Понедельник, 13.05.2024, 21:23 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Декабрь » 31 » Г1АБДУЛАТ1ИПОВАСДАСА ХАДУВ ВАЧ1УНЕСЕ ДАГЪИСТАН АЛЖАН БАТИЗЕ БУГО.
00:57
Г1АБДУЛАТ1ИПОВАСДАСА ХАДУВ ВАЧ1УНЕСЕ ДАГЪИСТАН АЛЖАН БАТИЗЕ БУГО.

Г1адат буго календаралъул ахирисеб т1амач бегулаго, цебе араб лъаг1алил х1асилал гьарулеб, лъик1аб-квешаб ц1адирабазда лъолеб. Халатрахъарал г1одоркъоязул анищазулъ йик1аго, дир бот1ролъеги рач1ана цо-цо г1агараб Дагъистаналда, районалда хурхарал пикраби. Щиб нахъа тараб, щиб цебе бугеб?

Г1иц1го к1вах1алав чияс реч1ич1ого тун батила гамач1 улкаялъул т1алъиялъ нилъее вит1ун вач1арав Республикаялъул Президент, хадув – Бет1ер Рамазан Х1ажимурадович Г1абдулат1иповасде ва гьесул политикаялде. Бич1ч1уларо  гьединазе сундул ургъел гьаб  г1умруялда бук1унебалиго, ялъуни лъайги бажариги х1албихьиги к1варич1ин,  кагътидасан гурого к1алъазецин гьунар гьеч1ев  табулди гурогониланищ гьазда рак1алде кколеб? Гьит1инаб къоялдаса нахъе дир инсул рокъоб политиказул бицунаго раг1улаан дида г1иц1го жакъасев республикаялъул нухмалъулесул ц1ар. Раг1улаан г1емер жо лъалев чийин, г1акъилав чийин. Бат1ияб  инсан гьеб, дие рик1к1адаб г1ала-гъважа – политикаялда дида, 10-12 сон бараб лъимералда бит1араб бицани, лъазего лъалароан. Жакъасеб къоялдайин  абуни, доб дирго г1адаб  лъимерлъудасанго Г1абдулат1иповасул бицунебги, г1адатал  харабаз къимат кьолебги раг1ун бук1араз абулеб раг1ула гьес г1емер хабар бицунин, философлъи бихьизабизе лъугьунин.

Т1аса лъугьа, х1урматиял, кьураб суалалъецин  жаваб кьезе к1оларого бубудиялдаса дие ц1ик1к1ун пайда щола ва асар гьабула г1елмиял факталгун, коч1ол мухъалгун цитатабигун гьабулеб «халатаб» к1алъаялъ. Дуниял ч1ег1ераб кьералда гурого бихьуларез бугьтан лъолеб буго щибго х1алт1и гьабулеб гьеч1ин. Щай? Кизляралда-томаталъул паста гьабулеб, Хъумторхъалаялда-ц1ер гьабулеб, Мах1ачхъалаялда-чабах ва Буйнакскалда-цемент гьабулел к1удияб производствалъул заводал дурги дирги х1аракаталдалъунищха рарал, газета ц1алулев? Дица гьаниб хъвалеб буго г1иц1го цо-цо х1алт1абазул. «Щибниги гьабич1олъиялде» гьоркьоре уна додин берцинго къач1араб Мах1ачхъалаялъул аэропортги, 400 млн. г1ан  гъурущалде босараб  медицинаялъул оборудованиеги, 32 «Хехаб кумекалъул» машинаги, тахшагьаралда хвадизе гьал къоязда рач1инарурал 60 ч1ух1араб автобусги, 40 ялдаса ц1ик1к1ун школаги, гьедиг1анаселго ясли-ахалги, чанго анц1-анц1 сахлъи ц1униялъул г1уц1иги … сиях1 халат гьабиларин.

Гьев х1албихьиги, дунялалъулго масштабалъул лъай-хъваялги ругев миллатцоясул нухмалъиялъул заманалда ккеч1о дол цересел соназ г1адин черхалда сири базабулел ч1вай-хъвеял, италиялъул мафияцин жидер вах1шилъиялъгун х1алихьалъиялъ хагазарулел такъсирал. Халлъулеб буго ч1ужуг1адан-дие ва дун г1адинал миллионал улбузе, яцазе, ясазе, лъудбузе х1ажатаб парахалъи, г1одобе биччай. Лъаг1елгун бащадаб заманалда жаниб кинабго хисизабеян нухмалъиялдаса т1алаб гьаби-релълъуна къасиса радалиде «30 меседил хоно лъун батаян» г1анк1уялдаса хъант1арав хважаинас т1алаб гьабиялда.

«Хунз рокьуларин досиеян» лъугьана диде цо-цо ч1ух1арал. Рокьуларезде зулмучаг1и, бажари гьеч1ел нухмалъулел т1амилаанин  рак1алде кколаха дида Саг1ид Юсуповасул х1алт1улъ тирилъиги к1вах1 гьеч1олъиги бихьулаго к1веларо божизе «рокьуларел» хунздерие бец1изеян интеллигент Рамазан лъугьиналдаги.

Цойги! Газеталъул редактор х1исабалда, дун йохараб х1ужа Ц1ияб соналда цебесеб  республикаялъул нухмалъулесул миллиял мац1азда къват1ире унел газетазул редакторзабазулгун дандч1ваялда Г1абдулат1иповас гьабуна интернет-сообществалъ дагьаб нахъе цузабун, къимат г1одобег1ан ккезабун бук1араб печаталъул СМИязул рак1 батизабураб, гьезул жидерго бук1инеселда рак1 ч1езабураб калам: «К1удияб к1вар буго миллиял мац1азда къват1ире унел газетал церет1езариялъул. Гьелъие районазул газетазул бугеб к1удияб ресурсги бажариги х1алт1изабун» ан абуна Бет1ерас. Гьаб бак1алда рак1алде бач1ана «Цог1аги газета ц1алулев чи вук1аго, гьеб ч1аго бук1уна» ян цо г1акъилас абураб. Живго республикаялъул Бет1ерас х1алт1уе  къимат кьолеллъул ругони, узухъда, хъвадарулезеги бокьила х1алт1и мух1канлъизабизе. Гьаб т1адехун рехсаралъги нуг1лъи гьабула (хас гьабун дие), республикаялъул Бет1ер ц1алдолевги, ц1одоравги творчествалъулал г1адамазул къимат  гьабулевлъунги вук1иналъе. Дирго макъалаялъул ахир лъезе бокьун буго районалъул бет1ер С. Юсуповас  абурал гьал раг1абаздалъун: «рамазан Г1абдулат1ипов Дагъистаналде вач1индал, гьаниб бук1ана жужах1, гьесдаса хадув вач1унесеян абуни гьаниб батизе буго гьес х1адурун тараб алжан»,-ан. Гьединлъидал, х1урматиял газета ц1алулел араб сон Дагъистаналъе нилъеца какизег1ан квешаб бук1инч1о! Щаклъи карал балагье Украинаялда, сириялда ва цойгидал ц1адул кор боркьарал точкабазда бугеб х1алалъухъ ва щукру гьабе бет1ергьанасе. Бач1унеб сон т1олалго Дагъистаниязе жеги лъик1аб батагиян гьари-рахьигун г1одоб лъолеб буго исана дирго редакторалъул къалам.

Просмотров: 454 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz