Пятница, 26.04.2024, 06:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Март » 4 » НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ. МАХЩЕЛ КАМИЛАЙ.
17:04
НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ. МАХЩЕЛ КАМИЛАЙ.

Жидерго ишалъул унго-унгоял устарзаби цебет1ураб х1албихьиялъул махщелчаг1и, т1олабго г1ун бач1унеб г1елалъе лъайгун-тарбия кьеялъе кьурал, намус-ях1 борхатго ц1унарал, г1амал хасияталъул ва хьвада-ч1вадиялъул рац1ц1алъиялъе цогидазе т1ад к1алъазе бак1 гьеч1еб  мисаллъун жал ругел школалъул х1алт1ухъаби дагьал дандч1вач1о дида дир г1умрудул соназ.

Гьединаздасан рехсезе, жиндир х1акъалъулъ г1емерал лъик1ал раг1аби абизе мустах1икъай йиго, гьоркьоб къот1ич1ого г1ун бач1унеб г1елалъе лъайгун-тарбия кьун г1умру кьолей йигей Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул  трудалъул (зах1маталъул) учительница Чункъова Чакар Х1ажиевна.

Нилъер районалда къанаг1атаблъун бугеб умумуздасан ирсалъе щвараб, хьухьари, угьари рукъариялъул махщалиде ясал ругьун гьари гьабсаг1аталдаги гьоркьоса къот1изе тун гьеч1о гьеб школалда Чакарица. Гьале исана 25-ялдасаги ц1ик1к1ун сон буго Чакарил Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалде зах1маталъул дарсал кьезе яч1аралдаса. Хабар каламалъулъ х1еренай, жиндирго махщел рак1 бац1адго цогидазда малъизе х1адурай Чункъовалъ рик1к1ен г1емерал выпускникал къват1ире риччана угьаризе, хьухьаризе, рукъаризеги малъун. Ц1алдохъабазулгун т1алабчилъиялъул бухьен гьабизе бажариялдалъун, х1алт1удехун бугеб т1адег1анаб жавабчилъиялдалъун, гьоркьоса къот1ич1ого, махщел борхизабиялда т1ад гьабулеб х1алт1удалъун Чункъова Чакар Х1ажиевнаялда к1вана г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия-лъай кьеялъул борхалъуде яхине. Гьелъул х1алт1уе  лъик1аб къимат кьуна  районалъул лъай кьеялъул отделалъ, цадахъ х1алт1улез. Цогидал  предметазул муг1алимзаби г1адин т1адег1анал ц1арал кьун зодое  яхине гьайич1ониги, Чакарил зах1мат бихьун, гьелъул х1алт1уе къимат кьун Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас дагьал церег1ан къояз гьей к1одо гьаюна х1урматалъул  дипломалдалъун ва т1ад хъвай-хъваг1ай гьабураб  саг1тидалъун.

Гьаб махщалиде кин мун  ругьунлъарайилан дица кьураб суалалъе Чакарица бицана т1адег1анаб ц1алул заведениялда ц1алулаго байбихьанила жинца угьаризе-ян. Хадуб  школалда х1алт1изе лъугьиндал, х1ухьбахъи  гьабизе г1одой ч1ейдал, гьеб махщел ц1убаялда т1ад х1алт1изе  ц1алаанила жийилан т1адеги  жубана.

Гьелъул х1алт1уе ва махщалие  къимат кьун, жиндирго пикру загьир гьабурай Чакарие дагьал рук1аниги дарсал кьурай ва жакъаги г1олеб г1елалъе тарбия-лъай кьолей йигей муг1алим Мух1амадова Пат1имат Т1алх1атовнаялъ бицана Чакар школалда ц1алулеб мехалъго  зах1мат бокьулей, т1ад къараб иш мух1канго т1убалей, сундехунго интерес бугей, кверда махщел бугей, лъик1 ц1алулей ц1алдохъан йик1анилан, школалъул коллективалда гьоркьой, гьей махщел камилай, кверг1едерай, лъимал хирияй муг1алим йигилан.

Цадахъ х1алт1улел х1албихьи ц1ик1к1арал, гьалмагълъи щулиял муг1алимзаби Дибирова Пат1иматица ва Цахаева Умагьаница бицана Чакар йигила цадахъ х1алт1улел учительзабазе кумек к1удияй рази-ракияй, бокьараб иш бажарулей, г1адатияй, г1адамазда гъорлъ йосарай, ч1ах1иязул адаб гьабулей, маг1арулазул г1адат-г1амал ц1унарай, лъималаздехун х1еренай, камилаб лъаялъул муг1алимилан. Жал кутакалда роххарал ва ч1ух1арал ругиланги абуна  гьез Чакарие щвараб шапакъаталдаса.

Р.Рожденственскияс абуна кидаго г1адин жив божулин ва жиндир рак1ч1олила гьаб ракьалда г1умру бугебг1ан мехалъ, г1аламалъул бищун т1адег1анлъун кида къадги муг1алим вахъине вук1иналдаян. Гьеб бит1арабги батила, щайгурелъул щивав чиясул г1умрудулъ бук1уна гьесулъ г1амал-хасият, бербалагьи, пикру куцалаго таманаб к1удияб гъваридаб нахъа тараб лъалк1.

Абизе к1ола Чакарица г1олеб г1елалъе тарбия-лъай кьеялда толеб лъалк1 г1ураб гъварилъиялъул бугилан.

Ахиралдаги бокьун буго Чакарида рак1-рак1алъ баркизе гьелъие щвараб т1адег1анаб шапакъат ва щияй ч1ужуг1аданалъ к1одо гьабизе бугеб Ихдалил гьайбатаб 8 марталъул байрам.

Гьаризе гьелъие щулияб сахлъи, талих1аб ва рохалилаб г1умру, хъизан лъималазда гьоркьоб гьуинлъи ва киналго рек1елъ ругел мурадал т1урай.

У. Къурамух1амадова.

Просмотров: 637 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz