Библиотека гьеб ккола г1елмуялъул рукъ, пикрабазул, лъик1лъиялъул ва лъаялъул гъамас. Гьенибе бокьараб заманалда ине бегьула х1ажатал баяназда хадур, лъай борхизабизе. Библиотекаялъул т1ахьал гьеч1ого, гьенисан лъай босич1ого цониги чиясда к1оларо цевехун ине. Ахираб заманалда информациялъулалгин коммуникативиял технологиял г1емерлъун рук1аниги, т1ехь сунцаниги хисуларо. Т1ехь кодобе босараб мехалъ гьабулеб г1адаб асар сунца гьабулеб? Гьеб хисизе к1оларо телевидениялда, я компьютералда, я интернеталда.
26 маялда нилъеца к1одо гьабула Т1олгороссиялъул библиотекабазул къо. Баркиялъулаб к1алъайгун данделъаразда цее яхъана районалъул культураялъул отделалъул начальник Ирайгьанат Мух1амадова. Районалъулго библиотекабазул к1варалъулги бицун, гьелъ к1алъазе раг1и кьуна райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Батиров Саг1адулагьие. Гьес рак1-рак1алъ баркана киналго г1одор ч1аразда гьезул профессионалияб байрам. Х1алт1улъ цебехъанлъи бихьизабуразе Саг1абулагьица кьуна Реццалъул грамотабиги.
Библиотекаялъул цевегосев гьудул, Г1арани рагъулабгин-спортивияб лицеялъул тарихалъул учитель Г1алибег Хъазанбиевас к1удияб къимат кьуна т1ехьалъеги, т1ехь жаниб ц1унулеб библиотекаялъеги, гьенир жанир х1алт1улел, кида х1ажалъаниги кумекалъе ратулел библиотекаялъул х1алт1ухъабазе.
К1алъазе рахъарал райадминистрациялъул бет1ерасул г1акълучаг1и Г1абдулпатах1 Х1амзатова, Г1умар Г1аммаевас, Федералияб Казначествоялъул, Хунзахъ бугеб отделениялъул х1алт1ухъан Пат1имат Х1айбулаевалъ, районалъул культураялъул рукъалъул директор М. Гьит1иновас ва гьел гурел г1емерал цогидазги жидерго профессионалияб байрам к1одо гьабулел ва г1адамал разилъуледухъ х1алт1и цебехун бачунел районалъулго библиотекаялъул х1алт1ухъабазе баркиялда цадахъго рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна. Хасго г1одорч1аразе к1удияб асар гьабуна районалъулго жамг1ияй х1аракатч1ужу, билиотекаялъул божарай гьудул Умужат Ахъбердиевалъ ц1алараб жинцаго библиотекаялъе сайигъат гьабураб кеч1алъ.
Маданият цебе т1езе гьабизе,
Библиотекаялъ хасаб бак1 ккола,
Халкъалъе лъай щолел тадбиразда гъорлъ
Гьудуллъун батула бокьараб мехалъ.
Гьенире рач1уна г1елму ц1ализе
Ч1ах1иял, г1исинал, херал, бах1арал.
Цебе бук1арабги, гьанже бугебги
Рук1а-рахъиналъул бицуна гьениб.
Кинал рук1аниги дур суалазе,
Жавабалъул гъамас – библиотека,
Дуе пайда бугеб литература
Бокьухъин батизе ресалги гьанир.
Гьанир жанир ругел х1алт1ухъабазе
Гьарула нижеца талих1гин рохел,
Ракълилаб яшавги, лъик1аб сахлъиги,
Х1алатаб г1умруги, талих1-рохелги.
Библиотекаялъул х1алт1ухъабазул рахъалдасан к1алъарал Сивухъ ва Мущули библиотекабазул заведующиял Х1айдарова Загьраца, Мух1амадова Пат1иматицаги киналго библиотекаразул ц1аралдасан кидал х1ажалъаниги жидеда аск1ой ч1ун бажарарабщинаб кумек гьабулей, жидер рахъ ккун к1алъалей, х1ажат т1алаб гьабулей ЦБСялъул директор Гьиматова Пат1иматие реццалъул раг1абиги абун кеч1 сайигъат гьабуна.
Библиотекаразул байрам ана кванил ниг1матаз бечед гьабураб столалда нахъа цоцада рич1иялъулаб ах1вал-х1алалда.
Н. Г1алиева.
|