Воскресенье, 19.05.2024, 17:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Апрель » 25 » «ДИР Г1УМРУЯЛЪУЛЪ «РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИ».
14:11
«ДИР Г1УМРУЯЛЪУЛЪ «РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИ».

Кидаялдаса нахъе дица районалъул газета ц1алулеб бугебали дида гьабсаг1ат лъаларо. Дица гьеб ц1алулаан  школалда ц1алулеб мехалдаса нахъего. Рак1алда буго Мах1ачхъалаялда дун ц1алулеб мехалъ рокъосез  т1ат1алаги лъун дихъе гьеб газета бит1ун бач1араб мехалъ дун росулъе, рокъое дирго хъизан-лъималазде аск1ое щварай г1адин  йик1унаан. Дирго х1алт1улъ дие гьеб газеталъ г1емер кумек гьабуна. Мисалалъе босани цогияз гьабураб х1алт1и газеталда бахъун бач1араб мехалъ, дица жигар бахъула дицагоги гъобго маг1анаялъул тадбир г1уц1изе.Лъималазда гьоркьоб х1алт1и гьабизеги бук1уна гьелъул кумек. Цо-цо мехалъ гьелда бук1уна х1адурараб материал нижеда мунпаг1ат босизе  лъани. Цадахъго кумек гьабула библиотекаялде ч1ах1иял чаг1и рач1ани  «Рузман къоялъул ваг1заби» гьезие ц1ализе. Гьел гьелъухъ  г1енеккула. Нижеца, библиотекаялъул х1алт1ухъабаз, хъвадарухъабазул, поэтазул юбилеяздеги гьединго гьезда хурхарал мероприятиял гьарулеб мехалъги газеталда бук1уна нижеца мунпаг1ат босизе лъик1аб материал. «Адабияталъул гъасде» раккани гьенир ратула нилъер районалъул г1адамазул к1алзул гьунаралъул махщел. Нижее гьелъ к1удияб кумекги гьабула. Дие бокьула щибаб росулъги кколел ц1иял – лъик1ал харбал лъазе. Газеталъ нилъер районалъул щибаб росуги  мат1уг1адин нилъеда цебе лъола. Гъира бук1уна бат1и-бат1иял росабалъ гьабураб х1алт1ул ц1ализе, ц1иял гьарурал объектал лъазе, гьаризе ругезулгун лъай-хъвай  гьабизе. Бит1араб бицани цо-цо номер дица х1арп гьоркьоб теч1ого ц1алараб мехги бук1уна. Тавпикъ кьеги редактор Фатимае гьелда цадахъ газета гьабулел  х1алт1ухъабазе. Сахлъиялда таги нуж. Рохалил хабарал г1емерал раг1аги нужер газеталдасан. Рагъул, кьалул цониги макъала хъвазеги батугеги!!!

Нужер адабгун Т1агьада росулъе  Г1алиева Г1айшат.

Х1адурун буго Г1айшатица «Газеталде кеч1» абураб къецалде гьаб асарги:

Лъеберго бат1ияб газетазда гъорлъ

Кверал г1едег1ула мун балагьизе,

Гьоркьоб батич1они, ч1алгун йик1арав

Г1агарав чи гьеч1ин, пашманлъула рак1.

Дир г1агараб т1алъи, дир Хунзахъ район

Т1олабго т1ехь г1адин рагьула дуца,

Дир «Росдал зах1матчи»- рохалил чапар

Урхъун йик1уна дун мун бач1иналъухъ.

Дур т1анчазда гъорлъе яккараб мехалъ

Дида батулареб жого бугодай?

Районалда ккараб ц1ияб-лъик1абги

Майилан рехула нижеда цебе.

Лъица лъик1аб х1алт1и гьабурабали,

Мун рокъой бач1ингун лъала нижеда

Ц1алулъ, х1алт1улъ нижей кумекалъеги

Кваранаб квер г1адин хьолбохъ ч1ола мун.

Хварав-г1урав нижей лъазе бокьани,

Гьебги дур гьурмада батула даим.

Хириял къоялги, дуг1а-алх1амги

Къоязда данде ккун, гьебги буго дулъ.

Баркала, Фатима, рак1 т1ад ц1аледухъ

Газета гьабизе дур махщелалъухъ,

Баркала, Написат, баркала, Расул,

Дида лъаларелги х1алт1ухъабазе.

Ункъоялда анц1го! Г1емерищ? Дагьищ?

Гьелъий къимат кьезе дида к1веларо,

Раралщинал санал щуйилъ кьабураб

Г1умру гьарула дуй дур ц1алдохъаналъ.

 

Просмотров: 616 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz