Воскресенье, 19.05.2024, 19:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июнь » 19 » Ц1УНЕ ХАРИЛ УНТИЯЛДАСА!
19:09
Ц1УНЕ ХАРИЛ УНТИЯЛДАСА!

Г1адамазулго г1адал, бат1и-бат1иял унтаби рук1унел руго х1айваназулги. Гьезиеги заманалда даре-сабаб гьабич1они, кколел руго  гьел хвеялъул х1ужжабиги. Тохтурас инсан сах гьавулев ватани, ветеринарияв врачас инсаниятго сах гьабула. Гьеб сах гьабизе ккани, нилъее х1ажалъула лъик1аб  лъайги, махщелги бугел ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъаби.

Ругищха гьел нилъер районалда? Руго. Гьез жидедасан бач1анщинаб гьабула унти загьирлъизабиялъе, гьелъие бук1ине кколеб дару-сабаб гьабиялъе. Гьал къояздаги ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъаби руго г1уц1араб къаг1идаялда, унтаби загьир гьаризелъун, боц1удаса би бахъулел, бат1и-бат1иял унтабазде данде прививкаби гьарулел. Киг1анго – кин бугониги, боц1уда унти ккеч1ого, дагьалниги  камиял ккеч1огоги хут1улел гьеч1о.  Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабулеб районалъул ветеринарияб управлениялъул начальникасул заместитель Шамхалов Т1алх1атилгун.

- Гьаб ахираб заманалда дандч1валеб буго нилъеца харил унтиян абулеб, г1елмуялда «пироплазмоз» абун хъвараб боц1ул тату хвезабулеб, дару-сабаб гьабич1ого тани, гьел хвалдецин рачунеб квешаб унти.  Бокьилаан кин унти багъарулеб, гьелъул г1аламатал  киналали бицани.

- Пироплазмоз – ккола зах1матго боц1и унтизабулеб, циндаго гьелъул ц1а-кан  бахинабулеб, би дагьлъизабулеб, гьанада т1огьилаб кьер  ч1вазабулеб рек1елгун-мащабазул, квен бих1инабулеб ва нервабазул системаби унтизабулеб квешаб унти. Гьеб ккола  ниг1матаздалъун, ай «клещ»-илан абулеб цо  занкияб  рух1ч1аголъиялъ х1анч1ун хадуб лъугьунеб унти.

- Кибг1аги гьединаб заралияб рух1ч1аголъи бук1унеб?

- Клещ  нилъеда дандч1вала лъик1аб регьелги бугел регуларел, рекьуларел хурзабахъ, харибак1азда, хер г1емераб яги рохь бугеб бак1азда. Гьединлъидал пироплазмоз ккола  заманалъулаб харибак1азул унтилъун.

Унти багъарула ихдал, риидал ва хаслихъе. Т1оцебе гьеб баккула апрель-май моц1азда хаселалъ хвеч1ого ракьулъ хут1ун рук1арал нуг1аз ханч1ун хадуб. Заманаялъ унти дагьабго  г1одобцуна. Гьеб данде ккола рехсарал нуг1аз х1анч1араб бак1алда лъурал  ханаздасан  ц1идасанги х1апараби ва гьелги ц1иял нуг1ал лъугьинег1ан заман. К1иабилеб нухалда унти багъарула июлалда цебеккунго  х1апарабаздасан  лъугьарал  клещаз х1анч1ун хадуб.

Лъабабилеб нухалда унти багъарула августалъул ахиралда, к1иабилеб нухалда рахъарал х1апарабаздасан лъугьарал клещаз х1анч1ун хадуб.

Харибак1алда гурел, бокьор  ч1езарурал х1айваналги унтизе бегьула, гьезие бараб харида цадахъ клещал бокьоре ккун рук1ун ратани.

- Унтараб х1айваналъул кинал г1аламатал рук1унел?

- Клещалъ х1анч1аралдаса унти загьирлъизе бала 14-24 къо. Унти загьирлъараб т1оцебесеб сордо-къоялда жаниб боц1ул ц1а-кан бахуна 41- 42,4 градусалде щвезег1ан ва гьедин хут1ула унти нахъ  ч1вазе дару-сабаб гьабизег1ан. Унтараб боц1и т1аде балагьун бук1уна беч1ан, г1одор рук1аралъуса т1аде рахъине к1оларого ва бокьуларого, канлъудаса бец1лъуде ине къвариг1ун. Кваналаро, амма лъим гьекъезе ц1акъ бокьула. Г1ачиязул цинт1аго рахь къуна, х1ухьел хех гьабун босула. Боц1ул берал т1оцебесеб 2 къоялда жаниб баг1арлъун рач1уна, хадуб т1огьилкьералде  сверула.

Унтун  2 къо ун хадуб унтул г1аламатал ц1акъго лъик1 загьирлъула. Боц1уца бет1ер г1одобе дализабула, бадиса маг1у чвахула.  Квен квинего кунаро. Т1оцебе к1варщул кьер т1огьилаб бук1уна, хадуб 2-леб, 3-леб къоялде баг1араб кьералде сверула ва ч1араб саг1ат гьеч1ого к1урщудизабула.

Унти 3-4 къо бан хадуб, х1айван ц1акъго къадарлъула, г1одоб бук1аралъуса т1адего бахъунаро, квен кваналаро, саби къерщезарула, мац1алъул хъах1т1огьиллъараб кьер лъугьуна. К1варщ бец1баг1араб  кьералде сверула. Гьеб къаг1идаялда г1ака хут1ула 5-7 къоялъ. Дару гьабич1ого хут1ани, гьелдаса хадуб гьеб раг1алде бак1арун хола. Хвелалде цебе маг1арзул къалахъан бач1унеб бук1уна полоп, бохдул, х1ат1ал т1уранго рилъунарого ккун  хут1ула.

- Боц1уда гуреб, чахъабазда, ц1аназда лъугьунищ гьединаб унти?

- Гьелги унтула.  Гьезда х1анч1аралдаса унти  загьирлъизе бала 9-14 къо. Унтараб г1иялги ц1а-кан бахуна 42,2 градусалде щвезег1анцин г1одор регаралъуса т1аде рахъине к1оларого хут1ула, х1ухьел хехлъула, квен ва лъим унтул байбихьудасан гьекъани гурого, гьекъоларо, берзул кьер т1огьиллъиялде сверула. Гъиз  сварараб, х1ац1уг1адаб хъал т1ад лъугьараб бук1уна, ц1акъго зах1матго унтун бугони, бидул кьералде сверула, к1варщ х1абургъараб бук1уна. Ц1аназул унти халат бахъуна 3-7 къоялъ ва церехунго рехсаралг1адал  г1аламатал лъугьун ругони, дару-сабабги щвеч1они, гьезул 60-80 проценталъниги  хола.

- Г1адамазда гьоркьоб хабар буго цо  кисаялиго рач1ун рук1ун ругин харил унтиялъ унтараб боц1и. Гьездасан бахун бугин гьеб нилъер аниб бугеб боц1удеян. Дуца гьелда хурхун щиб абилеб?

- Дица абила, гьеб бит1ун гьеч1илан.  Харил унтиялъ унтараб х1айваналдасан гьеб цогиялде бахине кинго рес бук1унаро. Гьеб буго, цебехун рехсовухъего г1иц1го нуг1алъул (клещалъул) кумекалдалъун т1ибит1улеб унти. Бица-бицаралда божизе бегьуларо. Цебе гьединаб  унти нилъер  аниб бук1инч1о. Гьанже гьава-бакъ хисун  бук1иналда бан, хасало г1емер ц1орой ккеч1ого, риидал бух1араб бакъ бук1ун нуг1алъе хвеч1ого  бук1иналъе лъик1ал шарт1ал кколел руго.

- Бицунеб буго унтараб боц1и нужеца цо нухалъ уколги гьабун, т1ок1аб т1алаб гьабич1ого толилан. Гьеб бит1араб бугищ?

- Дару-сабаб гьабула  боц1ул унтиялъул зах1малъиялъухъ хал гьабун.  Дагьа-макъаб гурого унтун гьеч1они, цо нухалъ укол гьабун тола. Ц1ик1к1ун унтаралъе дагьалги процедураби гьарула.

- Кинаб дару-сабабха гьединаб боц1уе  гьабизе кколеб?

- Унтараб боц1уе гьарула гьадинал уколал: азидин, дац, неозидин, беренил ва цадахъго  кофеиналъул 20 проценталъулаб лъамалъи. Лъик1аб буго чемерица кьезеги. Унтул  зах1малъиялъухъ хал гьабун, венаялда жанибе биччала глюкоза ва хлористый натрий.

Анкьк1ач сварич1ого бук1ине кьола г1аракъи, ц1ек1аб риди, чемерица.

Унти багъарич1ого бук1иналъе лъик1аб буго зама-заманалдасан боц1и бат1и-бат1иял хари бак1азде кваназабизе бачине. Щибаб 15-20 къоялда жаниб чуризе.

- Бокьилаан мух1кан гьабуни, дару-сабаб ветеринарияв специалистасищ гьабулеб яги боц1ул бет1ергьанасищ?

- Унтараб боц1уе диагноз лъезе  ва гьелъие кинаб дару-сабаб гьабилебали бицине ах1изе ккола ветеринарияв специалист. Гьес гьарула ккани, уколалги , ккани дарабиги. Гьесул малъа-хъваял т1уразарич1они, г1айиб бет1ергьанасда гуреб, врачасда бук1инищха.

- Дару-сабаб лъица босулеб? Гьеб гьабуралъухъ г1арац босулищ?

- Унтараб боц1уе дару гьабизе дарманал боц1ул бет1ергьабаз росизе ккола.

Макъала хъвалелъул, дир гара-ч1вари кканахарил  унтуца боц1и унтарал росдал г1адамазулгун. Гьез  рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабулеб бук1ана кидал х1ажалъаниги, заман ц1ехеч1ого кумекалъе ратулел  киналго ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъабазе. Хасго дирго рахъалдасан баркалагун цадахъ сахлъи, рохел ва халатал соназул г1умру гьаризе бокьун  буго бет1ералда ветеринарияб управлениялъул начальник Г1амирханов Хъарачуда, цадахъ кумекалъе ратулел Х1усенов Х1усение,  Малачиев Мух1амадие, Х1ажиев Х1амзатие, Г1умаров Мирзаев, гьанжего  гьанже х1алт1уде вач1арав вук1аниги, к1вах1-свак лъач1ого  ах1аралъуве вач1унев г1олохъанав специалист Гьит1инавасов Мух1амадие, Гъарзимирзоев Мух1амадие, Макъсудов Г1арипие, Сулейманова Хатиматие.

Нужер киназулго гьабулеб данде билъайги, рак1алда ругел мурадал т1урайги.

Н. Г1алиева.

 

 

 

Просмотров: 688 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz