Хириял районцоял! Гьале нилъеца нухда рег1ана 2014 сон ва дандч1вай гьабулеб буго 2015 соналда. Нилъеца къо-мех лъик1 гьабураб сон бук1ана районалъул зах1матчаг1азе социалиябгун экономикияб ва рух1ияб цебет1еялъул нухда иргадулаб заманлъунги лъугьун лъик1ал х1асилал нахъе тараб сонлъун.
Араб соналда нилъеца районалъул г1адамазул мурадал ва х1ажалъаби т1уразариялъе г1емерал тадбирал гьаруна: къач1ана нухал, капиталиял ремонтал гьаруна ва т1аде ц1иял бак1ал рана лъай кьеялъулгун культуриял ва сахлъи ц1униялъул учреждениязда. Ц1иял ФАПал, садикал, школал, х1ухьбахъиялъулал паркал… нилъер г1аммал бергьенлъабазул сиях1 г1езег1ан халатаб буго. Х1алт1изе кьуна 2015 соналъ гурого лъуг1изеян бук1инч1еб МФЦ, шагьаралъул культураялъул к1алг1аби х1айранлъуледухъ къач1ана Шагьрудин Шамхаловасул ц1аралда бугеб маданияталъулгун рек1елгъеялъул центр. Амма гьаризесел х1алт1аби жеги цере руго, ИншаАллагь.
Бокьун буго райадминистрациялъул, райсобраниялъул, т1олалго дир командаялъул, пикруцоязул ва дирго рахъалдасан рак1-рак1алъ баркизе районалъул т1олалго г1адамазда ц1ияб соналъул байрам.
Биччанте бач1унеб сон нилъер щивасе бук1ине гвангъараблъун, рохалилаблъун, районалъул т1олалго г1адамал гъункулеблъун. Биччанте нужер щивасул ургъалаби араб соналда хут1изе ва 2015 соналда нужер къавулъе лъик1аб гуреб хабаралъ нуц1а рагьунгут1изе!
«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул Бет1ер Саг1ид Юсупов.