Воскресенье, 19.05.2024, 19:40 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июнь » 27 » РУК1АНА Г1АДАМАЛ, РУГО Г1АДАМАЛ. ГЬЕТ1АРАБ Т1ИЛИДЕ Т1АДЕГИ ВЕГУН.
18:17
РУК1АНА Г1АДАМАЛ, РУГО Г1АДАМАЛ. ГЬЕТ1АРАБ Т1ИЛИДЕ Т1АДЕГИ ВЕГУН.

Цо гьит1инаб къадаралдаг1аги, берцинаб г1умруялъул, г1ажаибав инсанасул х1акъалъулъ газеталдасан рагьизе к1ванани дун йохилаан. Исана спрелалда 90 сон бана  Бакьагьеч1иса Мусаев Сах1учица.

Антон чеховас инсанасул къват1исебги жанисебги рахъал берцинал рук1ине кколин абухъего, Сах1учил буго берцинаб г1амал-хасият, берцинаб, гъункараб хъизан-рукъ ва берцинаб херлъи. Ц1ик1к1араб ригьалде вахун вук1аниги гьаб жакъаги  гьес заман г1адада биччаларо. Сах1учица т1адч1ун гьабула Аллагьасе г1ибадат, к1удияб ригьалда вук1аниги лъазабуна  хирияб Къуръан, ц1алула динияб литература, рак1гъеялъе хьихьула чахъу-хух, г1анк1у-х1елеко.

Сах1уч вуго хъизан-лъималаз гуревги, т1олабго г1агарлъиялъ, мадугьаллъиялъ, росдал г1адамазго адаб-х1урмат гьабулев, къиматав инсан, гьев гьелъие мустах1икълъана жиндирго г1амал-хасияталъ, хьвада-ч1вадиялъ, х1еренлъиялъ, цойгидаздехун гьесул бугеб адабалъулаб бербалагьиялъ. Г1умруго г1и-боц1уда нахъа арав гьесул гьеч1о хъант1ун гьабураб маг1ишат, шагьаразда минаби, бечелъи, гьес рес бук1анги гьарич1о чияр рак1 белъулел ишал.

Мусаев Сах1уч гьавуна 1925 соналъул 12 апрелалда вехьасул хъизамалда. Гьесул эмен Муса вук1ана цойгидазги адаб гьабулев, махщел  камилав вехь. Зах1матаб бук1аниги гьесул нух т1аса бищана васасги.Х1усен Х1ажиевас  «Квартил к1ут1и» абураб т1ехьалда  ц1акъ берцинго  бицунеб буго гьесул х1алт1ул ва г1умруялъул х1акъалъулъ. Гьале гьеб очеркалъул цо гьит1инабго бут1а:

1941 сон. Сах1учица х1укму гьабуна инсул нухдасан ине ва махщел бугев г1ияхъанлъун вахъине. Мусайин абуни гьеб мехалда вук1ана х1албихьи бугев, киназго адаб-х1урмат гьабулев вехь, г1аммаб маг1ишаталъул церехъабазул цояв. Къелдерил муг1рузде – риидалил муч1дузде г1и щвезебизе живги цадахъ  вачеян инсуда г1емер гьардезе ккеч1о Сах1уч. Инсуда бич1ч1ана васасе г1иги, г1ухьбиги, гьезул зах1матаб х1алт1иги, бах1арчияб лъугьа-бахъиналъул ц1ураб г1умруги бокьизе хъин бук1ин.

- Щай дуе вехьлъи, г1азу бала, ц1ад бала, ц1алтун виччила, квачала. Рехъилъ бац1 реч1ила, гьорчо гирун бач1ина, ригь-ригьалда  кваназе хинаб квен щвеларо, рокъобго лъик1 дуе,- ян абуна цо вехьас васасда.

- Лъик1 батани, рокъов мунго вук1а, дур т1ил дихъе кье,- ян жаваб кьуна Сах1учица вехьасе. Киналго релъана. Х1укму ккана г1олиласул мурад т1убазабизе. Кьуна гьесухъе гьет1-гьет1араб т1ил. Сах1учил рак1бац1ц1адаб хъулухъ к1одо гьабуна  х1укуматалъ. Гьесие 1947 соналъ кьуна  «За доблестный труд в Великой Отечественной войне 1941-1945 г.» медаль, 1978 соналъ щвана  Зах1маталъул Реццалъул III – леб даражаялъул орден, 1974 соналъ – Верховный Советалъул  Х1урматияб грамота. 1975 соналъ Сах1уч г1ахьаллъана Москваялда т1обит1араб СССРалъул ВДНХялда росдал маг1ишаталъул церет1еял рихьизарураб  выставкаялда. «Дагъистаналъул мустах1икъав г1ияхъан» абураб т1адег1анаб ц1ар Сах1учие кьуна 1985 соналъ, хадуб гьев вахъана зах1маталъул ветеранлъун.

Сах1учил буго гъункараб, цоцалъ рекъараб берцинаб хъизан. Гьес ва г1умруялъул гьудал Чакарица г1езаруна 2 яс. Цояй Пат1имат ккола юкъарухъан, цойгидай яс – Хатимат йиго лъималазул тохтур. Гьезул руго  лъимал ва лъималазулги лъимал.

Сах1уч кидаго вук1ана ва вуго жиндирго хъизан-лъималазул гуребги, вац-яцалъул, г1агарлъиялъул т1алаб-агъаз гьабулев, киназдаго квер ч1валев, кумекалъе ватулев х1ажатав, амма жинцаго гьабураб лъик1лъиялдаса, ч1ух1уларев, г1адатияв инсан.

Сах1учил 90 сон т1убаялъул юбилей к1одо гьабуна т1олабго г1агарлъиги данделъун. Дир хирияв имг1ал Сах1учил  гьайбатаб юбилеялде дица  хъвана цо чанго коч1ол мухъги.

Г1умруго дура на х1алт1уда нахъа,

Ц1оралъул муг1рулги кьарияб г1иги,

Гъутан-утаралъул г1иял къаваби,

Г1ухьбузе бицунеб гьуинаб раг1и.

Хабар-калам къокъав, х1алт1и г1емерав

Х1алхьи жинда лъач1ев г1адатав инсан.

Ч1ух1а-къули гьеч1ев, адаб ц1ик1к1арав,

Росулъго рекъарав, кьибил ч1ух1арав.

Гьоболги г1емерав, сурпаги ризав,

Кьолбода квер ч1валев, х1еренав даци.

Паврузат Мусаева, Бакьагьеч1и росу.

Просмотров: 492 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz