Бакьагьеч1и росу бакьулъ буго кинабго бек1к1араб ганч1ил гьабураб к1удияб к1ит1алаяб мина. Гъоркьияб этажалда к1армалги ругеб, офицер Х1ажиясулин абулеб бук1араб гьеб минаялъе 100-150 сон батула.
Гьев офицер Х1ажияв вук1ун вуго вехь тараб рехъен г1иялги бугев, раг1и билъарав бечедав чиги. Цо къоялъ росулъ хвел ккун бук1ун Х1ажияв кверкьовуда вугев мехалъ кверкьей бугеб бак1алде раг1улеб бук1ун буго Х1ажиясул г1ухьбузул релъи-хъуй, махсоро-хоч1. Доб заманаялъ хвел ц1акъ к1одо гьабулебги бук1ун буго, Х1ажияв дагьалъ г1одоре риччаян вач1аниги, ч1ун гьеч1о гьел. Хадуб Х1ажияс лъазабун буго г1ухьбузда: - Гьеб азбар бакьулъ бугеб т1алуги хъвейин, гьелдаса ц1окоги бахъейин, гьелъул бугналги гьарейин жив къулгьуялдаса вач1иналде, т1убан батич1они киналго х1алт1удаса нахъеги рачахъилилан. Валлагь, жиндир буюрухъ т1убач1они гурх1ел-рах1му гьеч1ев бет1ергьенги, гьабун бажарулареб буюрухъги, ц1акъ г1одор ч1ван руц1ун ч1ун ургъалилъе ккун руго г1ухьби. Гьезул мадугьалихъ йик1ун йиго цо къоролай, гьай яккун йиго къет1асан, вах1, нужей щиб дир лъимал, ккараб сих1-мах1 къот1анагури нужер – ан. Бицун буго г1ухьбуз жидейго кьураб буюрухъалъул.
- Воре, дир лъимал, щибго рак1 бакъваге бищун тирияв а Х1ажиясда хадув ва абе, мун рукъалъул бет1ергьан вугелъул, т1алуялда горбода жо бахъун кьейин хут1араб нижецаго т1убалилан. Малъухъе ун вуго вит1ун цояв, Х1ажияс абун буго жив вуссингун т1убазе те – ян. Вач1индал ц1ехолдун вуго лъица нужеда малъарабилан. Ахирги г1ухьбуз бицун буго мадугьал Умалх1айбатица малъанин. Мак1арч1ул г1уж щвелалде вит1ун вуго Х1ажияс гьелъухъе чи ц1ияб лал т1амулеб лоленги босун, метер жив маг1арде унев вугин гьенибе рет1ине гьаб лоленалъул гужгат гьабе – ян. Долъул эбел гьарделей ах1делей йик1ун йиго ясалде нахъе гьебги бит1ейин гьес чи бергьунги толарин, амма ясалъ кьаб-кьабун г1ащт1игун бич1изеги бич1ун ракул мач1уялда гъоркье биччан буго лолен, ц1акъ х1ажат бук1анин жиндий-ян, кинабго мач1уги бищун буго, дандеги гьабун Х1ажиясухъе бит1ун буго: - лъут1ун-къот1ун лъуг1ун бугин хехалъ гьазул квар кьурун кьейин букъизе – ян.
Х1ажияс цинги сах1 ц1ун ханал рач1ун руго рит1ун метералде т1анч1и рахъун кьеян. Гьанжеги ах1делей гьарделей эбелги тун, гъасдаги йик1ун ч1ехьон ханалгун хайгинги гьабун кванан йиго ай, нахъисеб къоялъ сах1 ц1ун ханил г1абулги бит1ун буго Х1ажиясухъе г1анк1уял къвакъвалел ругин х1елкал г1ег1едилел ругин къали х1алухъин бит1ейин кваназеян. Цинги Х1ажияс гьалда гьарун буго жиндий яч1аян. Разилъидал лъазабун буго ас нагагьлъун лъиениги г1акълу кьуни, Х1ажиясда ц1ехелин абун гурони малъа-хъвай гьабуни жинца мун хьихьуларин. Гьедин берцинаб г1умруялда рук1аго цо Бакьагьеч1иса чиги кираялъ ун районалде вач1унев вук1арав лъараг1авги даг1бадизеги ккун рач1ун руго Х1ажиясухъе. Азул къец. Х1охь бахъизе кваназе гьакалги ч1езарун ругеб мехалъ цо тагьи бач1ун бегун буго гьакил раг1дукь. Унаго лъараг1ас жиндир бугилан бачунеб бук1ун, биччаларин бет1ергьанчи ч1ун рач1ун руго гьал даг1ба къот1изе. Гьеб заманаялъ Х1ажиявги рокъов вук1ун гьеч1о, г1ухьбузухъе щвезе ун вук1ун вуго. Мурад бициндал лъадуца абун буго: валагь маг1арда г1аздада ц1а рек1ун бугилан, ц1алк1ица г1урухъа лъимги баччун гьеб ц1а свинабизе анин Х1ажияв-ян. Маг1арул мац1 лъалев чи вук1ун вуго гъов лъараг1ав, гьев велъанхъун вуго, щиб риидал маг1арда г1азуйищ бук1унеб, г1аздада ц1айищ рек1унеб, ц1алк1ица лъимищ баччулеб-ян, гьеб г1акълуялъул чийищ гьев вук1арав? абун. Лъадуца щибго йихич1ого абун буго, щиб дир вас, ц1улал гьакица гьанал тагьи гьабизе бегьараб мехалъ г1аздада ц1а рек1ине щай бегьилареб. Бет1ергьанчиги тагьиги бачун ун вуго. Вуссингун ас Х1ажиясе баркала кьун буго, валагь тагьиялдаса ват1алъизе дагьаб хут1анин лъадуй баркалаги кьун буго. Вач1ун вуго Х1ажияв рокъове ва лъазабун буго, дурго кинабго мискинлъи нахъе баччейин, дуца дир раг1и г1адахъ босич1ин. Баччун буго алъ босен-къайги жиндирго мискинлъи. Х1ажияс абун буго магьари х1алаллъиялъе дун бет1ергьанаб бокьараб жоги босейин дуйгоян. Гьеб заманалъ ав хьонбак1ида хьибил бан вегун вук1ун вуго. Асда гъоркь т1амун бук1араб салмагги сверун-сверун асда т1ад гурун хехалъ кодоб бук1араб г1арщалъ нахъа жо бан буго асда. Дудаса дие цадахъ босизе бокьараб жо гьеч1ин ваччун вуго, гьелдаса нахъе цадахъ г1умру гьабунги рук1ун руго.
Офицер Х1ажиясул кьолбол г1аданалъ (Бажуца) бицун бук1ана гьаб лъугьа-бахъин.
Хъвана Батирова Нуцалалъ, Бакьагьеч1и.
|