Воскресенье, 19.05.2024, 16:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июнь » 5 » ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ МИЛИЦИЯЛЪ 95 СОН.. МУСЛИМ АТАЕВАС НАРКОМЛЪИ ГЬАБУРАБ.
22:23
ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ МИЛИЦИЯЛЪ 95 СОН.. МУСЛИМ АТАЕВАС НАРКОМЛЪИ ГЬАБУРАБ.

Октябралъул революция ккун т1оцересел къояз г1уц1ана Россиялъул милиция. Т1олго Россиялдаго г1адин, гьел соназ Дагъистаналдаги т1ибит1ана такъсирчилъи, шагьараздаги росабалъги рах1ат хвезабулеб бук1ана  бикъа-хъамиялъ ва гъачагълъиялъ. Къоябилел соназ ц1акъго зах1матаб х1ал бук1ана Дагъистаналда. Г1олохъанаб республикаялда данде ч1араз жигар бахъулеб бук1ана т1олабго халкъалъул рук1а-рахъин жидерго кверщаликье бачине. Гьединаб зах1малъиялде ккараб Дагъистаналда бищун цебе ч1араблъун лъугьана гъачагълъиялде, ч1вадарухъабазде, ц1огьазде, ай т1олабго такъсирчилъиялде данде рагъ гьаби. Гьел масъалаби т1урай мурадалда, 1920 соналъул апрелалда Дагъистаналда г1уц1ана милиция. Гьелъул т1оцевесев нухмалъулевлъун вук1ана Керим Мамедбеков, гьев цадахъго вук1ана рагъулав комиссарлъунги. Гьесда цадахъ т1оцебе  милиция г1уц1улел рук1ана С. Дударов, Хъ. Хъараев, М. Мамаев, Ю. Аскеров, А. Мурсалов. 1920-1930 соназ Дагъистаналъул милициялъул наркомлъун вук1ана Хунзахъа комбриг Атаев Муслим Х1ажиевич. Дагъистаналъул милиция г1уц1аралдаса байбихьун нилъер районалъул г1олохъаби х1алт1ана шагьаразда ва бат1и-бат1иял районазда, халкъалъул ихтиярал ц1унулезул мухъилъ. Кидагосеб рецалъе мустах1икъал руго дол зах1матал къоабилел соназ милициялъул кьералъ х1алт1арал нилъер районцоял «Баг1араб ц1ва» орденалъул кавалер Хунзахъа Абух1ов Г1умар, «Рагъулаб Баг1араб байрахъ» орденалдалъун жидер багьадурал ишал к1одо гьарурал Хизроев Хизри, Гьит1инов Мух1у. М. Гьит1инов вук1ана районалъул милициялъул начальникасул заместительлъун. Атаев Къурамух1амад х1алт1ана уголовнияб розыскалда. Милициялъул  участковыйлъун Къах1иб районалда вук1ана Мух1амадов Г1али, мухъилав милиционерлъун Исбагьиев Исбагьи, Бакьагьеч1иса Саг1идов Нух1ица хъулухъ гьабуна Гумбет районалъул милициялда. Гьезда гьоркьоса Ват1аналде къо ккедал жидеего бокьун чангоял ана К1удияб Ват1анияб рагъде. Рагъ лъуг1ун хадуб милициялъул мухъилъе журана гьенир лъадарарал анц1-анц1 бах1арзал. Гьезда гьоркьор рук1ана Муртазаев Мух1амад, Г1алибегов Мух1амад, Гъазимирзоев Гьимат, Халидов Расул ва г1емерал цогидалги. Гьез бах1арчияб къеркьей гьабуна яргъид г1уц1арал гъачагъазде, дезертиразда ва цогидалги Советияб власталъул жаниселги къват1иселги тушбабазде данде рагъизе. Жиндир заманалда рух1алда барахщич1ого х1алт1ана ва Ват1аналъеги халкъалъеги г1оло рух1 кьуна республикаялъул бат1и-бат1иял жанисел ишазул  отделазда, управлениязда х1алт1арал нилъер ракьцояз. Гьезда гьоркьор рук1ана Хунзахъа Мирзоев Ах1мад, Ах1мадов Мирза, Ц1адаса Т1алх1атов  Мух1амад, Хьиниса Къурамух1амадов Г1али, Г1умаров Абакар, Гьамущиса Х1ажимурадов Мах1ач, К1ахъа Мух1амадов Сахрудин, Моч1охъа Х1ажимух1амадов Мух1амад, Бакьагьеч1иса Насух1ов Мурад, Гъонохъа Сайгидов Мух1амад ва гьел гурел цойгидалги.

Гьал т1адехун рехсаразда гьоркьосан Пачалихъияб Советалъул х1укмуялда рекъон Х1ажимурадов Мах1ачил, Мух1амадов Сахрудинил, Ах1мадов Мирзал ц1арал кьун руго гьел жанир ц1аларал школазе, Гьамущи, К1ахъ ва Хунзахъ росабалъ. Зах1матаб къеркьеялъулъ жидерго т1адаб борч  намусалда т1убазабуна ва т1убазабулеб буго нилъер  районалъул г1олохъабаз бат1и-бат1иял  управлениязда ва отделазда. МВДялъул министрасул заместительлъун х1алт1ана милициялъул полковник Лъаг1илухъа Х1. Х1адисов, транспортнияб управлениялъул начальникасул заместительлъун х1алт1ана Г1ахьалч1иса  милициялъул полковник М. Мух1амадов, республикаялъул УБЭПалъул ва  уголовныяб розыскалъул начальниклъун х1алт1ана  гьабсаг1ат  Мах1ачхъалаялъул горуправлениялъул начальникасул заместитель  Хунзахъа Саг1идов Саг1адула, МВДялъул отделалъул начальниклъун х1алт1ана  Хунзахъа Х1ашт1ихов Мух1амад, ЦБЭПалъул начальникасул заместительлъун х1алт1ана Гьит1инов Х1ажимурад, МВДялъул ГИБДДялъул начальникасул заместительлъун х1алт1ана Мух1амадов Шамил ва гь. цогидал. Гьел киналго полициялъул полковникалги ккола.

Дагъистаналда ва Северияб Кавказалда х1алуцараб ах1вал-х1ал лъугьараб заманалда 1996-1999 соназ нилъер районалъул жанисел ишазул отделалъул х1алт1ухъабаз бихьизабуна къох1ехьей ва х1инкъи гьеч1олъи. Рагъулъ г1ахьаллъи гьабуна отделалъул 35 х1алт1ухъанас. Щуго х1алт1ухъан мустах1икълъана Пачалихъалъул шапакъатазе.

Дагъистаналъул жанисел органал г1уц1аралдаса 95 сон бай х1исабалдеги босун, рак1алде щвезаризе бокьун буго бат1и-бат1ияб заманалъ Хунзахъ жанисел ишазул отделалъе нухмалъи  гьабуразул ц1арал: Ц1адаса  Х1амзатов Махсут1 Х1амзатович милициялъул  полковник, Бакьагьеч1иса Баринов Г1али Г1алиевич  милициялъул подполковник, Гумбет районалъул  Ингишоса  Хайрулаев Мух1амад Хасбулатович милициялъул полковник, К1ахъа  милициялъул полковник  Мух1амадов Муслим Насрудинович, Г1ободаса Каримулаев Шамил Нурмух1амадович милициялъул полковник, Ц1адаса Г1абдулаев Х1асан  Ах1мадович милициялъул майор, Ц1адаса Г1алибегов Г1арип Г1алибегович полициялъул полковник, Ц1ада росулъа Султ1анов Гъайирбег  Г1абдулх1амидович полициялъул майор. 2014 соналдаса районалъул жанисел ишазул отделалъе нухмалъи гьабулеб буго Бакьагьеч1иса полициялъул майор Т1айгибов Х1ажимурад Г1абдулманаповичас. Цере милициялда  х1алт1арал гьалмагъзабаз байбихьарал ишал цере рачунаго, жакъа Хунзахъ полициялъул х1алт1ухъабаз щибаб къойилаб х1алт1и гьабулеб буго районалда такъсирчилъи дагьлъизабиялъе. Гьеб х1алт1улъ  Аллагьас  квер бакъи гьабеги гьезие.

Ц1ар ккун рехсезе ва баркала кьезе бокьун буго жидер заманалда халкъалъул  парахалъи ц1унулаго цо бут1аялъул х1алт1и гьабурал Хунзахъ милициялда  х1алт1арал, гьанже х1алхьиялда ругел ветераназе:  Х1ажиев Т1алх1атухайирие, Г1умаров Мух1амадие, Мусаев Мух1амадие, Мух1амадов Муслимие, Маламух1амадов Мах1ачие, Хъазанбиев Зиявудиние, Мух1амадов Х1амзатие, Маламух1амадов Набие, Нурмух1амадов Х1осение, Каримулаев Шамилие, Г1абдулхаликъов Г1абдулхаликъие, Шахшаев Мух1амадие, Г1алиев Мух1амадие, Гьит1инов Х1амидие, Хъазанбиев Ах1мадие, Батиров Саг1адулае, Гидуримов Г1алие, Х1асанов Асадулагьие, Гьит1инов Шамилие, Мух1амадов Мух1амадие, Къурамух1амадов Къурамух1амадие, Мух1амадханов Багьавудиние ва гь. цойгидазеги.

Рак1алдаса унаро: Г1алиев Х1амид, Мах1мудов Запир, Мух1амадов Мух1амадрасул, Г1алибегов Мух1амад,  Х1ажиев Т1алх1ат, Рах1матулаев Саг1аду ва Рах1матулаев Мух1амад, Мавлиев Х1ажи, Т1алх1атов  Х1амзат, Махулов Абакар, Г1абдурах1манов Къурамух1амад, Нурмух1амадов Ах1мад, Юсупов Карим. Х1ал алжаналде ккун батаги  гьел рак1бац1адал х1алт1ухъабазул.

Хъвай-хъвай гьабулаго гьоркьор хут1арал гьалмагъзабазда гьарула т1аса лъугьаян.

Ахиралдаги  бокьун буго районалъул  ва республикаялъул жанисел ишазул органазда х1алт1арал ветераназда ва гьабсаг1ат полициялда х1алт1улел ругел гьалмагъзабаздаги рак1-рак1алъ баркизе Дагъистаналъул жанисел ишазул органал (милиция)  г1уц1аралдаса 95 сон т1убай. Гьарула киназего сахлъи, халатаб г1умру, х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби. Гьединго баркула районцоязда т1аде щолеб бугеб  Бергьенлъиялъул  къо 9 май, гьарула нужее роц1араб зобги ракълилаб г1умруги.

Хас гьабун баркизе бокьун буго 30 апрелалда жиндир г1умруялъул 75 сон  т1убалев пенсионер Х1ажиев Т1алх1атулхайрида. Гьарула чорхое салъиги , халатаб г1умруги.

Районалъул жанисел ишазул отделалъул начальник  полициялъул майор Х1. Т1айгибов.

Районалъул жанисел ишазул органазул  советалъул  нухмалъулев Х1. Г1абдулаев.

Просмотров: 527 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz