Гвангъун буго Шагьрудинил ц1ва
Кенч1олеб буго Шагьрудинил ц1ва. Унго, долъул берцинлъи
Дагъистаналъул консервазул трестазул нухмалъулев, КПССалъул Дагъобкомалъул секретарь, ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместитель, Совнархозалъул председатель, ДАССРалъул х1укуматалъул председателасул т1оцевесев заместитель, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель - гьеле Шагьрудинил х1алт1улаб биография. Биччанте дир гьаб гьит1инаб х1алт1и бук1ине к1удияб рак1алъул инсан Шагьрудин Шамхалов рак1алде щвеялъулъ лъураб гьит1инаб бут1алъун.
Нижер Шагьрудин. Гьедин, рек1елъ к1удияб ч1ух1игун абула т1анусдерица жакъаги. Гьедин дагъистанияз абизеги мустах1икъав вук1ана Шагьрудин Шамхалов. Дида гьев лъалароан, лъалаан гьев мунагьал чураял дир эбел-инсуда, лъалаан гьев т1анусдерида, лъалаан Дагъистаналда. Гуребани, гьесул ц1ар гьадинаб т1адег1анаб х1урматалда рехселароан жакъаги. Лъаларев чиясул х1акъалъулъ бицине, хъвазе зах1мат бук1унилан абула. Амма дие г1ажаибго бигьа буго Шагьрудинил xlaкъалъулъ хъвазе.
Дида ккола Т1адег1анас, инсан вижулаго, цадахъ гьесул ц1ваги бит1улеб батилин ракьалдейилан. Ц1ва ракьалдагойищ хут1илеб, зобалдаги ракьалдаги гьоркьобищ рещт1ен гьабилеб, яги борхалъудасан ракьалъе гвангъийищ кьелебали – ц1ваялъул къисмат бараб буго Т1адег1анас гьелъул божел гьабун тарасда. Шагьрудинил ц1ваялда жиндирго нух батана - гьелъ т1аса бищана Борхалъи - ях1- намусалъул, г1аданлъиялъул, г1адатлъиялъул.
Дица сапар бухьана Шагьрудинил ц1ваялъухъе...
Таргъуялъул хабзал...
Огь, зах1мат бук1унеб куц хобазулгун, заназулгун хабар бицине! Дун гьелде нек1ого ругьунлъана. Х1инкъадго галабиги росулаго, дун щвана Шагьрудинил хобалда цее. Х1инкъадго хъвалеб буго заниялда квер. Гьале аск1обго кунч1ун цоги ц1ва. Шагьрудинил г1умруялъул гьудул Месей. Цодагьаб дорег1ан ругел хобал нилъерго Х1амзатил Расул жиндирго Пат1иматгун. Г1агараб хунздерил т1алъи къалъизабураб к1иго ц1ва, к1иго ц1ар.
Расул, дун жеги духъе т1адюссина. Бокьун буго росуцоясулгун гара-ч1вари гьабизе. Борхалъудасан гьимулеб буго ц1ва. Доле доб Шагьрудинил ц1ва. Къадгицин г1адамазе гвангъулеб х1икматаб ц1ваялъ г1анабиги чурулаго гирун унел дир маг1ил гаразе салам кьолеб буго. Гвангъун буго Шагьрудинил ц1ва, г1емерг1аркьалабазул г1ажаибаб ц1ва. Дида рак1алде кколеб буго, щвеладай дун, масала, г1адамазда рак1алде 50 соналдасан, рехселадай адаб-х1урматалда дирги ц1арилан. Гвангъиладай дир ц1ва, щвеладай гьелъухъе г1адамал, гьимиладай гьеб г1аламалъе?! Гьелъие мустах1икъаллъун рук1ине ккани, гleмераб лъик1лъи гьурщизе кколеб батула... Унго, к1велародай дир ц1ваялдаги цо гьит1инабг1аги борхалъуде боржине?! Кенч1олеб буго Шагьрудинил ц1ва. Дица ц1ваялъулгун к1алъай гьабулеб буго... Сог1аб г1умруялъ хьухьараб Шагьрудинил къисматалъул куналда соназ хуна цоги ч1ум, нусабилебги. 100 ч1ум, жиндир щибалъул хасаб тарих бугеб.
Гьале т1оцебесеб ч1ум жиндирго ц1вагун Шагьрудин ракьалде вач1араб къо. К1иабилеб...., анц1абилеб... анц1ила щуабилеб …- зах1матаб лъимерлъи, бесдаллъи, лъималазул рукъ... Лъеберабилеб..., к1икъоабилеб..., к1икъоялда анц1абилеб... г1агараб халкъалъул г1умру ц1илъизабизе, Дагъистан цебет1езабизе къеркьохъан.
Лъабкъоабилеб ... - Дагъистаналда Шагьрудинил нухмалъиялда гъоркь ралел заводал, фабрикал, стадионал, цебет1ун бач1унеб спорт, спортсменазул бергьенлъаби. Лъабкъоялда анц1абилеб..., х1алхьи гьеч1еб х1алт1удаса хадуб мустах1икъаб х1ухьбахъи. Шагьрудиница гьабунщинаб лъик1лъи рокьул куркьбазда гьесухъего т1адбуссунеб буго.
Нусабилеб... - Шагьрудинил ц1ваялъ мук1ур гьабуна щивасул анищлъун бук1унеб борхалъи. Борхалъудасан гьелда нух батана Шагьрудин лъалевщинасул рек1елъе...
Гвангъун буго Шагьрудинил ц1ва.
Унго, долъул берцинлъи!
Хунзахъ т1алъиялъул бищунго борхалъуда бугеб Т1анусисан бихьула доб ц1ваялде данде кенч1олеб ц1а. Гьеб ц1адухъ нижер гьудулзабазда батула хинлъиги рокьиги. Гьеб ц1адулъе Шагьрудиница журазаруна г1адатлъиги, г1аданлъиги, гьуинлъиги, гурх1ел-рах1муги жанибе бачараб чилъи. К1удияб г1ариялде сверараб гьеб ц1аялда гъорлъ буго Шагьрудинил ц1аги, жеги чанги г1асрабаз г1адамазе хинлъи кьезе бугеб. Нижер, Шагьрудинил ирсилазул, бат1ияб х1алалъ рук1ине ихтияр гьеч1о. Гьедин абулеб буго досул ц1ваялъги ц1аралъги.
Г1умрудул сухъмахъазул, нусго свери, нусго борхалъи....
Гьале дун Шагьрудиница г1умру гьабулеб бук1араб минаялда цее эхетун. Г1умруялъ, г1адамаз к1одо гьавуниги, жиндирго г1акъиллъиялъ, г1адатлъиялъ гьит1инавлъун хут1арав инсанасул г1адатияб мина.
Эменго г1адай ятана гьесул яс Зумрудги. Бахиллъиларей кинха гьелда - г1адатияв гурев инсул xlaкъалъулъ гьелъ ц1акъго г1адатго бицунеб бук1ана. Талих1аб лъимерлъи, кьварарав маг1аруласул къвак1араб тарбия, г1адатиял г1адамаздехун бук1араб жавабчилъиялъулаб бербалагьи, рак1бац1ц1алъи - гьеб кинабго ирсалъе кьун бугоан инсуца лъималазе. Дида маг1у кквезе к1веч1о..., сих1къот1и, кинаб къуватха къвариг1унеб инсанасе гьадинавлъун хут1изе ккани?! Гьале доб унго-унгояб талих1. Лъабго-ункъо саг1аталъ гара-ч1варулаго Зумрудица бицана Шагьрудинил киналго лъималазул, гьезулги лъималазул къисмат - Тунис, Бах1рейн, Китай, Шотландия, Москва, Мах1ачхъала... Гьале Шагьрудинил ирсилазул г1умруялъул нухал...
Гвангъун буго Шагьрудинил ц1ва, беролеб буго Шагьрудинил ц1а...
|