Автор.М.Макъсудов.Июнь 2015с.
Гьанжесеб г1елалъе бокьулеб гьеч1о боц1и-панзалъулцин т1алаб гьабизе. Г1емерисеб бак1алда тана бачазде, боц1уде ин. Телефоналги ругони, компьютералги ругони, гьезие г1олон х1алт1улел баба-дадаги ругони, лъималазе къвариг1араб жо щибха бук1инеб? Лъимал гьит1инаб къоялдаса нахъего ругьун гьаризе ккола зах1маталде. Хурзал рекьулел ругониги, ахакь, паст1абахъ х1алт1и гьабулеб бугониги гьел цадахъ лъугьун х1алт1изе т1амизе ккола, гьезда бич1ч1изабизе ккола нилъецаго г1езабураб продукциялъул г1адинаб т1аг1амги, бац1ц1алъиги базараздаги, доба-анибги г1езабураб продукциялъул бук1унареблъи. Бицен бук1ана Моч1охъ росулъ хун бук1анин г1емераб удобрениеги т1аде бан г1езабураб картошка кванараб болъонилан.