазда. Чанги лъукъа- къот1арав дару-сабаб гьабун, хвалил квачикьа хвасар гьавун ватила Пат1иматица. Гьел соназ гьабураб х1алт1ухъ пачалихъалъ 1944 соналъ Пат1имат к1одо гьаюна «За оборону Кавказа» медалалдалъун. Пат1иматида цадахъ гьел соназ мединституталда ц1алулел рук1ана Хьиниса рагъулав тохтурлъун вахъарав, Прибалтикаялъул рагъулаб округалъул бет1ерав беразул тохтурлъун х1алт1арав, медицинаялъул г1елмабазул кандидат, полковник Х1усенов Наби, ц1ар раг1арав академик Х1ажи Х1амзатов. Хадув Х1ажи Х1амзатов жиндиего бокьун нахъе вилълъана мединституталдаса.

Ц1акъ зах1матал сонал рук1ана  Пат1имат х1алт1изе лъугьараб ва хадусеб заман. Гьанже г1адин бокьаралъуре ине машинаби рук1инч1олъиялъ, унтаразухъе рик1к1адал росабалъегицин ине кколаан. Пат1иматил вац Умалатица чуял  хьихьулел рук1иналъ, Пат1иматида гьит1инго лъалеб  бук1ун буго чода рек1инеги, гьедин чода рек1ун уней  йик1ун  йиго гьей унтаразухъе. 1950 соналъ Пат1имат х1алт1изе йит1ун йиго Хьаргаби райбольницаялде эпидемиологлъун. 1951 соналдаса нахъе Пат1имат х1алт1ана нилъер районалда сахлъи ц1униялъул бат1и-бат1иял хъулухъазда. 1954 соналде щвезег1ан П. Хизроева х1алт1ана райбольницаялда лъималазул тохтурлъун. Хадуб 10 соналъ Пат1иматица  рак1бац1ц1адго к1удияб жавабчилъиялда т1убазабуна санэпидстанциялъул врач-инфекционистасул бет1ерай тохтурасул заместителасул ва бет1ерай тохтуралъул  ц1ик1к1араб к1варалъул ишал.

Дол соназ, гьанжего-гьанже ц1алун вахъун санэпидстанциялде х1алт1изе лъугьарав, гьанже бажарараб махщалил тохтур  Г1алиев Гъайирбегица гьадин бицана  цадахъ х1алт1улей йик1арай Пат1имат  Зайналг1абидовнаялъул х1акъалъулъ; «Медучилище лъуг1ун хадуб к1иго соналъ х1алт1ана дун врач-эпидемиологасул кумекчилъун. Пат1имат гьеб мехалъ йик1ана бет1ерай тохтурасул заместительлъун. Пат1имат йик1ана кутакалда бажари бугей, х1алт1и рак1-рак1алъ бокьулей, гьеб лъик1 лъалей, х1алт1и т1алаб гьабулей, кьварарай,  амма цадахъго г1адамазда гурх1улей г1адан. Рак1алда буго Г1оч1ло росдада аск1об бук1ана Т1анусиса Мух1ума абулев чиясул кули. Гьениб дифтерия багъарун бук1ана. Гьеб унтуца Мух1умил лъабго лъимер хвана, цо вас больницаялда сах гьавуна. Дифтерия т1аг1инабизе  аразда гьоркьов дунги вук1ана. Гьеб бак1алдаго, Г1оч1ло  росдаде, цогидаб бак1алде бахинч1ого, т1ибит1изе теч1ого лъуг1изабизе к1вана нижеда гьеб унти. Гьеб х1алт1улъ Пат1иматилги бук1ана бут1а. Къокъаб заманалда гьединаб х1алт1и гьабизе ккани къвариг1уна ц1ик1к1араб лъай, махщел, х1инкъи гьеч1олъи».

1964-1974 сонал Хизроева Пат1иматица кьуна, г1агараб росдал гьит1ичазул сахлъи ц1униялъе, гьей х1алт1ана ясли-ахалда тохтурлъун. 1979 соналдаса нахъе 1986 соналъ мустах1икъаб х1ухьбахъиялде инег1ан Пат1имат х1алт1ана росдал гьоркьохъеб школалда тохтурлъун. Гьедин, Пат1иматил г1умру бук1ана инсанасул сахлъи ц1униялде буссинабураб.

Гьабсаг1ат Пат1имат йиго жиндирго вас Гъайирбегов Зубайрида ва гьесул хъизаналда цадахъ. Дандеккараб мехалъ эбелалъе гьанжеги баркала-кири кьолин гьелъ сах гьарун рук1аразин бицана Зубайрица. Гьелда раг1и раг1улеб мехалъ щвезеги рач1унаанин абуна гьес.

Ц1акъ бокьун бук1ана дие гьединаб г1емераб жо бихьирай г1умру нахъа тарай Пат1имат Зайналг1абидовалда жиндаго бицинабизе бихьараб-таралъул, гьелъулгун гара-ч1вари гьабизе. Амма гьеб бажарич1о гьелда раг1и раг1унгут1иялъ. Гьединлъидал жеги  интересаблъун, г1ат1идаблъун лъугьине рес бук1араб макъала къокъаблъун лъугьана.

Пат1иматил руго цо вас, гьесул лъабго лъимал, гьезулги лъабго лъимал. Нижеца  Пат1имат Хизроевалъе гьарула сахлъи, парахатаб г1умру. Хъизан-лъималазда цадахъ г1асруялъулаб юбилей т1обит1улеб къо лъик1 бихьизе хъван батаги Бет1ергьанас гьелъие. Амин.

П. Гунашева. 

Просмотров: 601 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz