Среда, 24.04.2024, 02:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 9 » КЪУВАТ КЬЕГИ. БЕРГЬЕНЛЪАБИ Т1АСА УНГЕГИ.
19:11
КЪУВАТ КЬЕГИ. БЕРГЬЕНЛЪАБИ Т1АСА УНГЕГИ.

Гьал къоязда районалъул г1емерхъулухъазулаб централде бач1ана рохалилаб хабар. Республикаялда т1обит1араб «Бищунго лъик1аб ДРялъул МФЦ» конкурсалда араб 6 моц1алда гьабураб х1алт1ул х1асилазул кьуч1алда Хунзахъ бугеб МФЦялъе щун буго к1иабилеб бак1, гьелъул оператор Мадинат Мух1умаевалъе «Бищунго лъик1ай оператор» абураб ц1ар.

Дир гара-ч1вари ккана конкурсалда бергьенлъиги босун т1ад юссарай Мадинат Мух1умаевалъулгун.

-Мадинат, бокьилаан Дуца конкурсалъул х1акъалъулъ бицани.

-Конкурсалда г1ахьаллъи гьабулеб бук1ана 32 МФЦялдаса 100-ялдаса ц1ик1к1ун г1ахьалчияс. Гьеб бикьун бук1ана к1иго бат1ияб бут1аялде: теориялъулаб ва практикияб.

Теориялъулаб бут1а г1уц1ун бук1ана тестированиялдасан. Гьелда мух1канго лъазе кколел рук1ана нормативиялгин ихтияразулал актал, ФМС (паспортал кьей, прописка гьаби, госпошлина ва цогидалги документал кьеялъул болжал ва гь.ц. инвалидазе, лъимал г1емерал хъизаназе гьарулел бигьалъаби, лъималазул пособиял, субсидиял кьеялъул къаг1идаби ва гь.ц.).

Практикияб бут1аялда МФЦялда гьабураб х1алт1и.

-Кинал х1асилал ккарал МФЦялъул араб 6 моц1алда жаниб?

-Араб 6 моц1алда жаниб МФЦялда х1алт1улев 19 х1алт1ухъанасул жигарчилъиялдалъун гьабун буго 10 азаргог1ан хъулухъ. Г1адамазул мурадал хехго т1уразариялъе г1оло, жинца-жинца гьарулел х1алт1аби бат1а-бат1аго рикьун, 5 бат1ияб гордуялъусан т1урала къвариг1елал. Гьел т1уразе ккани бищунго г1емер къвариг1уна 5 минутг1ан заман. Г1адамазул мурадал киг1ан к1ваниги хехго ва рахъи кьолеб куцалда т1ураялъе г1оло нижер ясал х1алт1ул заманаялъухъ балагьич1ого к1вах1-свак лъач1ого х1алт1ула. Гьелъ нижер ясазул г1адамазулгун лъугьун буго лъик1аб гьоркьоблъи. Гьабураб хъулухъалдаса разилъиялъ, г1адамаз гьезие кьола рак1-рак1алъул баркалаби. Гьеб кинабгоги х1исабалде босун, нижер х1алт1ухъабазе щун буго 25 реццалъулаб т1амач.

Баркала гара-ч1вариялъухъ.

Бокьун буго нужер т1олабго коллективалда баркизе щварал бергьенлъаби. Гьел кидаго т1аса унгеги нужедаса. Сахлъиялда, рохалида хут1аги, нуж, нужерго гьабулеб ишалда нахъа.

 

Х1алт1и бихьизабиялъул мурадалда

Гьал къоязда «Р. З.» газеталъул редакциялде рач1ун рук1ана Хунзахъ бугеб МФЦялъул филиалалъул х1алт1ухъаби. Гьезул мурад бук1ана газеталдасан районалъул г1адамазда жидецаго гьарулел хъулухъал жеги мух1канго лъазари, рич1ч1изари.

Сураталда нужеда рихьулел МФЦялъул х1алт1ухъаби: Мух1амадова Жамилатицаги Шалапова Мадинатицаги гьарула юридикиял консультациял, кумек гьабула бат1и-бат1иял къот1и-къаял хъвазе, эбелалъулаб капитал щвезе, зеленкаби гьаризе, паспортал росизе, прописка гьабизе, лъимал ясли-ахалде къабул гьариялъе ирга ч1езабизе, судалдасан къвариг1елал т1уразе.

Рач1а МФЦялде! Гьенир жалго гьайбатал, х1алт1и берцинал, гьабулеб иш мух1канаб нужер къвариг1елал ц1араб къоялде, бихьизабураб заманалде гъираялда т1убала.

 

Просмотров: 520 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz