Суббота, 20.04.2024, 10:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Март » 4 » РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ. Т1АСА ЛЪУГЬА, ЭБЕЛ.
17:00
РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ. Т1АСА ЛЪУГЬА, ЭБЕЛ.

Цебе-нек1о заманаялъ улбул холелго рук1инч1ила…  Гьез  жиндирго лъималазда аск1об абадиялъго г1умру т1амулеб бук1арабила: киса-кирго нилъ ц1унулеб къолденлъун цере ч1ун, сардида кьижилалде цебе убачал гьарун, т1аса хъущт1араб юргъан т1аде ц1ан агъаз гьабун, рик1к1адаб сапаралде арал нилъ руссинег1ан, зазда к1усарал г1адин нухда берал лъунги рук1ун… Жиндир лъимералде бач1араб рек1елбакъвайгун къварилъиялдаса к1удияб пашманлъиги щибниги бук1инч1ебила ч1ужуг1адан-эбелалъе….

Щай? Щай? Щай гьаб хабаралъул байбихьи уяблъун гьеч1еб?! Щай лъимералъе г1оло рух1 кьезеги, гьелъул бит1а-бишараб къисматалъе г1оло къурбаналлъун жалго цере рехизеги х1адурал улбузул г1умру даимаб гьеч1еб… Аллагь тун бат1иясукъа х1инкъи гьеч1еб дир рек1елъе, гьал ахирал соназ,моц1аз, къояз рещт1ун буго г1иц1го цо иллагьияб х1инкъи-эбел аск1оса ками. Гьеб ссудула рек1елъ щибаб больницаялда дир г1азизай егизаюраб болжалалъ, сахгьариялъул курсалъул щибаб къо рик1к1ун ц1ик1к1унеб, г1асилъулеб унтиялдалъун, жанисеб ч1обоголъиялдалъун, хинлъи гьеч1еб рукъалдалъун, т1аг1ам гьеч1еб квеналдалъун.

Щаяли, киналго улбузда рак1алде ккола, лъималаздехун жидерго бугеб асар гьезда бич1ч1уларилан, лъаларилан. «Ч1ая-цо, дуего лъимер щведал, бич1ч1илин дуда, дие дур бук1унеб ургъел». Бич1ч1ула, лъала, хирияй. «Алжан дур х1ат1азда гъоркь бук1иналъул» хириял т1ахьаздасан ц1алула, амма цо-цо к1очон тун бат1ула.

Рак1 бух1ула, амма данде к1алъан уна. Малъараб гьабуларо, амма щибаб нухалъ мекъи ккола.  Нахъосалдаги диего бокьухъе гьабула, амма «Унго, эбел йик1ун йигей йит1арай» - ан пикру, ч1ух1иялъ, рак1 к1одолъиялъ къват1ибе загьир гьабуларо. Гьале жакъа халкъалда цее дун гьелъие мук1урлъулей йиго, эбел. Щибаб лъимералъулъ бук1унин ккола цо х1алихьатаб хасият – «хъатиниб бежун хайгин кьуниги налъулаллъун хут1улей» эбелалъ гьабурабщиналъе бук1ине кколеб баркала кьунгут1и, сундулъго гьелъ кверч1вай т1адаб ишлъун бихьи.

Гьаниб рак1алде щвана, доб йокьулелъул амру т1убан, бахъун эбелалъул рак1 босун унев г1олиласулги, гьев г1одов ккедал «унтарабищ, дир василан?» агьиялда г1одараб гъаримаб эбелалъул рак1алъулги х1акъалъулъ бицен. Рак1алде щвана доб лъимадулаб баркала гьеч1олъиялъе нуг1лъи гьабулеб гьаб хабарги:

«… Дир эбелалъул бук1ана г1иц1го цо бер. Гьелъ дида гьей рихарайги йик1ана, дун нумуслъулаан дир эбелалъул суриг1еялдаса. Школалъул столоваялда х1алт1улаан гьей нижее чадие жо балагьизеян. Цо нухалъ байбихьул классаздаго вугев дир ц1алул х1ал-х1укму ц1ехон яккун йик1ана эбел. Унго, ракьулъе т1ерхьинч1оха дун г1емер нечеялъ! Кин к1вараб гьалда дун суризавизе классалде яч1ине, кин?! Гьей йихьич1еб ххвелги гьабун, дун лъутун ана гьениса. Нахъисеб къоялъ гьалмагъас: «Дур эбел цох1о бер гурого гьеч1ей г1ажиз йик1ун йиго!» ян рогьо байдал, ццимги бахъун векерана дун эбелалъухъе: «Дида г1адамалги релъизарун гьаний йик1уналдаса хунго лъик1ан дуй!». Эбел йиц1ц1ун ч1ана. Г1иц1го бадиб маг1у ххуланин рак1алде ккана дидаго. Амма дие гьелъул сан бук1инч1о. Дун г1емер ц1алдон, х1алт1ун цевет1урав чи лъугьана ва ана Сингапуралде г1умру гьабизе. Ч1ужу ячана. Босана мина-рукъ. Гьаруна лъимал. Кинабго лъик1 бук1ана…

Цо къоялъ яч1ун эбелалъ кинабго «хвезабизег1ан». Дир лъималазда гьей йихьарай – лъалей ч1ужу йик1инч1о. Яч1ун рагьдухъ гъадаробер ч1едал, дир гьит1ичал х1инкъана, г1одана. Щиб хъулухъ гьалъул гьание яч1ине?!. «Ракь те!» ян ах1дана дун гьеб къоялъ эбелалде. Гьей, г1одое йиччараб гьаракьалъ: «Т1аса лъугьа, дун мекъаб адресалде ккун йиго» ян жавабги кьун нахъе ана.

Ана сонал. Дун ц1алараб школалдасан дихъе бач1ана кагъат, гьеб лъуг1аразул дандч1ваялде дун ах1араб. Ц1акъ бокьун бук1ана дунго лъугьун вугев кутакав чи учучу гьабизе, вижараб – г1ураб  ват1аналде щвезе. Г1елбащадалгун сух1мат-кеп лъуг1араб мехалъ, копоего г1адин дун ана дир лъимерлъи жаниб арал басриял рукъзабахъе. Мадугьалзабаз бицана эбел хванилан. Дир рек1ел цониги ч1ва т1урк1ич1о. Цояз бегьун бач1ана долъ дихъе хъвараб кагъат: «Дир бищун вокьулев вас, дир рек1ел к1ут1и, черхалъул дарман, дур пикру гьабич1еб саг1ат гьеч1о дир. Бегьулеблъун батани, мун т1аса лъугьа, дур лъимал х1инкъизаризе Сингапуралде дун яч1иналдаса. Ц1акъ йохана школа лъуг1аразул дандч1ваялде мун вач1унилан лъараб хабаралдаса, амма рик1к1адасанг1аги мун вихьизе босноса яхъине к1веялда щаклъи буго… Дун кутакалда намусай йиго дуда цее, дир г1ажизлъиялдаса нечон дур т1олабго г1умру индал. Мун т1аса лъугьа. Лъалищ, дир лъимер, мун, гьит1инав чиясул васандилаго сакъатлъи ккун бер нахъе босизе ккун бук1ана. Цо берги гьеч1ого мун к1удияв г1елин абураб пикруялъ дун юх1улей йик1ана жанисан. Гьединлъидал, дица дирго бер кьуна дуе. Гьабсаг1ат дун ч1ух1ула дудаса, гьеб бералдалъун дуда бихьулеб дунялалдаса. Кидагосеб рокьигун, дур эбел».

Баркала гьеч1ел, адаб тарал лъимал. Лъималазул сахлъиялдаса т1ок1аб к1вар бугеб жидее щибго гьеч1ел, гьезул маг1у бищун унтулел, гьезул рокьи бищун къиматаблъун кколел улбул. Жакъа дица бет1ер къулула лъимералда рак1 унтарайщинай эбелалда цебе. Дирго эбел багьанаде ккун хъвараб гьаб макъалаялдалъунги баркала кьолеб буго нужер щиялъе: рорч1арал сардазухъ, лъимал сабаблъун бадиса арабщинаб маг1уялъухъ, сундасаго нужго мах1рум гьариялъухъ. Эбел йиго сундулъго: тамахаб чадилъ, къирщ-къирщи бахъунедухъ къач1ан лъураб дур рат1лилъ, т1амхазул шуршуралъулъ, ралъдал чил-чилиялъулъ. Гьей – унтараб мехалъ х1еренго дур надалда ч1ван бач1араб гьогьомараб кверги, дур бадиса унеб маг1ил бац1ц1алъиги, зодосан мун рещт1араб т1оцебесеб дур рукъги, зах1малъи ккедал киназго ах1улеб хвасарлъиялъулаб раг1иги. Т1аса лъугьа, эбел, ккараб гъалат1-хат1аялдаса, рек1еда бараб каламалдаса. «Унго-унголъунги рокьулел г1адамазе кколин нилъедасан рак1хвеян» абун буго цо хъвадарухъанас. Бокьиларо, ч1аго ругелг1ан къояз, дир сундасаго цебе ккураб, дол тохал – хъач1ал раг1аби гьоркьорго гьеч1еб, т1ок1к1араб иццул лъедег1ан дуде х1ажалъи бугеб ясалъулаб рокьи цо-цо адаб тей борч1ун ккараб, дур рак1 бакъвазабураб асаралде сверизе. Т1аса лъугьа, эбел, киналдасаго. Дирго эбелалда  гьаюраб къо баркун хъвараб коч1одалъун лъуг1изабизе бокьун буго гьаб макъалаги. Рак1 ч1ун абизе к1ола, щияй ясалъ эбелалда абизесел раг1аби, рокьуе мук1урлъи, т1асалъугьаян гьари загьир гьабуна жакъа дица дирго хъвай-хъваг1аязда.

Ч1ахъаги щияй эбел!

 

Дие бокьилаан эбелалъул рак1

Меседил лъел гьабун жаниб лъун тезе,

Нижер ургъалабаз гъаримлъараб гьеб

Г1арцул гьамас гьабун жаниб ц1унизе.

Зах1малъи, къварилъи баччизе ккарай,

Къисматалъул нухаз г1одизаюрай

Т1аса лъугьа,эбел, дур ясалдаса,

Цо-цо адаб рехи кколин дихъаги.

Хъач1аб калам бук1а, хехаб ццим бук1а-

Дур рек1еда бараб балагьи бук1а-

Дур гьаракь сорораб, гьими ссун араб.

Мекъи босун араб дир гали бук1а.

Т1аса лъугьа, эбел, дунги даимго

Дирго пикрабигун хут1улей гьеч1ин.

Амма, дие мунг1ан хирияб жеги,

Халикъас ракьалда щибго бижич1о.

Дуе сахлъи кьеги, соналги кьеги,

Сунареб чирахълъун дие хут1изе.

Дуде къварилъараб къо бач1унгеги,

Гьаюраб къогун дур, г1азизай эбел!

Ф. Мух1амадова

Просмотров: 901 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz