Автор.У.Къурамух1амадова.Ноябрь 2015с.
Щибаб соналъул ноябралъул ахирисеб гьат1ан къоялъ киса-кибего улкаялдаго г1адин нилъер районалдаги к1одо гьабула эбелалъул къо.
|
Автор.У.Къурамух1амадова.Ноябрь 2015с.
Цогидал муг1рузул районалдаго г1адин нилъер районги, росдал маг1ишаталъул район бугин абуни дун мекъи ккеларилан ккола. Гьениб г1езабулеб аслияб ниг1матги, гьан, рахь, х1ан, г1и-боц1удаса бахъулеб ниг1мат бук1ин лъаларев чиги къанаг1ат ватиларо.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2015с.
Г1иц1го 15-20 соналъ цебецин росулъ чи хведал, къот1улаан ч1иргъи-хъуй, раг1улароан гьаракьги гьабун велъулев чи, бертин гьабулес гьеб нахъе бахъулаан хвалил адаб гьабун.Рак1алда буго, ункъйилъаги жиндир сонал арай, мунагьал чурад к1одоэбел Аллагьасул къадаралде щведал, моц1ги хадубгиг1ан мехалъ нижер рокъоб лъун бук1ана маг1ирукъ.
|
Автор.Р.Х1амзатов.Ноябрь 2015с.
Цебеккун лъазабун бук1ахъе 23 ноябралъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана муниципалияб районалъул депутатазул собраниялъул анлъабилеб ах1иялъул к1иабилеб сессия.
|
Автор.У.Къурамух1амадова.Ноябрь 2015с.
Дагьал церег1ан къояз Гьоц1алъ культураялъул рокъоб, гьоц1дерил устарзабиги, школлъималги, т1аде рач1арал гьалбалги г1ахьаллъун т1обит1ана «Гьоц1дерил устарзабазул ирсилал» абураб ц1аралда гъоркь данделъи. Гьеб данделъиялда г1ахьаллъизе вач1ун вук1ана Хунзахъ муниципалияб районалъул бет1ер Юсупов Саг1ид, гьесул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъов, районалъул культураялъул отделалъул начальник Ирайгьанат Мух1амадова ва цогидалги учреждениязул, организациязул нухмалъулел.
|
Автор.У.Къурамух1амадов.Ноябрь 2015с.
Лъимал-нилъер бук1инесеб, лъимал-нилъер талих1 ва рохел, лъимал нилъер ва Ват1аналъул къисмат, къуват. Хъизамалда лъимер гьаби гьеб ккола к1удияб ва рохалилаб лъугьа-бахъин. Лъималазе шарт1ал ч1езариялда ва гьеб бит1араб тарбия кьун куцаялда бараб буго улкаялъул бук1инесеб.
|
|