Суббота, 27.04.2024, 05:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 2
Гостей: 2
Пользователей: 0


Главная » 2021 » Декабрь » 8 » ЖУКОВАС КЪИМАТ КЬУРАВ АХМЕДЫЧ
12:21
ЖУКОВАС КЪИМАТ КЬУРАВ АХМЕДЫЧ

Дир кIудаэмен АхIмадов Сайгид Дадаевич гьавуна 1912 соналда Хунзахъ росулъ векьарухъанасул хъизамалда. 4 классги лъугIизабун, рагъ байбихьизегIан гьев хIалтIана НКВДялъул кьеразулъ Новочеркасск шагьаралда ва Дылымалда. Хадуб хIалтIизе лъугьана Москваялъул порталда. Гьеб заманалда байбихьун буго рагъ. Гьедин 1941 соналъул 26 августалда гьев Москваялъул Пролетаралъул военкоматалдасан ахIун вуго фронталде сержантасул цIаралда. ВукIана отрядалъул командирлъун ва 03504 рагъулаб часталъул 53-аб. армиялъул автоматчиклъун. ГIахьаллъи гьабуна тушманасдаса Харьков, Белгород, Бухарест, Буденновск ва Кировоград шагьарал эркен гьариялъулъ. Узухъда, рехсарал шагьарал эркен гьарулаго бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ пачалихъалъ кьуна мустахIикъаб къимат. Гьесие кьуна «БагIараб байрахъалъул», «ВатIанияб рагъул кIиабилеб даражаялъул» орденал ва «Бихьинчилъиялъухъ» медаль. Гьединго 1945 соналде Япониялъулгун рагъул заманалда гIахьаллъи гьабуна Хинганалъулгун Мукденалъул гьужумалъул операциялдаги. Гьев лъалаан СССРалъул БахIарчи, маршал Георгий Константинович Жуковасдаги «О мужестве, о доблести, о славе» абураб тIехьалда кIудаинсул вукIарав нухмалъулев СССРалъул БахIарчи, генерал-полковник Иван Мефодьевич Манагаровас бицараб харбида рекъон хъвалеб буго: «Дида гьев лъикI лъарав мехалъ, дица Сережаян абизе байбихьана гьесда. Армиялъул штабалъул солдатазгун офицеразги гьединго абулаан гьесда. Амма цонух маршал Г. К. Жуковас «Ахмедыч» абун борчIидал, гьелдаса нахъе гьеб цIар рекIана гьесда. Цо нухалда ракI рагьараб харбида рукIаго гьес дие бицун букIана жиндирго Дагъистаналъул, гIагараб росдал, кIудияв вац Хъайтмазил ва йокьарай ясалъул хIакъалъулъ. Гьелдаса хадуб нижер гьудуллъи ккана ва гьес дида эменилан абулаан. 1943 соналъул августалда Харьковалде щолеб бакIалда ниж рагъилел рукIана Микояновка абураб поселокалъе гIоло. Гьениве вачIана фронталъул командующий И. С. Конев. Микояновкалъул кваранисан гьужумалъ унеб букIана 299 аб. кьвагьдохъабазул дивизия. Коневас хIукму гьабуна дивизиялъул хал гьабулеб пункталде щвезе ине. КилометргIанасеб манзилалъ ниж ана машинабаздаги рекIун. Гьеб участокалде тушманас гулбузул цIад базабулеб букIиналъ, машинабаздаса гъоркьеги рахъун ниж цIоросаролъил хурисан телефоналъул кваралда аскIосан унел рукIана. Кварги кодоб ккун Ахмедыч цеве-цеве унев вукIана. Телефоналъул мухъалъе зарал ккана. Сверун рихьулел рукIана кьвагьарал гулбузгун минабаз лъугьинарурал гундул. Ниж хехлъи гьабун гIодор регана, амма Ахмедыч тIураб телефоналъул кварил цояб кIал балагьизеян хъурщун ана. Нусго метралъ гьев хъурщаравго гIарадаялъул кьвагьи бахъана. Дида ракIалде ккана Ахмедыч хванилан. Амма цо заманалдасан мехтарав чиясгIадин бетIерги хьвагIезабулаго, тартадилаго гIундузухъанги магIазухъанги биги чвахулаго гьев тIад вуссун вачIана. Дида цадахъ вукIарав фельдшерас гьесие тIоцебесеб хехаб медикияб кумек гьабуна ва медсанбаталде витIана. Амма кIиабилеб къоялъго Ахмедыч гьениса нахъеги тIурун дихъе вачIана. Гьесул гьумер-кIал гьорон букIана, живго тартадилев вугоан, бихьулеб букIана гIезегIан захIматаб контузия ккун букIин. Мун щай медсанбаталдаса тIураравилан гьикъидал, живги гьечIого мун кин вукIиневан абуна гьес дида. 9 августалда Лопань гIорги бахун 1-б мехкорпус майданалде рещтIана. Амма тушманасда гьел рихьана ва 30 Юнкерсалъ байбихьана корпусалде тIаде бомбаби разе.
Гьеб заманалда дун дирго автоматчикалгун ва радисталгун цадахъ гIемер рикIкIад гьечIеб бакIалда бугеб борхалъуда вукIана. Бомбаби ралел мехалда Ахмедыч тохлъукьего дида тIаде вегун вачIана. Дица гьесде ахIи балеб букIана дида хьолбохъ вегаян. «Нилъеда тIаде бомбаби рехани нилъ киналго хвела, амма гьелъул ричIчIиялъ кIигояв ворлъуларо»,-ян жаваб кьуна гьес. 1943 соналъул 5 декабралда нижер армия букIана Днепр гIоралъул кваранаб рагIалда. Ниж хIадурулел рукIана гьужумалъ ине. Дун ана кьвагьдолезул 116-б дивизиялъул халгьабиялъул пункталде щвезе. Борхалъудеги вахун, хандакъалъуве лъугьиналде дун лъукъана. Армиялъул госпиталалдаги Ахмедыч дидаса ватIалъичIо. Гьениб гьес лъазабуна санитарасул махщелги. Сахлъиялдалъун дун гьесие налъулав вуго.
Нижер фронталъулаб гIумруялда ккун букIана цоги гьадинаб лъугьа-бахъинги. 1944 соналъул 7 ноябралда Венгриялъул ракьалдасан дун унев вукIана цIияб халгьабиялъул пункталде щвезе. Гьелда цебесеб къоялъ нижер нухда батулеб шагьар эркен гьабун букIана. Амма сардилъ тушманас цIидасан шагьаралдаса нилъеразул аскар нахъе кIанцIизабун букIун буго. Гьелъул хIакъалъулъ армиялъул штабалде, бачIараб донесениеги букIинчIо. Ниж унел рукIана гьениб нилъер солдатал ратилин абураб хьулгун. СагIат ункъго тIубараб гIужалъ ниж шагьаралде щвана. Циндаго тушман нижер машинаялдехун кьвагьдезе лъугьана. Ахмедыч машинаялдаса къватIивеги кIанцIун автоматалдасан гьезде данде кьвагьдезе лъугьана. Гьес гьелдалъун бихьизабуна унго-унгояб бахIарчилъи. ГIицIго Ахмедыч гIадинал рагъухъабазда гурони гитлерилаб фашизмалда тIад бергьенлъи босизе кIвелароан. Гьев вукIана ВатIаналъе ритIухъав, гIадлу-низам бугев, цадахъ ругезеги мисалияв солдатлъун.
Рагъдаса хадубги ниж цо нухалъ дандчIван рукIана. Дун доб мехалда Бакуялда вукIана хъулухъ гьабун. Дежурнияв офицерас ахIун бачIана Ахмедыч абурав чи вугин духъе виччаян, жив гьесул вас вугилан. Дун кутакалда вохун вукIана»,-ян абун.
КIудаинсул яцалъул яс, дир эбела-лъул яцгIал Загьидатил ракIалдещвеяз-да рекъон, гьев рагъул заманалда кIицIул вачIун вуго рокъове щвезе. ТIоцебесеб нухалъ Манагаровас гьев витIун вуго хъизан гьабизеян. КIиабилеб нухалда вачIун вуго жиндирго кIиго цадахъ гьарурал васги ясги рихьизе. Амма гIемер заман балелде гьел хун руго.
1947 соналда гьесие гьавуна вас, гьесда лъун буго МухIамаднаби абун вацасул цIар, кIиабилев васасда цIар лъун буго Шамил абун.
Рагъдаса хадуб гьев хIалтIулев вукIана Мурманск шагьаралда лъеда гъоркьан хьвадулеб гамида. Гьениб хIалтIулаго ккараб инфаркталъул хIасилалда гьев бусаде ккола. Ха-латбахъараб дару-сабабалдаса хадуб гьесда тIаде вахъине кIола, амма тIубанго сахлъи рукIалиде кколаро. КвегIаб квер багъаризабизе кIоларо ва дагьавго рекъдилевги вукIана. КIудаинсуца хъвалаан гIараб хIарпаздалъун, батIияб къагIидаялда гьесда хъвазе лъалароан, амма гIурусалъ цIализеги лъалаан. 1961 соналда гьев ана мустахIикъаб хIалхьиялде ва рокъове тIадвуссана. Щибаб соналъ гIахьаллъи гьабулаан 9 маялъул байрамалда хурхун тIобитIулеб тадбиралдаги. Гьев хвана 1974 соналда, вукъун вуго росдал хабзалалъ.


АХIМАДОВА ЗАРЕМА,
Хунзахъ росу

Просмотров: 209 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz