Нужер щивасе халлъулеб батила, х1урматиял газета ц1алулел, республикаялда щибаб къойил г1адин рагьулел ругел медицинаялъул централ. Иргадулаб сахлъи ц1униялъул г1уц1и рагьиги бегьулаан щибаб къойилаб, г1адатияб х1ужжалъун, цо «ва амма» гьелда гьоркьоб бук1инч1ебани.
Жакъа дица бицен гьабулеб бугеб централда буго бокьараб больница, к1удияб сахлъи ц1униялъул г1уц1и рух1даллъизе бач1унеб г1адаб оборудованиялдалъун ва тохтурзабаздалъун хьезари. «Здоровая нация», ай «Сахаб миллат» буго гьеб централъул ц1арги, ах1иги, х1алт1улъ цебе лъураб масъалаги. Шагьар бакьулъ (Шамилил къват1, 55 Д) бугеб, берцинаб, къач1араб мина, т1аде рак1 ц1алеб персонал. Г1адамазе санаг1алъи бугеб х1алалъ г1уц1ун буго централда х1алт1улаб графикги – радал саг1ат 8-ялдаса къаси саг1ат микьго т1убазег1ан, ай жиде-жидер х1алт1ул къо лъуг1идалцин рач1унел руго гьанире г1адамал. Гьанир руго МРТ – кабинет, маммография ва тарихалъулаб рентген гьабулел аппаратал. УЗИялъул кабинеталда буго «Voluson» ц1ар раг1араб установка. Т1улал сурат (сканирование) гьабулеб аппараталъин абуни, рес кьолеб буго цудунго цирроз унти загьир гьабизе. Централъул киналго тохтурзабаз статировка т1обит1ун буго Москваялда ва къват1исел улкабазул клиникабазда. 6 УЗИялъул тохтур х1алт1улев вуго УЗИ – диагностикаялъул кабинеталда. Гьеб отделениялъул заведующая йиго нилъер районцояй, лъик1ай специалист Ц1адаса Патах1ова Сидрат Каримовна.
Клиникабазда гьединго буго бат1и-бат1иял хъулухъал жиндица халкъалъе гьарулеб хирургиялъулаб отделение. Гьенир гьарулел руго чехь-бакьалъул, малый тазалъул лугбазда хурхарал операциял, х1атта эндоскопалъулаб къаг1адаялъцин. Масала, ццидал къвач1аялдаса ганч1ал нахъе инариялъул операция медицинаялъул г1елмабазул доктор З. С. Мехтихановас т1обит1улеб буго нахъисеб къоялъго пациент рокъове виччазе рес кьолеб оборудованиялда!
Гьеб унти бихьиразда лъалеб батила, киг1ан зах1матго х1ехьолеб унти кколеб мугъзагьодида грыжа бижияли?! Гьаб соналъул маялда клиникаялъ босун буго «С-дуга» аппарат гьелда т1ад нейрохирург М. Н. Г1абдулаевас дурусго ва рентгеналъулаб халгьабиялда гъоркь щибаб къойил г1адин нахъе къот1улел руго грыжаби. Х1алт1изабулеб буго «Сахаб миллаталда» бох-квер бекарал пациентазе, иллизаровасул аппарат х1алт1изабич1ого, ц1ияб сах гьариялъул методикаги. Травмотолог Э. З. Шамадаевас т1адег1анаб даражаялда г1уц1ун буго гьеб х1алт1и. Г.Н. Эмировас лазералъул аппараталда сах гьарулел руго бохдузул варикоз, гемморой г1адал унтаби. Гьединго лазералдалъун суннат гьаби, лъималазул ЛОР – органал сах гьариги т1обит1улеб буго гьаниб. Лъималазе централъ гьарулел хъулухъазул бицен ккедал, абун телин, гьанибго х1алт1улеб буго т1адег1анаб категориялъул тохтурзаби жанир х1алт1улеб лъималазул поликлиникаги. Жеги г1емераб бицинеги хъвазеги бокьун бугоан дие гьеб сах гьариялъул г1уц1иялъул х1акъалъулъ. Амма бицаралдаса бихьараб лъик1аб бук1унелъул, цойги нухалъ рехсон тела нужее гьеб централъул адрес: Мах1ачхъала шагьар, Шамилил къват1, 55 д.
Ва, аслияб! Аби бугелъул ицц бет1ералдасан т1ок1к1унин, нилъер г1аммаб рохалие, «Сахаб миллаталъул» бет1ерлъуда йиго нилъер ракьцояй, эбел-инсудасан ирсалъе тохтурлъиялде рокьиги бажариги жиндихъе щварай – Т1ануси росулъа Г1абдулпатах1ова Эльмира Жамалудиновна. Централъе цебет1ейги, нужее сахлъиги гьарулаго газеталъул редактор
Ф. Мух1амадова.
|