Воскресенье, 05.05.2024, 07:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Сентябрь » 13 » «НАГАГЬ ГЬАЯЛЪЕ ХИЛИПЛЪАНИ, ДИЕГО КВЕШЛЪИЛЪУН БУССАГИ» АБУРАБ Ф. МУХ1АМАДОВАЛЪ ХЪВАРАБ МАКЪАЛАЯЛЪЕ ЖАВАБ.
21:57
«НАГАГЬ ГЬАЯЛЪЕ ХИЛИПЛЪАНИ, ДИЕГО КВЕШЛЪИЛЪУН БУССАГИ» АБУРАБ Ф. МУХ1АМАДОВАЛЪ ХЪВАРАБ МАКЪАЛАЯЛЪЕ ЖАВАБ.

Дандерижи

«Нагагь гьаялъе  хилиплъани, диего квешлъилъун буссаги» абураб Ф. Мух1амадовалъ хъвараб макъалаялъе жаваб

Х1урматияй Фатима Камиловна! Дица к1вар кьун ц1алана №№ 64-65  газеталда дуца хъвараб макъала ва г1ажаиблъи гьабуна  щайдайин дуца дур эбелалдехун рекъеч1еб х1алалъ бербалагьи гьабурал тохтурзабазул ц1арал хъвач1ого, жидедаго т1адаб х1алт1и рак1бац1ц1адго гьабизе х1аракат бахъулеб райбольницаялъул коллективалде раг1ад  рехулебан. Х1акъикъаталдаги, нижер г1уц1иялда х1алт1улезул т1олабго халкъалъулго г1адин  руго лъик1алги квешалги хасиятал. Ва дица, ЦРБялъул нухмалъулев х1исабалда, г1емераб к1вар кьола тохтурасул этикаялъул, деонтологиялъул, пишацоязулгун, пациентазулгун гьоркьорлъабазул суалазде. Узухъда цо-цо х1алт1ухъабазе гьеб рек1ее  г1оларо, гьел хьвадун ратула бат1и-бат1иял инстанциязде дидасан г1арзалъ. Дун вохарав вук1инаан, санитаркаялдаса байбихьун тохтурасде щвезег1ан мух1канго жидерго х1алт1и т1убазабулелги, дица малъухъе хьвадулелги рук1аралани. Пашманлъизе ккараб х1ужа буго, цо-цояз биччалеб буго пишацояздехунги унтараздехунги сурараб бербалагьи. Амма гьеб кколаро киналго гьединал ругин абураб жо, бугелда бугеб абе, ц1ар-ц1арккун рехсе гьединал. Гьелъ кьела халкъалъул сахлъи ц1униялъе пайда. Диеги кумек гьабила гьелъ. Цо-цоязда ккезе бегьила медперсоналгун хъач1го рук1ине, гьезда ц1арал лъезе, «Дие нух ккун ятана цо дида лъаларей ч1ужуг1адан» ан ургъун рахъун жал рицине бегьулилан. Рук1уна жал нилъеда рач1ел, инсанасул  организм – махул балка гурелъул, зах1матал, рич1ч1уларел лъугьа-бахъинал ккола.Гьел газеталдасан гьоркьор лъезе кколаро, гьеб квеш бук1уна гьеб ситуациялда гьоркьор рук1аралщиназда. Раг1а-ракьанде щун  раккич1ого, ц1ехеч1ого т1ирит1изаризе бегьиларо  печаталдасан къват1ул харбал.

«Сайгъал-саламалъул» суалалда хурхунги. У, дихъеги рач1уна сайгъат-саламгун, дица гьединал мажгиталде рит1ула, г1адамазда цебеги  шариг1аталда цебеги гьелъул хайир ц1ик1к1ун бук1инилан. Гьединал х1ужаби ратани, иш т1аде кколел органазде хъвай, киназдего г1айиб г1унт1изабич1ого.

Дурр эбелалъул сахлъиялда хурхунги. У, мун яч1ун йик1ана дихъе к1иго анкьалдасаги заманалъ унтарай эбел бак1 гьеч1илан больницаялда  егизаюлей гьеч1илан. Положениялда рекъон, плановиял унтарал регизаризе ккола 30 къоялда жаниб, завотделас бихьизабизе ккола гьединав вегизавулеб къо, гьеб гьаб нухалда гьабун гьеч1о. Участковияв терапевтасин абуни гьелде щвезег1ан гьабизе ккола рокъоб лечение ва  балагьизе ккола унтарасул х1алалъухъ, зах1матаб х1ал бугони, экстренно  больницаялдеги вачине ккола. Мун яч1индал больницаялда бак1 бук1инч1о. Дица дуда абуна дунго балагьилин  унтаралъухъ ва дицаго х1укму  гьабилин щиб гьабилебали, цодагьалъ ч1аян. Дун эркенлъидал, мун ятич1о, «хехаб кумекалъул» машинаялда дун дунго вач1ана дур дове. Телефоналъ дуца, я дур г1агараз жаваб кьеч1о. Бащдаб саг1аталъ балагьунги ч1ун дун нахъе ана.Дица вит1ана участковияв  терапевт ва гьес бицана дур эбел гьедиг1ан унтун гьеч1ин ва  нуж шагьаралде унел  ругилан. Кинабго бук1ахъе хъвай, «бит1араб» хъвалеб батани.

Дида к1оларо цойги каламалъе жаваб кьеч1ого ч1езеги «хехаб кумекалдаги рек1ун щун вуго гьев нижер дове, жиндирго х1алт1ухъабазул ричча-рихъантеял рац1ц1инелъун». У, дир х1алт1ухъабазда унтаразул ах1вал-х1ал  стабиллъизабизе к1веч1еб мехалъ  ваккула дун лечениялде гьоркьове, ричча-рихъантеял рац1ц1инелъун гуреб, г1аданлъиялъул, Гиппократил гьаялдалъун. Дур гьелъие г1ураб лъайги, бажариги, х1албихьиги буго. Дуца гьеб дурго менталитеталда рекъон къот1ана.

Дун воххарав вуго дуца, ц1арал рехсеч1ониги, гьеб статья хъваялдаса. Гьенир рехсараз нахъосалда гьединал х1ужаби риччалелде, медицинаялъул этика хвезабилалде цебе пикру гьабилеб батила. Гьарула хадубккунги рагьизаре г1унгут1аби, амма г1аммаб къаг1идаялъ киналго ч1ег1ер гьарун, бица-бицаралда хадур рилълъун гуро ц1ар-ц1ар ккун рехсон.

СМИязда критика гьабиялъул рахъалдасанги  абила дица районцоязда: биччанте районалда киса-кибго райбольницаялдаса лъик1 бук1ине ва унтаразе  цойгидал сах гьариялъул учреждениязда нижер гьанибалдаса лъик1аб хъулухъ щвезе. Больницаялъул х1алт1ухъабаз нужедехун рит1ухълъи гьеч1олъи биччани, хъвай, ах1е дихъе. Гьале номерги:8 (963)-790-55-09

Гьарула гьаб макъала, нахъ т1амун теч1ого, газеталда бахъеян.

Адабгун «Хунзахская ЦРБ» ГБУялъул  бет1ерав тохтур М. Ш. Мусаев.

Просмотров: 642 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz