Воскресенье, 19.05.2024, 17:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июнь » 5 » РАГЪУЛ СОНАЗУЛ ЛЪИМАЛ К1ОДО ГЬАРУН.
22:10
РАГЪУЛ СОНАЗУЛ ЛЪИМАЛ К1ОДО ГЬАРУН.

Гьанжег1агар Хьиндахъ библиотекаялда т1обит1ана Ват1анияб рагъ лъуг1аралдаса 70 сон  т1убаялъул х1урматалда г1уц1араб вечер. Рагъул кьог1лъи бихьарал ветеранал нахъе хут1ун гьеч1ониги, гьеб вечералде ах1ун рук1ана ветераназул лъимал-ирсилал. Рук1ана вечералда т1аде ах1арал гьалбалги: школалъул директор Мух1амадов Мух1амад, росдал бегавул Мух1амадов Мух1амад ва росдал клубалъул директор Сайгид Х1адисов. Вечералде ах1арал руччабазда гьоркьор рук1ана инсул гьумер лъаларел, рагъдаса дадаял т1ад руссинч1ел ясал. Г1усманова Хатиматил эмен Г1усман т1аг1ана рагъда, гьей хут1ана г1умруялда жийго яц-вац гурей, херай эбелалъ хьихьун г1урай г1адан. Г1алиева Пат1иматилги вуссинч1о эмен, амма гьелъул рак1 гъезе вац-яц рук1ана, ракъи-къеч лъазе теч1ого хьихьана эбелалъ.

Гьеб вечералда йик1ана киназдасаго къваридай, пашманай, г1адан-Пат1имат Салах1удинова. Гьелъ 3 моц1 байдал 1941 соналъ ун вуго эмен рагъде, гьев т1ад вуссинч1о. Эбелги гьелъ 5 сон байдал къадаралде щун, хут1ула т1убанго бесдалайлъун, ункъг1алалъ хьихьун. К1алъазе раг1и кьедалги гьелъ ц1акъ пашманго абуна к1иго-лъабго раг1и.  Ункъг1алалъ бицунаанила къват1иве лъугьунев инсуца кинидал мокъги ккун т1адеги къулун абунила рихьиладай т1ок1алъ нилъ цоцаздаян. Киналго бадиб маг1уги хулун ралагьана гьелъухъ, рохун рук1арал лъималазулцин гьурмадаса гьими т1аг1ана. Пат1иматида бихьун буго г1емер г1акъуба, унта-щокълъи. Гьей йиго т1алабалъе цевесев чи гьеч1ей г1адан ва гьединал ц1ехолел гьеч1илан бук1уна кидаго гьелъул рек1ел пашманлъи.

Лъималаз рик1к1ана, ах1ана куч1дул, х1ана рагъулъ лъукъун холев солдатасул х1акъалъулъ сценка.

Гьезда рохелги пашманлъиги жубараб дандеруссин баркана школалъул директорас ва росдал бегавулас. 70 сон аниги к1очон гьеч1о гьеб бихьаразда рагъул кьог1лъи. Ракъи-къеч, гьеб лъималазда бихьизе теларин рачел черхалдаги къан бихьиназулабги гьабун г1умру нухда бачарал руччабазе рецц.

Библиотекаялда гьабураб вечер лъуг1ун хадуб росулъ цох1о хут1арав ветеран Камил Х1адисовасухъеги щвана лъималгун цадахъ библиотекаялъул заведующая. Цо къоялъг1аги жал ц1ехарай, т1ок1азда рак1алде щвеч1ониги, гьеб къоялъг1аги бух1араб чай жидее кьурай Мадинатие баркала загьир гьабуна руччабаз ва вечералъул г1ахьалчаг1аз. Цоцаздехун гьаруна баркиял.

Киназего сахлъи, халатаб г1умру, кинабго лъик1абщинабги гьарулаго Мадинат Х1ажиева.

Просмотров: 900 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz