Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2014с.
Главврачасул т1оцебесеб макъала… Баркала. Лъала, Мун гьелде рег1ун вук1унареблъиги,(обход гьабизецин рег1уларев чи макъалаби хъвазе кинха рег1илев?!) лъала, унтаразухъе рокъове хьвадизе Дуда т1адаб гьеч1олъиги. Гьеб гьедиг1ан «к1вар кьун» Дуца ц1алараб макъалаялда дица рехсонги, Дуе баркала кьунги бук1ана. Амма 24 саг1аталъ аск1ов вугесда цо «х1унчизе» рач1араздаса лъик1 лъалеб батила унтарасул ах1вал-х1ал. Гьелде т1адеги, Дур больницаялде къабулги гьайич1ого дир к1ицул инфаркт ккарай эбел Республикаялъулаб сахлъи ц1униялъул г1уц1и -кардиоцентралда гьей жаний паракъат гьаюлелъул, гьелъул сахлъиялъе характеристика кьураб, т1ад иту бахъун бит1изабураб гуребха, х1акъикъияб документги, тохтурзаби-специалистазул «гьадинаб зах1матаб х1алалде ккезег1ан щай унтарай дора ругез тарай?» ан суалалги руго.
|
Автор.Мусаев М.Ш.Хунзахская ЦРБ.ГБУялъул бет1ерав тохтур.Сентябрь 2014с.
Х1урматияй Фатима Камиловна! Дица к1вар кьун ц1алана №№ 64-65 газеталда дуца хъвараб макъала ва г1ажаиблъи гьабуна щайдайин дуца дур эбелалдехун рекъеч1еб х1алалъ бербалагьи гьабурал тохтурзабазул ц1арал хъвач1ого, жидедаго т1адаб х1алт1и рак1бац1ц1адго гьабизе х1аракат бахъулеб райбольницаялъул коллективалде раг1ад рехулебан. Х1акъикъаталдаги, нижер г1уц1иялда х1алт1улезул т1олабго халкъалъулго г1адин руго лъик1алги квешалги хасиятал. Ва дица, ЦРБялъул нухмалъулев х1исабалда, г1емераб к1вар кьола тохтурасул этикаялъул, деонтологиялъул, пишацоязулгун, пациентазулгун гьоркьорлъабазул суалазде. Узухъда цо-цо х1алт1ухъабазе гьеб рек1ее г1оларо, гьел хьвадун ратула бат1и-бат1иял инстанциязде дидасан г1арзалъ.
|
Автор.Шамай Хъазанбиева.Т1ануси росу.Сентябрь 2014с.
Дагъистаналъул консервазул трестазул нухмалъулев, КПССалъул Дагъобкомалъул секретарь, ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместитель, Совнархозалъул председатель, ДАССРалъул х1укуматалъул председателасул т1оцевесев заместитель, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель - гьеле Шагьрудинил х1алт1улаб биография. Биччанте дир гьаб гьит1инаб х1алт1и бук1ине к1удияб рак1алъул инсан Шагьрудин Шамхалов рак1алде щвеялъулъ лъураб гьит1инаб бут1алъун.
|
Г1асруялъул болъодул ич1абилеб х1ок1 бегана К1удияв инсан, К1удияв шаг1ир Х1амзатил Расул дунялалде вач1аралдаса. Гьале исана 91 сон балаан гьев х1икматав раг1ул устарас, кибего ц1ар раг1арав поэтас нилъгун вук1аравани. Абула гьединал г1адамал ц1акъго къанаг1ат, г1асруялда жаниб цо-к1иго гурого рахъунарилан. Х1акъикъаталдаги Х1амзатил Расул вук1ана такрарлъи гьеч1ев цох1ого-цо Расулие хасиятаб гъваридаб философияб г1акълу-лъаялъул, пасих1аб каламалъул г1адан. Ракьалде гьев вач1ун вук1ун вуго гьит1инабго Ц1ада росдал, Дагъистаналъул ц1ар дунялалдаго раг1изабизе гуребги, рек1ел гъварилъудасан бач1ун шиг1рудалъ бесараб хасаб хинлъиялдалъунги, щивасда бич1улеб г1адатлъиялдалъунги бат1и-бат1иял халкъал, миллатал, г1адамал цолъизаризе.
|
|