Воскресенье, 19.05.2024, 18:52 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Апрель » 25 » Ц1АДУЛАЛ НУХАЗДАСАН БЕРЛИНАЛДЕ ЩВЕЗЕГ1АН.
14:25
Ц1АДУЛАЛ НУХАЗДАСАН БЕРЛИНАЛДЕ ЩВЕЗЕГ1АН.

Рагъда цересел сонал Бат1алиеги, цогидал г1елбащадазегог1адин, колхозияб г1умруялда рухьарал рук1ана. Ват1анияб рагъде г1адамал ах1улеб мехалъ, гьевги чанго нухалъ живги вит1ейлан райвоенкоматалде ана. Гьанирги х1алт1изе г1адамал къвариг1унилан гьесул гьари нахъч1вана. 1942 соналда Бат1алги гьесул вацг1ал Г1алиев Мух1амадги Г1енч1еро маг1арда колхозалъул г1ияда рук1ана. Гьенибе хабар лъана Кавказалде немцал г1агарлъун рук1иналъул ва Дагъистаналъул рек1аразул эскадрон г1уц1улеб бук1иналъул. Ригь арал г1ухьбузухъе г1иги кьун, к1иявго вацг1ал Хунзахъ райвоенкоматалде ана ва рагъде ине бокьун бук1ин загьир гьабуна. Гьенисан, рек1ине чуялги кьун, гьел Буйнакскиялде нуха рег1ана.

Дагъистаналъул рек1аразул эскадроналде жидеего бокьун рач1унел г1олохъабазда, Буйнакскиялде щвараб мехалъ, граждан рагъазул бах1арчи Хъара Хъараевас ва Хьиниса Нурмух1амадов Камалудиница дандч1вай гьабуна. Г1олохъабазе рега-рахъине клубалда бак1ал кьуна. Рек1ине чуял республикаялъул киналго районаздаса рач1ана. Байбихьана Буйнакскиялъул раг1аллъабазда г1олохъаби рагъулал ишазе ругьун гьаризе.

Рек1аразул эскадроналъулал фронталде нухда т1орит1изе Буй­накскиялде рач1ун рук1ана Дагъистаналъул нухмалъулел Даниялов Г1абдурах1ман, Арбулиев Мух1амад, Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзат. Гьез г1олохъабазе рач1ана хунжрул, к1иго бочка чагъир, хъвезе оц ва цогидалги кванил ниг1матал. Гьединго, эскадроналъухъе кьуна: «Дагъистаналъул жидеего бокьун рагъде унезул рек1аразул эскадрон», - абун т1ад хъвараб Баг1араб байрахъги. Гьеб байрахъгун, пулаго-кьабулаго нилъер г1олохъабаз Буйнакск шагьар сверана. Фронталде унел гьел нуха рег1изе къват1ире рахъун рук1ана шагьаралъул г1емерал г1адамал. Гудермесалде щвейгун, Хъара Хъараевас 416-абилеб дивизиялъул командир Сызрановасда дандч1вай гьабизе г1олохъаби кьерда ч1езаруна. Генерал Сызранов гьениве вач1ун вук1ана Дагъистаналъул рек1аразул эскад­рон жинцаго нухмалъи гьабулеб дивизиялда гъорлъе къабул гьа­бизе.

Дагъистаналъул рек1аразул эскадроналъ тушманасдаса эркен гьаруна Доналда бугеб Ростов, Одесса, Азов, Таганрог, Кишинев шагьарал. Гьел рагъазда бах1арчиго вагъана Мух1амадов Бат1алги.

Одессаялда вагъулаго бищунго зах1матаб ах1вал-х1алалде ккана Бат1ал. Гьенир нилъер рагъухъаби рук1ана т1асан маххул нухги бугеб кьода гъоркь. Кьодул цояб рахъалда бугеб ахикьан нилъеразде, гьоркьоса къот1ич1ого, кьвагьулеб бук1ана. Лъараг1ав Нух1бегиеги, Бат1алиеги ва гьесулго вацг1ал Г1алиевасеги, тумав Г1усмановасеги буюрухъ кьуна ахикь щал ругелали хал гьабизе ине. Сордо бец1аб бук1ана. Цеве-цеве вук1арав Г1усмановас, пулеметчиясде г1агарлъаравго, ах1ана: «Щив гьанив вугев?» - ан. Жаваб кьу­на: «Рус, Рус», - абун. Нилъерал рук1аралани, гьез жаваб кьезе кколаан «свой», - абун. Г1усмановасда бич1ч1ана пулеметчи немцав вук1ин. Гьебсаг1аталъ къокъадул командирас тушманасде кьвагьана. Радал лъана, гулла пулеметчиясул щокъроб щун бук1ин. Г1олохъабаз бергьенлъиялда т1убазабуна командованиялъул рагъулаб т1адкъай.

Дагъистаналъул рек1аразул эскадроналъул разведротаялъул ко­мандир Уздалросулъа Сайпудин Г1усмановас бицунаан жиндир ротаялде рак1арун рук1анила бищунго бах1арчиял, рак1 къвак1арал, къох1ехьолел, х1инкъи-къай гьеч1ел г1олохъаби - Хунзахъа Юсупил Мух1амад, Мух1амадов Г1усман, Х1ариколоса Мух1амадов Бат1ал, Гьоц1алъа Дибирасулов, Г1амикьа поэт Мухтар Абакаров - кинавниги 30 разведчикилан. Рак1алда бугилан абулаан гьес, Таганрогалда г1агарлъухъ Миус г1урул раг1алда ккараб лъугьа-бахъин. Разведчиказул къокъа к1ийиде бикьана. Т1оцебесеб къокъаялъе нухмалъи гьабулеб бук1ана С. Г1усмановас. Командованиялъ бую­рухъ кьун бук1ана гьеб къокъа тушманасда т1аде к1анц1изе ва «язык» кквезе.

Сордо бук1ана бец1аб ва г1одобнак1к1 лъураб. Хъах1ал халг1аталги рет1ун, г1аздадасан разведчикал тушманасда г1агарде хъуршана ва, гранатаги рехун, ц1иркъилаб хехлъиялда: «Нуж сверун ккун руго, кверал рорхе!», - ян ах1иги балаго, фашистазул щулалъиялде жанире к1анц1ана. Немцал рек1еде рач1иналде разведчиказ гьел кверде росана ва церекъот1ана. Х1ажат вук1ана гьезул командирги. Гьев хун ватана. Амма гьесул сумкаялъур ратана къиматал баянал. Радал саг1ат лъабгоялда, цоясул бак1алда 14 немцазул солдаталги цере къот1ун С. Г1усмановасул бет1ерлъиялда разведчикал, гьоркьоса чи ват1алъич1ого, штабалде т1ад руссана.

К1вар бугеб рагъулаб т1адкъай бергьенлъиялда т1убазабуралъухъ генерал Сызрановас разведчиказул командир Сайпудин Г1усмановасул каранда Ват1анияб рагъул т1оцебесеб даражаялъул орден бана ва цадахъ рук1арал разведчиказеги, гьездаго гъорлъ Мух1амадов Бат1алиеги шапакъатал кьуна. Буйнакскиялдаса Берлиналде щвезег1ан бах1арчияб рагъулаб нух нахъа тана Бат1алицаги гьесул гьалмагъзабазги. Гьезие рес щвана немцазул бут1рул квер­де рач1унел рихьизе. Берлин бахъулаго гьарурал рагъазулъ бихьизабураб бах1арчиялъиялъе г1оло Бат1алие кьун бук1ана «Баг1араб ц1ва» орден. Гьесул каранда ран рук1ана «Кавказ ц1униялъе г1оло», «Сталинград ц1униялъе г1оло» ва цогидалги медалал, мустах1икълъун вук1ана Т1адег1анав Бет1ерав командующий И.В. Сталинил гъолбас гьабурал грамотабазеги.

Тушман щущахъ виххизавун гурони лъалиниб лъелариланги гьедун, Буйнакскиялда къват1ибе бахъараб хвалчен Бат1алица, раг1иги т1убазабун, Берлиналда лъалиниб лъуна. Маг1аруласул ц1арги борхатго ц1унун т1ад вуссана гьев жиндирго г1агараб Хунзахъ районалъул Х1ариколове. Фронталдаго г1адин к1вах1 - свак гьеч1ого х1алт1ана гьев г1агараб «Баг1араб партизан» колхозалда к1удияв вехьлъун, фермаялъул заведующийлъун, колхозалъул председателасул заместительлъун, председательлъун, росдал Советалъул бет1ерлъун. Кинаб х1алт1уда вук1аниги, щиб т1адкъаниги, Бат1алица гьеб т1убазабулаан к1удияб жавабчилъиялда, рак1бац1ц1адго. Ракьалда, нахъе ругезе к1очонареб лъалк1ги тун, гьанжеялдаса къогоялдаса ц1ик1к1ун соназ цеве абадияб рукъалде вуссана гьев. Х1арисезул бак1алъулаб администрациялъе бажарун нухмалъи гьабулеб бук1ана гьесул вас Загьидица. Цояв вас Манап х1алт1улев вук1ана Мах1ачхъалаяда, дагьав цеве хвана гьев. К1удияв инсул ц1ар лъурав Бат1ал х1алт1улев вуго Хунзахъ районалъул г1адамазе социалияб рахъалъ кумек гьабулеб организациялда.

Х1арисезул годек1аниб г1емер бицен ккола Бат1алил лъик1ал ишазул х1акъалъулъ. Гьесул г1умруялъул бицунеб стенд буго росдал гьоркьохъеб школалда, Культураялъул рукъоб. Т1аде г1олеб г1елалъе патриотияб тарбия кьеялъулаб х1алт1улъ учительзабаз мисалал рачуна гьесул г1умруялдасан. Гьединазул, ч1аго рук1агоги, хун хадубги, халкъалъ къимат гьабула.

 

Просмотров: 544 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz