Г1асруялъул болъодул ич1абилеб х1ок1 бегана К1удияв инсан, К1удияв шаг1ир Х1амзатил Расул дунялалде вач1аралдаса. Гьале исана 91 сон балаан гьев х1икматав раг1ул устарас, кибего ц1ар раг1арав поэтас нилъгун вук1аравани. Абула гьединал г1адамал ц1акъго къанаг1ат, г1асруялда жаниб цо-к1иго гурого рахъунарилан. Х1акъикъаталдаги Х1амзатил Расул вук1ана такрарлъи гьеч1ев цох1ого-цо Расулие хасиятаб гъваридаб философияб г1акълу-лъаялъул, пасих1аб каламалъул г1адан. Ракьалде гьев вач1ун вук1ун вуго гьит1инабго Ц1ада росдал, Дагъистаналъул ц1ар дунялалдаго раг1изабизе гуребги, рек1ел гъварилъудасан бач1ун шиг1рудалъ бесараб хасаб хинлъиялдалъунги, щивасда бич1улеб г1адатлъиялдалъунги бат1и-бат1иял халкъал, миллатал, г1адамал цолъизаризе.
28 сон бана исана Х1амзатовасул «Хъах1ал къункърабаз» дунял сверулелдаса ай Расулил кеч1алъул асаралда гъоркь цебет1ураб инсанияталъ рагъда т1аг1арал г1адамал рак1алде щвезарулелдаса. 10 сон ана районалдаги т1оцебе гьеб тадбир т1обит1изе байбихьаралдаса . Г1емерал ц1ар раг1арал раг1ул устарзаби – хъвадарухъаби данде гьаруна Расулил пагьму-гьунаралъ Хунздерил т1алъиялда. Х1атта къват1исел улкабаздасагицин адабияталъул вакилзаби рач1ана аваристаналъул тахшагьар Хунзахъ районалде гьал ахирал соназ.
Москваялда, Мах1ачхъалаялда, Гъуниб, Хунзахъ ва цогидал шагьараздагун районазда т1обит1ула сентябрь моц1алъул авалалда «Хъах1ал къункърабазул къо». Исанаги 9 сентябралъул радалго к1удияб ч1аголъи бук1ана Х1амзатилгун Расулил ват1ан, авар адабияталъул гъансито, гьит1инабго Ц1ада росулъ. Байрамалде къач1араб «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб комплекс, берцинго рет1а-къарал г1адамал, цоцаздехун баркиялъулал раг1аби, релъа-рохи, сверухълъиялдаго т1ибит1араб шаг1ирасул раг1абазда ах1улел куч1дулгун бакънал, кинабго жубан бук1ана ц1игьулдерил росда цебе бугеб майданалда. Байрамалъе цо хаслъи кьолеб х1ужалъун бук1ана Казбек, Хунзахъ, Гъуниб райадминистрациязул цадахъаб х1аракаталдалъун г1уц1араб «Летят белые журавли» абураб автопробег. Гьеб колоннаги гьелдаго цадахъ улкаялъул бат1и-бат1иял регионаздаса Расулил пишацоял хъвадарухъаби т1аде щвеялъухъ балагьун рук1ана киналго. Г1адатлъун лъугьахъе байрам байбихьана Ц1ада росу бакьулъ дунялго ч1ух1арал жидерго росуцоял Х1амзатиеги Расулиеги ц1игьулдерица рарал памятниказда цебе т1угьдул лъеялдасан. Хадусеб ирга Ц1адаса Х1амзатил рукъ-музей. Г1ажаиблъи, г1адатиял маг1арулазул г1умру-яшав гвангъун рагьараб, Х1амзатицаги Расулицаги жаниб г1умру гьабураб адабияталъул гьит1инабго гьеб гъанситухъ т1оцеве жаниве лъугьунесеги чанц1улго бихьун ч1алг1анин ккарасеги пайдаябги интересабги жо г1емераб батула.
Байрамалъулаб данделъи т1обит1ана «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб комплексалда. Гьебги рагьун гьалбадеридехун, районцояздехун баркиялъулаб к1алъай гьабуна райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Батиров Саг1дулагьица. – Чанц1ул гьаниве щваниги жив г1орц1уларила Х1амзатицаги Расулицаги х1ухьел ц1араб гьаваялдаса лазат босун, гьел жанир хьвадарал къват1ахъ сверун, т1абиг1аталъул берцинлъиялъухъ валагьун, нуж – гьезул ирсилаздаса – хунздеридаса ч1ух1аравги вохаравги вугилан абуна к1алъазе вахъарав Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Ах1мадов Мух1амадица. Расулил х1акъалъулъ рак1алдещвеялгун, жидецаго руссинарурал ва гьесде гьарурал куч1дулгун цере рахъана Россиялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул т1оцевесев секретарь Геннадий Иванов, Москваялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул секретарь, Дагъистаналъул поэзиялъул таржамачи Иван Голубничий, Дагъистаналъул поэзиялъул таржамач1ужу Наталья Лясковская, Крымалъул Литературияб академиялъул президент, хъвадарухъан Валерий Басыров, Башкириялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул председатель, халкъияв поэт Равиль Бикбаев, Кабардиязул поэт Юруслан Болатов, поэт-прозаик Залму Батирова. Дагъистаналъул халкъияй хъвадарухъан Бийбике Кулунчакова, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул Табасараназул секциялъул нухмалъулей Сувайнат Кюрибекова, Лъараг1азул «Сарикум» газеталъул редактор-поэт Джават Закавов ва цогидалги.
Г1ат1идаб концерталъулаб программагун цере рахъана районалъул культураялъул х1аракатчаг1иги. Балагьараз гъираялда къабул гьаруна Султ1анбегов Чараница, Пат1имат Султ1ановалъ, Г1айшат Тажудиновалъ, Хадижат Г1абдулкъадировалъ ва цогидазги ах1арал куч1дул, Расулил куч1дул рик1к1ине рахъана Хунзахъ к1иабилеб ва Бакьагьеч1и школазул ц1алдохъаби-ясал, ингилис мац1алда Расулил кеч1ги рик1к1ун скрипкаялда бакънал рачана Г1арани школалъул ц1алдохъан Г1арцул Хъаничаца, пандрида бакъангун кеч1 ах1ана гьебго школалъул ц1алдохъан Батиров Къасумица, пасих1го Расулил куч1дул рик1к1ана Гъоркьколоса Г1абдулхаликъов Муртазаг1алицаги.
Концерталъулаб программаялдаса хадуб кванил ниг1матазул столалда нахъаги рак1алде щвезавуна Расул, бицана гьесул г1умруялдаса рак1алда ч1олел цо-цо лах1затазул.
Гьедин т1обит1ана Хунзахъ т1алъиялда Расулил «Хъах1ал къункърабазул къо».
|