1 октябрь-ригь аразул къо
К1удияб адаб-х1урматалда
Ригь арал г1адамал
Къварид гьаруге,
Эбел-инсул адаб даим рехуге,
Г1емер заман гьеч1ин гьелгун рук1ине.
Коллективалдаса гьоркьоса арал,
Херлъун ругин абун к1очене тоге,
Т1убанго нуц1а къан рехун теч1ого,
Цо-цониги ракке гьезухъе щвезе.
Ригь арал г1адамал къварид гьаруге,
Ч1аго ругеб мехалъ рохизаре гьел.
Цо чанго сон ина ва къоял ина
Г1иц1го рак1алдещвей хут1ула гьезул.
Октябрь моц1алъул байбихьуда нилъеца к1одо гьабула ригь арал г1адамазул къо. Гьеб къо кколаро, нуж ригь арал г1адамал ругилан гьезда рак1алде щвезабулеб къолъун. Ккола цойги нухалъ гьел рак1алде щвезарун к1одо гьарилъун, гьезул адаб-хъатир, х1урмат гьабилъун.
Гьал къоязда, ригь аразул къоялъул х1урматалда г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул ва телевидениялъул х1алт1ухъабигун цадахъ ниж ун рук1ана Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи, Ленинил орденалъул кавалер, гьабсаг1аталда мустах1икъаб х1алхьиялда вугев нилъер ракьцояв Махулов Мух1амад Махуловичасухъе.
Жиндиего хасиятаб махсаро-хоч1алда азбаралъув ахикь ватарав Мух1амадидаги нижедаги гьоркьоб ккана г1езег1ан пайдаяб гара-ч1вари. Мух1амадица нижее бицана цебе араб г1умруялъул, нахъа тараб зах1матаб нухалъул, гьаруна насих1атал. Рук1ана г1емерал рак1алдещвеял, Мух1амадица жиндир-адаб-х1урмат гьабун ригь аразул къо баркизе рач1аралъухъ рак1-рак1алъулаб баркалаги загьир гьабулаго, нижеда бич1ч1изабуна инсан бищун цеве чилъун вук1ине кколеблъи, кибго рак1 бац1ц1алъи, жавабчилъи бук1ине ккей, х1илла-рек1к1 бук1ине бегьунгут1и, маг1арул ях1-намусги, г1аданлъиги, адабги борхатго кквезе ккей.
Биччанте, Мух1амад, дуцаго абухъе, мун махулав вугелъул, махх г1адин къвак1ун ч1ун вук1ине жеги г1емерал соназ лъик1аб сахлъиялда, дурго хъизаналда ва лъималазда гьоркьов дуего бокьухъин.
Н. Г1алиева.
|