Суббота, 20.04.2024, 00:36 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 9 » БУГЕБ ЖИГАРАЛДА Х1АЛТ1АНА.
18:59
БУГЕБ ЖИГАРАЛДА Х1АЛТ1АНА.

Учителасул къоялъул х1урматалда, х1албихьиги бугев, лъималги рокьулев, лъималазеги вокьулев учителасул х1акъалъулъ хъвазеян Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалде дун щведал, гьенир х1алт1улел учительзабаз дида Х1асанов Рах1мат Х1асановна мустах1икъай йигин реццалъул раг1абазеян абуна. Дун дандч1вана Рах1мутгун, гьелдаги дидаги гьокьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.

-Рах1мат, бокьилаан лъазе щай дуца учителасул махщел т1аса бищарабали?

-Т1оцебе босани, дирго эбелалъул махщел берцин бихьулаан дида. Дун г1емер щолаан эбелалъул классалде ва щибаб гьелъул лъималаздехун гьабулеб калам, гьезул гьоркьоблъи берцин бихьулаан дида.

Хадусеб иргаялда, учителасул махщалиде, хасго математикаялде, дир рокьи базабуна дирго йик1арай математикаялъул учительница Мух1амадова Савдат Мух1амадовнаялъ ва гьелъ кьолел рук1арал гъваридал, гъорлъе раккун ургъарал, бицунелде рокьи бижизабулел дарсал берцин рихьиялъ.

-Кидал т1оцее х1алт1изе яч1арай, г1езег1ан сонал ун ратила гьелдаса нахъе?

-1980 соналъ Дагъистаналъул педагогикияб институталъул математикаялъул факультетги лъуг1изабун яч1ана дун диего г1агараб Хунзахъ гьоркьохъеб школалде х1алт1изе. Гьелдаса нахъе ана 35 сон. Х1алт1ана, т1оцебе физикаялъул, хадуб математикаялъул учительницалъун.

-Зах1мат бук1инч1ищ х1алт1изе?

-Зах1малъабаздаса х1инкъулеб хасият бук1инч1о дир т1оцебе х1алт1изе яч1араб мехалда. Гьанжего гьанже х1алт1изе яч1арай г1аданалъухъа классалъе нухмалъи гьабизе зах1малъилилан дихъе кьун бук1инч1о класс бачине. Дун ана доб мехалъ школалъул директорлъун х1алт1улев вук1арав Ниг1матулаев Х1амзатихъе, диеги класс бачине изну кьеян. Гьес дихъе кьуна нухмалъи гьабизе чи т1амич1ого хут1араб, зах1матал лъимал ругелилан рик1к1унеб цо класс. Узухъда, т1оцебе зах1малъаби г1емерал рук1ана. Дагь-дагьккун к1вана гьел къезаризе. Классалъул лъимал лъугьана дие дирго лъималг1анги хирияллъун, к1вана хехгого гьезулгун гьоркьоблъи батизеги. Амма ккун бук1ана кутакалда дир рак1 бух1араб, хадубккун дица т1ок1аб такрар гьабич1еб ишги. Дир классалда вук1ана кутакалда ч1езе к1оларев, дарс кьезе квалквал гьабулев ц1алдохъан. Классалъул нухмалъулей х1исабалда, дица г1арз бахъун бук1ана гьесул инсуде. Гьев гьес биццатаб рачлица вухун вуго. Бицунеб бук1ана медосмотр гьабулелъул гьесул мугъзада ратун рук1арал рачлил мухъазул. Гьев вас т1ок1ав дарсида вагъарич1о. Амма дица гьелдаса нахъе киданиги лъималаздасан г1арз эбел-инсуде бахъич1о. Х1алк1ун дицаго гьезулгун гара-ч1вари гьабун, гьел бит1араб нухде ц1азе х1аракат бахъана. Гьеб классалда рук1арал заг1ипал лъималги дица церехун рачана. Рук1ана г1иц1го щуйилал къиматазда ц1алулелги. Гьединайлъун кколаан т1оцебесеб выпускалдасан Х1ажиева  . К1иабилеб выпускалдасан Х1усенов Шамил, Г1алиев Мух1амад, Муталибова Шамай. Рук1ана хадусел выпусказдаги г1емерал лъик1ал ц1алдохъаби.

-Цереселги гьанжеселги ц1алдохъабазда гьоркьоб бат1алъи бугищ?

-Цере рук1арал лъимал гьанже ругезда данде ккун ц1алуда г1емерго гъира бугел рук1ана, цо к1алъазе гьарулароан учительзаби. Гьел г1емерго рук1а-рахъине лъалелги рук1ана. Гьанжесел лъимал к1ух1алал руго. Эбел-инсуца гьезие кинабго жидецаго гьабун жалго-жидедаго ч1ун х1алт1изе, ургъел гьабизе толеб гьеч1о. Умумул лъималазул лъаялда хадубалдаса, гьезул къиматазда хадур лъугьун руго.

-Дуца кинаб къимат кьолеб ЕГЭялъе?

-Рак1 бац1ц1адаб къаг1идаялъ гьабулеб бугони, ЕГЭ кьей ц1акъ лъик1 буго. Цебе ЕГЭ эбел-инсуде рехун тараб мехалда лъималазул ц1алуде кинаб бук1аниги гъира бук1инч1о. Гьезда лъалеб бук1ана эбел-инсул кумекалдалъун ЕГЭ кьеч1ого хут1улареблъи. Гьанже, ЕГЭ кьварараб къаг1идаялда гьабизе лъугьиндал, ц1алдохъабазул ц1алуде гъира балеб буго, гьез к1вараб жигар бахъулеб буго малъулеб лъазабизе.

ЕГЭ кьеялъ рес щолеб буго г1арац г1емерал гьеч1ониги, лъай бугел т1адег1анал ц1алул заведениязде рорч1изе. Гьебги дица лъик1аб рахълъун рик1к1уна.

-Лъик1аб школа кинаб гьеб кколеб?

-Лъик1аб школа-гьеб ккола лъик1ал кадраби ругеб школа. Лъималазе лъай кьолел лъик1ал учительзаби ругони, ц1алдохъабиги гьединалго церет1урал, лъай бугел лъугьуна. Лъик1ав учителас, гьаб гьабе, доб гьабеян т1ад вугев х1акимас малъич1ониги, лъималазе лъик1аб лъайги тарбияги щвеялъе кинабго жинцаго гьабула. Ургъел гьеч1ес, т1алаб гьабич1огоги тола. Мисалалъе босани, нижер школалда директорас учительзабазе эркенлъи кьола. Нижецаги кинабго, гьев гаргадизавич1ого, нижедаго к1овухъе гьабула.

-Школа лъималазейищ, лъимал школалъейищ?

-Школа рагьараб буго ц1алдохъанасе г1оло. Школа къеркьола ц1алдохъан кинабго рахъалъ цевет1уравлъун куцазе. Рокъосан щвараб тарбияги бихьич1ого хут1уларо. Учитель къеркьезе ккола кинаб ах1вал-х1алалде кканиги, ц1алдохъан бит1араб нухде вачине, г1елмуялда гуребги, рук1а-рахъиналдаги, хьвада-ч1вадиялдаги мустах1икъаб бак1 батизе гьев ругьун гьавизе. Мисалалъе босани, дир классалда йик1ана т1оцебе цадахъ ц1алулел ц1алдохъабаз рик1к1унарей, гьелгун гъорлъ жуяларей ц1алдохъан. Дица гьелъие г1илла лъазабуна ва жигар бахъана ясалъулгун гара-ч1вариял гьарун, мисалал рачун гьелда т1ад х1алт1изе. Гьабураб к1вах1 гьеч1еб х1алт1ул х1асилалда, яс рук1алиде ячине к1вана ва коллективалдаса ят1а т1ун йик1ине бук1араб г1илла лъуг1изабуна. Ясалъулги классалъулги гьоркьорлъаби лъик1лъун рач1ана.

-Рах1мат, дуца г1адатияб къаг1идаялда кьолел дарсазейищ яги гьанжесел технологиялги х1алт1изарун кьолел дарсазейищ къимат кьолеб?

-Ц1иял информациялъулгин коммуникативиял технологиялги х1алт1изарун кьолел дарсал ц1ик1к1ун лъай щолел ва рак1алда ч1олел руго. Экраналдасан кинабго бихьизабиялъ рес кьолеб буго ц1алдохъабазда к1оченч1ого бихьараб ва гьенисан бицараб мух1канго цебеч1езабизе.

-Ц1алдохъабазе бокьула г1иц1го ц1алуде гуребги, класс тун къват1ибехун гьабулеб х1алт1иялдеги к1вар кьезе…

-Бит1араб буго. Лъималазул рак1 батизабиялъе дица гьабич1еб х1алт1и теч1о. Дун ун йик1ана ц1алдохъабиги рачун Курскиялде ва цоги-цогидалги бак1азде. Ц1алдохъабазул ц1алуде гъира базабиялъе т1орит1улаан «Жея, ясал»!,  «Жея, васал»! абурал конкурсал, математикаялъул вечерал ва гьел гурел г1емерал цогидалги тадбирал.

-Учителасул х1алт1и т1аса бищиялдаса рек1екълъанищ?

-Учителасул буго баркала гьеч1еб х1алт1и. Гьесул х1алт1и бич1ч1улелги рук1уна, бич1ч1уларелги рук1уна. Амма дун йохула дида цере ц1алулел рук1арал лъимал диде раккизе рач1араб мехалда. Дие къварилъи ккараб мехалда рач1ана, дун унтараб мехалда рач1ана. Кидагоги дун ц1ехеч1ого толаро. Шапакъаталги рецц-бакъги гьадингоял жал руго, лъималазул ва лъималаздехун рокьи бук1ин буго аслияб. Гьеб рахъалъ дун пашманлъич1ин ккола.

-Рах1мат Х1асановна, баркала гара-ч1вариялъухъ. Жеги чанго соналъ сахлъиялда хут1аги, мун, г1ун бач1унеб г1елалъе тарбиягун-лъай кьеялда гьабулеб х1урматияб ишалда нахъа.

Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.

        

Просмотров: 449 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz