Редакциялъулазул рахъалдасан
«Хъах1аб рокъоса» ниж рачахъаниги,
Рак1 дулъ хвезе, Саг1ид, нижеца теч1о.
Гьабулеб х1алт1уе х1акъаб къимат кьун,
Хьолбохъ эхетана х1аракат бахъун.
Хъвадарулезул сон бач1унеб бугин,
Рохун рихьиларищ гьал цо мухбирал,
Юбилей гьабилин раг1и дур бугин,
Чархида гажал ккун ниж лъалелщинал.
Божула, ях1 бугев, дуца кверч1валин,
Ич1го анц1ил сонал к1одо гьаризе.
«Хераб» г1уц1ийилан нахъе цвиларин,
Дагъистан бахилаб тадбир г1уц1изе.
Цингиги хьул буго дол к1очон тарал
Корпункталги рагьун район сверизе,
Цо къарт1аб «Ниваги» сайигъат гьабун,
Росабалъе щвезе, халкъгун дандч1вазе.
Дуда божиялда буго «Зах1матчи»,
Лъик1лъи дур щваразул сиях1 бугелъул,
Ирга газеталде щвезе батилин
Къот1уларо хьулал гьинал рак1алъул.
Районалъул г1амир, тухум лъик1ав вас,
Байрам дуда баркун к1алъазин гьанже,
Рек1еда унтараб хъван борч1ун кканин,
Маг1на бит1ун босе, ц1одорав дуца.
Саг1ид Камилович, баркула дуда,
Т1аде бач1унеб сон, дур бергьенлъаби!
Гьарула думалъго рохалилъ тезе
Дуе рокьаралги мун хириялги.
Цингиги гьарила мац1ихъабазда
Дуда аск1обе нух к1очонго тезе,
Дуца мугъ рехидал шуршур баккулел
Гьал подхалимазги маска бахъизе.
Район т1егьазелъун квалулелщинал,
Дур командаялъеги гьарила талих1
Кьеги дуе тавпикъ зах1матаб нухда,
Аллагьас ц1унаги районги нилъги!
Амин.
|