Понедельник, 13.05.2024, 09:16 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Декабрь » 31 » БАЙРАМАЛ, ТАДБИРАЛ.. Ц1ИЯБ СОНАЛЪУЛ ОГОНЕК.
00:24
БАЙРАМАЛ, ТАДБИРАЛ.. Ц1ИЯБ СОНАЛЪУЛ ОГОНЕК.

Щибаб лъаг1алил ахиралда унеб сон т1обит1ун, бач1унелда дандч1ваялъул тадбирал  г1уц1ун  байрамал т1орит1ула нилъер районалда. Районалъул бет1ерасул нухмалъиялда гъоркь, районалъул киналго росабалъа вакилзабиги г1ахьал гьарун, райцентралда т1обит1ула ц1ияб соналъулаб «Голубой огонек».

Байрам байбихьилалде цебе, Хунзахъ культураялъул рокъоб т1обит1ана «Маданияталъул сон» къаялъул данделъи. Унеб соналъ районалъ, районцояз росарал бергьенлъабазул, церет1еязул х1акъалъулъ бицана баркиялъулабгун баркалаялъул к1алъаялда районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас. «Культураялъул соналъ нилъеца бихьизабуна районалда культура бук1ин, гьелъул къимат гьабулеб ва гьеб хадубккун ц1унизе бук1ин,» - ян абуна нухмалъулес.

Х1алт1улъ церет1еял рихьизарурал, ц1айи бугеб бут1а лъурал культураялъул х1алт1ухъаби к1одо гьаруна республикаялъул Х1урматалъул грамотабаздалъунги.

Данделъаразда культураялъул сон лъик1ал х1асилалгун инги, бач1унеб ц1ияб сонги баркарал к1алъаял гьаруна тадбир бачарав районалъул нухмалъулесул заместитель  Г1абдуразакъов Асадг1алица, Гьоц1алъ росдал школалъул учительница Х1амзатова Пат1иматица, Харахьи культураялъул рукъалъул заведующая Мух1амадова Пат1иматица.

Бач1унеб сон районалъе жеги бит1араб бук1агиянги гьарун данделъи къана А. Г1абдуразакъовас.

Данделъиялдаса хадуб киналго рак1арана ц1ияб соналъулаб байрамалде банкетазул залалде. Районцоязе хъизамалъулаб талих1, сахлъи, рохел, парахатаб  г1умру гьарарал, бач1унеб ц1ияб сон баркарал  к1алъаялгун цере рахъана районалъул  нухмалъулев Саг1ид Юсупов, райпрокурор Запир Мух1амадов, лъай кьеялъул ва г1олилазул политикаялъул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаров, районалъул централияб больницаялъул бет1ерав тохтур Мух1амад Мусаев, РОВДялъул начальник Х1ажимурад Т1айгибов, ва гь.ц. Араб соналъул х1алт1ул х1асилал данде росун районалъул 100 зах1матчиясе кьуна районалъул Бет1ерасул Х1урматалъул грамота. Россиялъул Росдал маг1ишаталъул министерствоялъул Баркалаялъул кагъаталъе мустах1икълъана г1емерал соназ районалъул росдал маг1ишаталъул ва предпринимательствалъул отделалда рак1бац1ц1адго х1алт1улей йигей Гъазиева Гулайпат.

Байрамалъулаб г1одорч1еялде рач1арал разиго хут1ана гьеб г1уц1араз т1обит1араб лотереялдасаги.

Унго-унгояб байрамалъулаб  рохалилаб ах1вал-х1ал лъугьинабун бук1ана Ц1орол Дадацагун Г1азул ясалъ. К1удияб баркалаялъеги реццалъеги мустах1икъал руго байрам т1адег1анаб махщалида, к1вах1-свак гьеч1ого, кинабго рекъезабун нухда бачарал – г1емерал соназ  культураялъул управлениялъе нухмалъи гьабурав Х1асанов Мах1ач ва ДРялъул культураялъул мустах1икъай артистка Тажудинова Г1айшат.

«Голубой огонек» унго-унгоги гвангъизабун бук1ана культураялъул  х1аракатчаг1азул церерахъиназги. Х1алт1улаб соналъул ахиралда х1ухьбахъиги, кеп-ихтилатги гьабун рази-ракиго рикь-рикьана районцоял жидерго росабалъе.

Киназего баракатаб, рохел-ниг1матал гьарзаяб, ракълилаблъун батаги т1аде щвараб сон!

П. Гунашева.

Просмотров: 614 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz