Автор.Н.Г1алиева.Июнь 2015с.
Г1адамазулго г1адал, бат1и-бат1иял унтаби рук1унел руго х1айваназулги. Гьезиеги заманалда даре-сабаб гьабич1они, кколел руго гьел хвеялъул х1ужжабиги. Тохтурас инсан сах гьавулев ватани, ветеринарияв врачас инсаниятго сах гьабула. Гьеб сах гьабизе ккани, нилъее х1ажалъула лъик1аб лъайги, махщелги бугел ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъаби.Ругищха гьел нилъер районалда? Руго. Гьез жидедасан бач1анщинаб гьабула унти загьирлъизабиялъе, гьелъие бук1ине кколеб дару-сабаб гьабиялъе. Гьал къояздаги ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъаби руго г1уц1араб къаг1идаялда, унтаби загьир гьаризелъун, боц1удаса би бахъулел, бат1и-бат1иял унтабазде данде прививкаби гьарулел. Киг1анго – кин бугониги, боц1уда унти ккеч1ого, дагьалниги камиял ккеч1огоги хут1улел гьеч1о. Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабулеб районалъул ветеринарияб управлениялъул начальникасул заместитель Шамхалов Т1алх1атилгун.