Араб анкьалъ нилъер районалде рач1ун рук1ана Загьид Хучбаровасул нухмалъиялда гъоркь Дагъавтодортрансалъул комиссия. Гьел щвана Ч1алдаса Къороде ва Г1анцухъа Лъарат1е унел нухазде, хал-шал гьабуна гьениб кьват1елал рехараб ва ччук1арал нухлул участкабазухъ. Т1оцебе гьел щвана Гьоц1алъ ГЭСалъул х1ор ц1езабиялъул х1асилалда кьват1-кьват1ун бугеб Ч1алдаса Къороде унеб нухде. Комиссиялъул членазул раг1абазда рекъон нухлул ах1вал-х1ал лъалаго квешлъун буго. Загьид Хучбаровас бицана нух хвеялъе аслияб г1илла кколин х1орил лъеца гьеб биччизаби. Лъел гъварилъи бугила 70 м. ва гьелъ нухлул кьват1елал рехараб участок ч1еч1ого биччизабулеб бугила, гьабсаг1ат гьелде данде гьабизе к1олеб жоги щибниги гьеч1ила. Гьединго абуна нух бокьараб лах1заталъ т1ун бач1инеги бегьулилан.
Хадуб комиссия щвана Г1анцухъа Лъарат1е унеб нухда моц1г1анасеб заманалъ цебе т1ун бач1араб участкаялде. Гьениб аслияб нухги къан, хьвадизе заманаялъ бат1ияб нух рагьун буго. Жеги ч1ун гьеч1о нух ччук1и, гъун бач1унеб буго г1исинаб муг1рузулаб порода ва ч1ах1иял ганч1ал. Ах1вал-х1ал зах1мат гьабун буго гьабсаг1ат гьениб кинаб бук1аниги х1алт1и гьабун бажарунгут1иялъ, ва х1атта, лъелго хьвадулезецин гьениб х1инкъараб х1ал бук1иналъги. Х1инкъи бугеб участокалдаса хадуб данделъарал щвана заманаялъул кьо балеб бугеб бак1алде. Загьид Хучбаровасул раг1абазда рекъон гьединаб кьо бани гурони жакъа т1ок1аб бат1ияб нух гьеч1о.
Лъарат1а районалъул нухмалъулев Мух1амад Г1алихановас бицана нух т1ун бук1иналда бан гьезул районалда бугеб ах1вал-х1алалъул. Гьесул раг1абазда рекъон, гьабсаг1ат районалъул 47 росулъе нух къан раг1ула. Нух ччук1ун хадуб зах1малъаби рук1ун руго цо-цо росаби кванил ниг1матаздалъун ва дару-сабаялдалъун хьезариялъулъ, хадуб ах1вал-х1ал дагьабго лъик1лъун буго. Амма гьабсаг1атги г1адамазе зах1матго бугила хьвадизе, хасго хехаб кумек ах1ани, г1емераб мехалъ ч1езе кколел ругила гьелъухъ балагьун. Дагъавтотрансалъул кумекалде ва республикаялъул т1алъиялъул т1алабалде хьулал руго г1адатал г1адамазул. Х1акъикъаталдаги, нухал г1адамазул рук1а-рахъиналъул бидурихьал кколелъул, гьеб суал нахъ т1амун теларин ккола иш т1аде кколез.
И. Мух1амадов.
|