Пятница, 26.04.2024, 09:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Ноябрь » 28 » РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ. ХВЕЛГИ «УЧУЗЛЪУН» БУГО.
09:27
РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ. ХВЕЛГИ «УЧУЗЛЪУН» БУГО.

Г1иц1го 15-20 соналъ цебецин росулъ чи хведал, къот1улаан ч1иргъи-хъуй, раг1улароан гьаракьги гьабун велъулев чи, бертин гьабулес гьеб нахъе бахъулаан хвалил адаб гьабун.

Рак1алда буго, ункъйилъаги жиндир сонал арай, мунагьал чурад к1одоэбел Аллагьасул къадаралде щведал, моц1ги хадубгиг1ан мехалъ нижер рокъоб лъун бук1ана маг1ирукъ. Т1инч1ай ч1ужуялъ дица таманаб заманалдасан радио биччанилан умумул дидего рагъун рук1араб куц, гьаб жакъа г1адин, рак1алда буго. Амма гьагал 1990-абилеб соназдаса хадуб дица абила, кинабго г1акса сверанилан ва бит1ахъего абуни, - хвелги учузлъанилан. Г1олохъанч1ужу жидер классцояй къадаралде щун анкь данде сверилалде встречаби гьари, къед цурав мадугьаласул рокъоса жаназа къват1ибе иналде мадугьалзабаз ихтилат – кеп г1уц1и, жиндиргун г1елбащадав росуцоясда ракь т1упун бахъиналде гьесул х1алт1и-хъулухъ  жиндиего т1алаб гьабизе ин, бух1араб хвалил маг1ирокъобги кверкьавудаги хоч1ал рицин … - гьел гурелги г1емерал цойгидал  т1омбиццалъиялъул г1аламатал рачине к1ола дида жакъа бусурбабазул «чилъиялъул» мисаллъун. Йохъ, дун кколаро лъаг1алабаз ч1ег1ер баялъул, гьабулеб маг1ишат рехун тунги маг1ирукъ лъеялъул рахъ кколей ч1ужу. Лъабго къо индал зигара гьабизецин какараб буго исламияб диналда. Амма г1ажаибго берцин бихьула хвалил кьог1лъи рак1алде щун т1инк1улеб маг1у, «жакъа гьав мунагьал  чурад анин гьадиг1ан берцинаб бакъул дуниял тун, метерисеб ирга жиндидеги бугилан» гьеб пашманаб заманалда кант1улев  инсан. Хуриб ч1вараб г1анхвараялда хадубг1анги хварасда хадуб рак1хунгут1и буго ахирзаманалъул г1аламатазул цояб.

Абу Гьурайратидасан бач1араб х1адисалда Аварагас (сваляллагьу т1аг1ала г1алайгьим вассалам) абулеб буго: «Нужеца гьоркьо-гьоркьобг1аги хвалил пикру гьабич1ого тоге» ян. Дунги цее гьаюн, жакъа киналго бахиллъун руго дунявияб г1умруялда, абадиялъго гьанир рук1инехъин руго, г1иц1го гьалбаллъун гьаб дунялалда кколел гъаримзаби. Дол  т1адехун дица  рачарал мисалаздасан бижана дир, х1акълъунго жакъа къоялда, г1аданлъи, ях1-намус, къо-асали щай гурин, хвелцин учузлъун  бук1иналъул х1акъалъулъ пикраби. Лъаларо, кинаб ахир дир бук1инебали … ккезе бегьула дов нилъер машгьурав  шаг1ир Мух1амад Патах1овасул коч1олъ г1адин:

«Унев вуго восун – гьасухъ балагьун

Буго г1адатияб  шагьаралъул гвенд,

Маг1арухъ хоб г1адин, киридахъ гуреб

Киналали чаг1аз г1арцухъ бухъараб» - илан.

Маг1арухъги т1убанго иманги,  чилъиги хвалил адабги т1аг1ун, г1алахалда хвараб чанил бак1алде инсан ккараб  заманалде.

Бач1ине бегьула заман доб Аварагасул х1адисалда г1адин, «лъик1ал г1адамал цо-цо ккунги хун нахъе г1адамазул хут1елал, пурч1инадул ва чамасдакалъул хут1елалг1анги жидер пайда гьеч1ел» хут1араб. Къо  бахъанаг1ан вах1шилъулел, г1асилъулел руго хвалил хабарал, гьел кьог1лъиялда цадахъго бицатаб хъал къалеб буго инсанасул рак1алдаги. Учузлъулеб буго хвел. Дида лъаларо кинаб ахир дир  бук1инебали цебе ч1езабизе к1оларо къадаралде дунго щвараб къо, хабалъ лъолеб лах1зат… Амма бокьиларо, Камилил яс Фат1имат къадаралде щвараб бак1алда  къват1ул харбал рицине данделъарал руччабиги кверкьавуда  абундачал рицунел бихьиналги цере ч1езаризецин…

Кант1е, т1урк1е, динцоял.

 

Просмотров: 535 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz