Октябралъул революция ккун т1оцересел къояз г1уц1ана Россиялъул милиция. Т1олго Россиялдаго г1адин, гьел соназ Дагъистаналдаги т1ибит1ана такъсирчилъи, шагьараздаги росабалъги рах1ат хвезабулеб бук1ана бикъа-хъамиялъ ва гъачагълъиялъ. Къоябилел соназ ц1акъго зах1матаб х1ал бук1ана Дагъистаналда. Г1олохъанаб республикаялда данде ч1араз жигар бахъулеб бук1ана т1олабго халкъалъул рук1а-рахъин жидерго кверщаликье бачине. Гьединаб зах1малъиялде ккараб Дагъистаналда бищун цебе ч1араблъун лъугьана гъачагълъиялде, ч1вадарухъабазде, ц1огьазде, ай т1олабго такъсирчилъиялде данде рагъ гьаби.
|
Автор.Н.Г1алиева.Июнь 2015с.
Жеги школалдецин инч1ей дида, ясли-ахалъул г1умруялдасанго лъалаан Сидрат Мажидова. Лъалаан гьелъ лъималазе пасих1го, роц1араб гьаркьидалъун ах1улел куч1дуздасан. Сидратица радиоялдасан ах1улаан «Дир г1адинаб бурут1 лъилго бугебдай, лълъурдулги магьидул расги меседил … Ахиралда бурт1ие къимат кьун бахъун хадуб, г1одулеб хвелалда, гьелъ ах1улаан «К1велебищха, дада, дуда гьеб хъвезе,»- ян. Доб коч1ол гьаракь гаьбсаг1атги бук1уна дир г1ундузда багъулеб. Унго, гьелъ гьабулеб бук1араб асар черхалъе. Ниж, г1исинал ясал гьелъухъегойилан рук1унаан гьеб кеч1 ах1улел. Хадуб дагь-дагь ккун сонал аниги, Сидрат нижеда к1очон теч1о.
|
Автор.Мадинат Х1ажиева.Июнь 2015с.
Гьанжег1агар Хьиндахъ библиотекаялда т1обит1ана Ват1анияб рагъ лъуг1аралдаса 70 сон т1убаялъул х1урматалда г1уц1араб вечер. Рагъул кьог1лъи бихьарал ветеранал нахъе хут1ун гьеч1ониги, гьеб вечералде ах1ун рук1ана ветераназул лъимал-ирсилал.
|
Автор.Н.Г1алиева.Июнь 2015с.
Библиотека гьеб ккола г1елмуялъул рукъ, пикрабазул, лъик1лъиялъул ва лъаялъул гъамас. Гьенибе бокьараб заманалда ине бегьула х1ажатал баяназда хадур, лъай борхизабизе. Библиотекаялъул т1ахьал гьеч1ого, гьенисан лъай босич1ого цониги чиясда к1оларо цевехун ине. Ахираб заманалда информациялъулалгин коммуникативиял технологиял г1емерлъун рук1аниги, т1ехь сунцаниги хисуларо. Т1ехь кодобе босараб мехалъ гьабулеб г1адаб асар сунца гьабулеб? Гьеб хисизе к1оларо телевидениялда, я компьютералда, я интернеталда.
|
|