Автор.Камалудин Г1абдуразакъов.Апрель 2015с.
Рагъда цересел сонал Бат1алиеги, цогидал г1елбащадазегог1адин, колхозияб г1умруялда рухьарал рук1ана. Ват1анияб рагъде г1адамал ах1улеб мехалъ, гьевги чанго нухалъ живги вит1ейлан райвоенкоматалде ана. Гьанирги х1алт1изе г1адамал къвариг1унилан гьесул гьари нахъч1вана. 1942 соналда Бат1алги гьесул вацг1ал Г1алиев Мух1амадги Г1енч1еро маг1арда колхозалъул г1ияда рук1ана. Гьенибе хабар лъана Кавказалде немцал г1агарлъун рук1иналъул ва Дагъистаналъул рек1аразул эскадрон г1уц1улеб бук1иналъул. Ригь арал г1ухьбузухъе г1иги кьун, к1иявго вацг1ал Хунзахъ райвоенкоматалде ана ва рагъде ине бокьун бук1ин загьир гьабуна. Гьенисан, рек1ине чуялги кьун, гьел Буйнакскиялде нуха рег1ана.