Воскресенье, 19.05.2024, 17:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июнь » 5 » «Я, АЛЛАГЬ МАГ1АРУЛАЗ Х1ЕТ1 Ч1АНЩИНАЛЪУЛ Т1УГЬДУЛ РИЖАГИ»
22:17
«Я, АЛЛАГЬ МАГ1АРУЛАЗ Х1ЕТ1 Ч1АНЩИНАЛЪУЛ Т1УГЬДУЛ РИЖАГИ»

Жеги школалдецин инч1ей дида, ясли-ахалъул г1умруялдасанго лъалаан Сидрат Мажидова. Лъалаан гьелъ лъималазе пасих1го, роц1араб гьаркьидалъун ах1улел  куч1дуздасан. Сидратица радиоялдасан  ах1улаан «Дир г1адинаб бурут1 лъилго бугебдай, лълъурдулги магьидул расги меседил … Ахиралда бурт1ие къимат кьун бахъун хадуб, г1одулеб хвелалда, гьелъ ах1улаан «К1велебищха, дада, дуда гьеб хъвезе,»- ян. Доб коч1ол гьаракь гаьбсаг1атги бук1уна  дир г1ундузда багъулеб. Унго, гьелъ гьабулеб бук1араб асар черхалъе. Ниж, г1исинал ясал гьелъухъегойилан рук1унаан гьеб кеч1 ах1улел. Хадуб дагь-дагь ккун сонал аниги, Сидрат нижеда к1очон теч1о. Авартеатр росулъе бач1ин, гьеб бук1унаан г1исиназеги, ч1ах1иязеги к1удияб рохеллъун. Хасго Сидрат  Мажидова гъорлъ йигони, к1иц1улго рохеллъун. Кинаб тестр росулъе бач1аниги, гьелде унаан. Сидратги дунги данд ч1ван рук1ана чанги берталъ, банкетазда. Амма гьаб нухалда г1адаб гара-ч1вари цониги нухалда ккун бук1инч1о. Гьаб бук1ун буго дидаги, гьей мунагьал чурадидаги гьоркьоб ккараб ахирисеб гара-ч1вари. Дунги гьейги данд ч1ван рук1ана Мах1ачхъалаялда Авартеатралъул минаялъуб Сидратил кабинеталда халкъазда гьоркьосеб  рахьдал мац1алъул къо к1одо гьабун т1обит1улеб данделъиялдаса хадуб. Ахирисеб нухалда бук1ун буго Сидратица  санитаркаялъул роль х1алеб «Булбулалъул кеч1» абураб спектаклялда дун г1ахьаллъарайги. Т1оцебе дица гьелда гьикъун бук1ана  т1обит1улеб тадбиралъул к1варалъул х1акъалъулъ.

- Рахьдал мац1алъул къо т1обит1и дица рик1к1уна кутакалда пайда ц1ик1к1араб тадбирлъун. Жакъа гьаб тадбиралда г1ахьаллъулев вугевщинав чиясухъ балагье, ругелщинал маг1арул мац1алда къват1ире риччалел газетал, т1ахьал. Гьезул к1вар  буго соналдаса соналде дагьлъулеб бугелъул рахьдал  мац1алда к1алъалезул къадар ц1ик1к1ине, мац1 ц1унизе. Нилъерго мац1, адабиятгун маданият ц1уни – гьеб ккола ц1акъго к1вар ц1ик1к1араб масъала, щай гурелъул, мац1  кколелъул нилъер халкъалъул тарих, рух1ияб бечелъи, гьелъулъ бессун бук1унеблъидал инсанасул хаслъи. Миллиял г1адатазда куцазе ккола нилъеца лъималги.

Авар мац1  ккола керен хахулаго эбелалъ нилъее кьураб, нилъер ургьибе араб рух1ияб бечелъи. Гьеб бац1адго ва берцинго бицине лъазабизе ккола. Цебе шагьаралъул лъимал рит1улаан росабалъе мац1 лъазабизе, гьанже шагьаралдаса рач1арал лъималазул лъималазда к1одо эбел к1алъалей йиго г1урус мац1алда. Гьеб бит1ун гьеч1о. Гьадинал тадбираз мац1 цебе т1езабиялъе к1удияб кумек,квербакъи  гьабила. Баркала буго гьаб тадбир  ургъаразеги  гьаб берцинго бачаразеги.

- Сидрат, шагьаралда г1умру гьабулейги йигелъул, мунго кинаб мац1алда к1алъалей?

- Дие кидаго бац1ц1адаб маг1арул  мац1алда к1алъазе бокьула. Гъура-чункун бицунеб г1урус мац1алдаса нилъерго ц1арраг1арал раг1ул устарзаби Ч1анк1ал, Х1амзатил, Мах1мудил, Расулил мац1 бицунелъул г1адинаб асар дие кинаб батаниги мац1алъ лъугьинабуларо.

Исана 60 сон т1убала Авартеатралъул сценаялде дун  яхаралдаса. Гьелгощинаб соназ дун къеркьана маг1арул мац1 балагьаразда  маг1на бич1ч1уледухъ, мух1канго, берцинго бицине. Дунялалда сундухъниги  кьезе гьеч1о дица нилъерго пасих1аб, г1агараб, маг1арул мац1.

- Доб, ц1ализецин ясал риччалареб заманалда, маг1арухъ г1умру гьабун йик1арай яс, кинан мун Авартеатралде ккарай?

- Эбел-менги, вацал-яцалги рук1аралани, дида театр бихьулароан. Гьит1инго эбел-эменги хун, Хъаладухъ лъималазул рокъоб г1умру гьабун йик1арай, щибго бич1ч1уларей дун, кеч1 ах1улей гогьдарулей йик1унаан. Дир гьит1инлъиялъ батилаха, к1арчамлъунги йихьун, киназго зама-заманалдасан куч1дул ах1изе, гаргадизайизе ячунаан, хасго кинаб бук1аниги байрам т1обит1улелъул, дун г1ахьаллъич1ого гьеб унароан. Рак1алда буго Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзатица накалда г1одойги ч1езаюн дун кеч1 ах1изе т1амун йик1араб куц. 12 сон барай яс ячана дун Авартеатралъул артистаз жидехъего. Дида абулаан жийго зарг1анасей, гьумер зобг1анасей, Шотот1а росулъ гьаюрай, Г1арани хъаладухъ ц1аларай, Авартеатралда тарбия щварай мокъокъилан.

- Т1оцебе кинаб роль Дуца х1араб?

- Театралде яч1удасаго дица куч1дул  ах1улаан. Гьенир х1алт1улел цогидал актеразулги гьебго х1алт1и бук1унаан. Хадуб дагь-дагь ккун ц1ик1к1ана х1алт1и.

Дир т1оцебесеб рольлъун бук1ана «Платон кречет» спектаклялда Корнейлукил аваданай, г1анч1ай ясалъул. Дир х1ай киназего бокьун бук1ана, хасго доб заманалда режиссерлъун х1алт1улев вук1арав  Жапаридзеца дида абун бук1ана, мун театралде ячиналдаса жив вохун гурго пашманлъич1илан. Дицаги т1убараб г1умруялъго баркала кьола гьесие дида сценаялъул искусство малъаралъухъ, дун ц1ализаюралъухъ.

- Кинал ролал Дуца х1арал?

- Г1олохъанаб  заманлда дица х1алаан  ц1одорал, бег1ерал васазул ролал, г1олохъанал ясазул ролал,улбузул ролал, хадуб цере ккара-ккарал. Кинабниги к1инусгоялдасаги ц1ик1к1ун роль х1ана дица. Гьел киналго рик1к1ун бажариларо. Рик1к1ун тела цо-цоялниги. Расул Х1амзатовасул «Эбелалъе кеч1алда» - пионерка, Сергей Михалковасул «Гьурмалъ хъаталда»- Машенька,  Г1абасил Мах1амадил «Хъах1аб росулъа Мах1мудида» - Меседо, Ц1адаса Х1амзатил «Айдемир ва Умайгьанат» спектаклялада – Умайгьанат, Зайирбег Г1алихановасул «Муг1рузул Г1али», Г1абдулмажид Хачаловасул «Аманат» ва гьел гурел г1емерал цогидалги. Ролал х1ана  комедияздаги, трагедияздаги, драмабаздаги.

- Кинаб роль х1аниги мун г1адамаз ц1акъго  гъираялда къабул гьаюла. Кин гьеб духъа  бажарулеб?

- Г1адамазе дун г1адин дие гьелги рокьулел рук1иналъха. Дун г1адамаз сценаялда киг1ан лъик1 къабул  гьаюниги, гьедиг1анги  гъираялда жигар бахъула дица  г1адамазе г1оло  рух1ги, жанги кьун х1алт1изе. Дир рак1 батула нухда дун данде ккани, гьимун дида г1адамал к1алъараб мехалда, базаралде ани, цо-цояз мухь босич1ого ч1обого кьелин абураб мехалда. Маг1арулал кидаго сахаваталги рук1ана, бах1арчиялги рук1ана, г1адан хириялги рук1ана. Я, Аллагь, маг1арулаз х1ет1 ч1анщиналъуб т1угьдул раккаги.

- Бихьулеб буго театралъул артисткалъун яхъиналдаса мун йохун гурого, пашманлъун гьеч1олъи.

- Дирго лъимер каранде къазе щвеч1ей дие, театр бук1ана бищунго хирияб хазиналъун – лъимерлъун. Гьаб бук1инч1ебани, дун сунде йиссун йик1иней йик1арай. Дун дицаго театралъе кьураб г1умруялдаса рази йиго. Ц1идасан г1умру т1ад буссинабизе к1олеб бук1арабани, дун театралде гурого, т1ок1аб бат1ияб бак1алде инароан.

- Ахираб заманалда авар  мац1алдего г1адаб, к1вар гьеч1еб  бербалагьи лъугьун бугин ккола дида, Авар  театралдеги. Дуда кин кколеб?

- Дирги гьединабго пикру буго. Бук1ана замана, Авартеатралъухъ урхъун, кидадай гьел маг1арухъе рач1инаян маг1арулал  рук1араб, г1одоб ч1езе бак1 гьеч1ого, кинотеатралъул залал ц1ун рук1унеб рук1араб заманаги. Бокьилаан додинаб заман гьанжеги бач1ине. Гьадинаб спектакльгун нижехъе рач1аян маг1арулаз ниж ах1изе. Кин бугониги цевеги, гьанжеги актер х1алт1изе ккола жинцаго х1алеб ролалда т1ад. Гьес жигар бахъизе ккола г1адамазул рек1елъе рортиледухъ г1умруялда дандч1валел лъугьа-бахъинал, сипат-суратал, бах1арчилъи, х1алихьалъи жиндирго ролалда бихьизабизе.

- Сидрат, дун уней иго маг1арухъе, ай Хунзахъе. Дуе гьезда щиб абизе бокьилеб?

- Маг1арулазда, хасго росуцоязда дир урхъараб  салам бице. Абе гьезда дие гьел кутакалда рокьулилан ва киданиги дир рек1елъагьел унарилан. Нилъер маг1арул мац1 ц1унун хут1араб, нилъер адабиятги, маданиятги лъазе, г1адамазул г1умру бич1ч1изе нилъ т1амулеб г1иц1го Авартеатрги, маг1арул газетаги гурого хут1ун гьеч1о. Дица абилаан театралде г1емер хьвадейин, гьеб ч1еч1ого нужехъего гьоболлъухъ ах1ейилан. Узухъда, нилъерго г1агараб «Росдал зах1матчи» газеталъулгунги щулияб гьоркьоблъи  бук1инабеян.

Киназего сахлъи, рохел гьарула дица. Рак1алда ругел мурадал т1ураги, гьабулеб данде билъаги.

Хадураг1и

Гьаб дандч1вай ахирисеб  бук1иналъищали лъаларо, яги маг1арулазде, районцоязде бугеб рокьиялъищали лъаларо, авармац1алъул къо к1одо  гьабулеб данделъиялда Сидрат, «Росдал зах1матчи» газеталъул х1алт1ухъабазда аск1об г1езаг1анго заманаялъ г1одой ч1ун, хабар-к1алалда йик1ана. Х1ал бихьана гьениб нижеца гукц1ун  бук1араб нек1сияб маг1арул тепсиялдаса ниг1матазул. Жиндие гьолоч1вараб г1ат1ал  хинк1алги, бетараб рахьги ц1акъ бокьулилан разиго гьелги кванана.

Аллагьас мунагьал чурун ратаги гьелъул. Х1ал Алжаналде ккун батаги гьей бесдалалъул.

Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.

 

Просмотров: 696 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz