Санайилго г1адин, гьале исанаги лъималазул ва учительзабазул к1удияб г1ахьаллъигун т1обит1ана нижер Х1ариколо школалда ихдалилаб спартакиада. Гьенир г1ахьаллъана 1-11 классазул киналниги ц1алдохъаби. Т1орит1изе ругел спорталъул тайпабазул бихьизабураб программа цебеккунго къват1иб ч1ван бук1ана ва щибаб классалъ гьелъулгун лъай-хъвайги гьабун бук1ана.
Т1оцебесеб къоялдаса нахъего къецал рук1ана х1алуцарал. Щибаб тайпаялда жиб-жиб классалъул ц1алдохъанас х1аракат бахъулеб бук1ана жиндирго команда цебе бачине ва лъик1ал х1асилал рихьизаризе.
Гьел х1алуцарал къецазулъ байбихьул классазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 ккуна 4 классалъул ц1алдохъабаз, 5-7 классазул ц1алдохъабазда гьоркьоб бергьенлъи босана 6 классалъ, 8-10 классалъул ц1алдохъабазда гьоркьоб бергьана 10 класс.
Къецазда бергьенлъи босарал ясазе ва васазе, гьединго классазе кьуна грамотаби.
Исана, хас гьабун ч1езабун бук1ана школалдаго «бищунго лъик1аб спортивияб класс» абун ц1ар тараб хьвадулеб кубокги. Гьаб ц1алул соналъ киналго х1асилалги данде росун, т1оцебе гьеб кубок босана 6 классалъул ц1алдохъабаз.
Гьаниб хас гьабун абизе бокьун буго 6 классалъул ва гьезул классалъул руководитель Мух1амадова Пат1иматил х1акъалъулъ. Нижер школалда ва школа тун къват1ибехун т1орит1ула г1емерал бат1и-бат1иял тадбирал. Гьел киназулъго жигараб г1ахьаллъи гьабуна 6 классалъул ц1алдохъабаз ва киналдаго хадуй ч1ун, т1алаб-агъазалда, гьезда цадахъ йик1уна Пат1иматги, лъималазул рохелги пашманлъиги бащад гьабун бикьула гьелъ. Гьединайлъун йик1ине гьелъиеги ва гьей йохизайизе лъималазеги сахлъи, рохел ва хадубккунги цебесеб кьерда рук1ине тавпикъ кьеги гьезие.
Рехсезе бокьун буго гьединго, лъик1ал х1асилал рихьизарурал ц1алдохъабиги. Анц1абилеб классалъул ц1алдохъан Г1абдулкъадиров З. мустах1икълъана «лъаг1алил бищунго лъик1ав спортсмен» абураб ц1аралъе ва школалъул дирекциялъул рахъалъан хасаб грамотаялъеги.
1-4 классазда гьоркьор лъик1аздасан лъик1аллъун рик1к1ана Х1айбулаев З. ва Дибирова Х., 5-7 класазда гьоркьор-Мух1амадов М. ва Г1абдулаева П., 8-10 классазда гьоркьор Г1абдулкъадиров З. ва Батирханова П.
Х1анапиев Мух1амад, Х1ариколо гьоркьохъеб школалъул учитель.
|