Воскресенье, 19.05.2024, 16:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июнь » 27 » НИЛЪЕР УМУМУХЪЕГО Х1АЛТ1АНИ…
18:38
НИЛЪЕР УМУМУХЪЕГО Х1АЛТ1АНИ…

Гьанжесеб г1елалъе бокьулеб гьеч1о боц1и-панзалъулцин т1алаб гьабизе. Г1емерисеб бак1алда тана бачазде, боц1уде ин. Телефоналги ругони, компьютералги ругони, гьезие г1олон х1алт1улел баба-дадаги ругони, лъималазе къвариг1араб жо щибха бук1инеб? Лъимал гьит1инаб къоялдаса нахъего ругьун гьаризе ккола зах1маталде. Хурзал рекьулел ругониги, ахакь, паст1абахъ х1алт1и гьабулеб бугониги гьел цадахъ лъугьун х1алт1изе т1амизе ккола, гьезда бич1ч1изабизе ккола нилъецаго г1езабураб продукциялъул г1адинаб т1аг1амги, бац1ц1алъиги базараздаги, доба-анибги г1езабураб продукциялъул бук1унареблъи. Бицен бук1ана Моч1охъ росулъ хун бук1анин г1емераб удобрениеги т1аде бан г1езабураб картошка кванараб болъонилан. Х1исаб гьабеха, болъоналцин холеб мехалда, г1адамазе щиб ккезе бугебали. Жидерго рокъоб, жидецаго кваназе картошка г1езабулеб бук1арабани, балаандай гьедиг1ан ц1ик1к1араб къадаралда картошкаялде т1аде удобрениеяли.

Дида рак1алда буго ламадурги бекьун, гьелда гъорлъ бугеб ч1ах1 хвезабизеян гьабураб загьруялъ кинабго ракьулъ бугебщинаб ч1ах1-хер, гьелдаго цадахъ ламадурги хвезабун бук1араблъи. Хуралъул бет1ергьанас бицун бук1ана лъабго соналъ гьеб ракьалда щибго жо бижич1илан.

Дица гьаниб цо-к1иго мисал бачун таниги, гьединал лъугьа-бахъинал г1емерал кколел руго. Гьал ахириял соназ ракьулъе лъан-лъач1ого рарал удобренияз, пестицидаз, инсектицидаз ракь чорок гьабулеб буго. Гьединаб ракьалда г1езарурал ниг1матал рук1уна бегьулелдаса чанго нухалъ нитратал, ва цогидалги инсанасул черхалъе зарал бугел загьраби гъорлъе ккарал. Цо-цо г1адамаз пакетал, пластикаялъул шушби, берцин къач1арал бат1и-бат1иял конфетазул хъалал рух1улел руго ва гьел ракьулъе кколел руго, гьезги чорок гьабулеб буго ракь. Гьеб гуребги, г1емерисел къват1исел пачалихъаздаса рач1арал ниг1матазда гъорлъ дандч1валел руго черхалъе заралиял, инсанасда бат1и-бат1иял унтаби ккезарулел, продукция хвеч1ого бук1иналъе гъорлъе журалел ароматизаторал, глюконат натрия ва гь.ц.

Гьеб киналъулго х1асилалда нилъер г1адамазда унтаби кколел руго. Хал гьабе лъималазухъ. Гьезие нилъеца кьола къват1иса пачалихъаздаса рач1арал, берцинго къач1арал упаковкабазда жанир лъурал ниг1матал. Гьезда гъорлъ ратула Е, нахъе ккарал х1укуматаздаса рит1улел продуктабазда лъолел 3 тарих.

Нилъер умумуз цо кесекцин ракьул бекьич1ого толароан. Кинабго х1алт1и гьабулаан оцалги рачун, ракал хурзабахъе раччиялдаса бахъараб т1убанго бач1ин рукъалде буссинабиялде щвезег1ан. Гьанже г1адин кинабго жо бичун базаралдаса босулароан. Гьез ниг1матал жидецаго г1езарулаан. Нилъер умумул кутакалда к1вах1-свак лъаларел рук1ана. Къоялъ колхоз-совхозалъеги х1алт1ун, моц1рол канлъухъе жидеегоги х1алт1изе унаан гьел. Х1исаб гьабуни, роол къояз, ккун к1алалгун гьеб къаг1идаялда х1алт1и-гьеб буго кутакалда зах1матаб иш.

Къо бихьун х1алт1аниги, гьез г1езарурал ниг1матал рук1ана экологияб къаг1идаялъ рац1ц1адал, черхалъе пайда-хайир ц1ик1к1арал. Умумуз бекьун г1езабулаан пурч1ина, ролъ, ц1оросаролъ, баг1аргьоло, ч1ег1ергьоло, т1ипало, неха ва гь.ц. Гьездасан х1адурарал ражи-ц1амгун, кьарияб гьангун цадахъ гьолоч1вараг1ат1ал, ц1оросаролъил г1ат1ал хинк1ал, т1ех ккола бергьун г1адамазе хайир ц1ик1к1арал ниг1матал. Кьарияб гьан белъараб гьаг1уялда гъорлъ г1ат1ахинк1алги релъинарун, нахъе хут1араб гьаг1уялда т1аде ккараб нахцин г1унуларо. Гьелъ бихьизабулеб буго гьел г1ат1ахинк1аз холестерин бидурихьазде ккезе тунгут1и, бакьал лъик1 х1алт1изарулел рук1ин.

Умумуз кидаго х1алт1изабулаан мохмох. Къойил гьеб кунел г1адамазул бадиса канлъи унароан. Мохмохида гъорлъ руго цогидал витаминазда цадахъ витамин Д. Гьеб витамин гьеч1они, чорхода кальций къабул гьабизе к1олеб гьеч1о.

Дида лъалаан щибаб къойил мохмох кунел 90-100 сон барал г1адамал, ц1оробералги рач1ого Къуръан ц1алулел, рук1к1ада кун холел. Цебе умумуз лъималазе кинидул мокъида бан мохмохил моц1у ц1унк1изе кьолеб бук1ана, гьелда гъорлъ лъималазда рахит ккеч1ого бук1иналъе витамин Д бугилан. Гьанжейин абуни, лъималазе гьеб искусственнияб къаг1идаялъ кьола.

Цебе умумузул столалдаса урбаги, хьонги камулароан. Гьеб гьез х1алт1изабулаан бидурихьал рац1ц1ад гьаризе. Хьодода гъорлъ батун буго тромб лъугьине биччалареб вещество ва гь.ц.

Гьединго умумуз х1алт1изабулаан т1и. Гьез гьеб г1умру халалъиялъул ниг1матлъун рик1к1унеб бук1ана. Т1иялъ чорхол клеткаби ц1ик1к1инарун черх ц1илъизабулеб, г1олохъанлъизабулеб буго. Ц1акъ т1аг1амал рук1унаан умумузул т1идул каршал, гурги.

Хинк1ал гурелги, гьолоч1вараб, ц1оросаролъил г1ат1ал гьарулаан корохъ режун чадал, гъорлъе мохмох ва т1ат1иги гьабун. Гьел кутакалда лазатал жал рук1унаан. Гьанжесеб торт дица гьезда данде кинго гьабуларо.

Цебе умумуз боц1иги хьихьулаан, хурзалги рекьулаан. Бук1ине кколелдаса т1ок1борч1унги х1алт1иги гьабулаан. Бук1ана замана цо хъизаналда 1 г1ака ва 5 г1иялъажо гурого пачалихъалъ хьихьизе биччаларебги. Г1емерисез гьел бат1и-бат1иязда т1адхъванги хьихьулаан. КПССалъул генералияв секретарьлъун вук1арав Н. С. Хрущевас байбихьана жидеца колхоз-совхозазда г1езарилин киналго ниг1маталилан, г1адамазул жалго бет1ергьанал маг1ишатал нахъе ккезаризе. Хадуб ккарав Л. И. Брежневасин абуни, производство данде бак1арулевилан, централиял бак1азде г1исинал росабалъ рук1арал колхозалги рехун, к1удиял колхозал г1уц1ана. Г1исинал росабалъе нухал къач1ач1о. Гьел росабалъа г1адамаз байбихьана к1удияб росабалъе, шагьаразде рахъине. Гьедин т1убараб Россиялдаго лъуг1ун ун буго 260 азарго росу.

1990 соналдасан байбихьун Россиялда, гьелде кинаб бук1аниги х1адурлъи гьеч1ониги, росдал маг1ишатал базаралъулаб экономикаялде рач1ине байбихьана. Колхозазда ва совхозазда, гьединго жалго бет1ергьанал маг1ишатазда рук1инч1о рахьдадасан ва гьанадасан продукция гьабулел цехал. Рахь кьолеб бук1ана церего рук1арал гормолзаводазде. Гьезги рахь к1ванаг1ан учузаб багьаялде гурого босулеб бук1инч1о (1 литраялъухъ 5-10 гъурущ х1исаб гьабун). Гьеб г1емерго учуз кколеб бук1ана минералияб лъедасаги. Гьелда т1адеги рахьдахъ кколеб г1арац гормолзаводаз жиндир заманалда кьоларого лъаг1елаз хут1арал лъугьа-бахъиналги рук1ана. Цо-цо мехалда рахь босулелъул гьелъул беэнлъи дагь гьабун, ц1адирабаз ц1алелъул махсароде ккунги ратулел рук1ана. Лъаг1елазги рахьдахъ г1арац кьеч1ого 1,5-2 миллион щвеч1ел колхозалги рук1ана. Гьединаб бербалагьиялъ, к1веч1о совхозаздагин колхозазда жиндир заманалда дояркабазе, боц1ухъабазе, росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазе, специалистазе мухь-харж кьезе. Дагь-дагьккун гьез байбихьана х1алт1удаса нахъе ине. Гьединан Республикаялдаго лъуг1ун ине лъугьана рахьдалал МТФял, гьединго Хунзахъ районалда маг1арухъ лъуг1ана 7 МТФ. Шотот1а росулъ бан бук1ана 200 г1ака хьихьулеб МТФ. Жиндир заманалда гьениб г1уц1араб племучеталъги, лъик1аб корма-хералъги 2000-2100 литра беч1ч1улеб бук1ана 1 г1акдадаса. Жиб-жиб къойил гьел МТФяздаса 5-7 тонна рахьдал кьолаан Г1арани бук1араб х1анил заводалде. Гьездаго цадахъ МТФял лъуг1ана гъутабаздаги.

Ричулел рук1ана газал гъорлъ ругел лълъимал. Гьелги руго г1емерал заралиял веществаби гъорлъ ругел порошокалдасан х1адурарал, жидер кумекалдалъун бат1и-бат1иял унтаби ккезе рес бугел, хасго ургьисалаби, т1ул хвезабулел. Гьабсаг1аталда нилъерго консервабазул заводалда гьарурал сокалг1ан х1инкъи гьеч1ого гьекъезе бегьулел сокал, компотал дида лъаларо. Дагьаб цебег1ан телевизоралдасан бихьизабулеб бук1ана тархун ва гьелда релъарал цогидал сокалги порошоказде т1аде ароматизаторалги гьарун х1адурулел рук1ин. Гьеб киналъго бихьизабулеб буго нилъецаго г1езабураб продукцияг1ан зарал гьеч1ел ниг1матал нилъее щолареллъи.

Гьединлъидал щибав эбел-инсуда т1адаб буго лъималазда бич1изабизе къват1исел пачалихъаздаса рач1арал ниг1матал нилъецаго г1езаруразде данде кквезе кинго бегьулареблъи. Гьединлъидал, нилъерго сахлъиги бук1ине, экологияб къаг1идаялъ рац1ц1адал ниг1маталги щвезе ккани гьит1инаб къоялдаса нахъего лъимал ругьун гьаризе ккола зах1маталде, нилъер умумузул мисалалда цебехун ине.

Нилъер маг1арухъе газ бач1ун хадуб гьелъ рес кьела г1анк1уял хьихьизе, парникал гьарун, гьенир помидорал, охцерал г1езаризе. Х1алт1изе бокьарав чиясе ресал гьанже киг1ан рокьаниги руго.

Рач1а, цого компьютераздеги руссун рук1инч1ого, нилъеего пайдаяб ишалде руссун х1алт1и гьабизин.

М. Макъсудов.     

 

 

 

 

Просмотров: 476 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz