Автор.Г1араниб школалъул коллектив.Октябрь 2015 с.
Нилъер улка бечедаб буго махщелчаг1аз ва устарзабаз. Кинабго махщалие байбихьи лъола школалъ, бухьараб бук1уна учительзабазда. Нижер школалъул бицунаго бищунго цебе рак1алде бач1унеб ц1ар ккола г1умрудул 60 сон школалъе кьурай Умужат Къасумовна.
Умужат Къасумовналъ нахъа тана зах1матаб ва бечедаб х1алт1ул нух. Учительлъиялде т1оцебесеб гали т1амуна Хьини росдал байбихьул школалда. К1вах1 гьеч1ого хьвадана гьей кьурабалъанги, парсахъанги, к1к1алазул сухъмахъ нухаздасанги жиндирго ц1алдохъабазухъе ва хирияб школалде.