Хунзахъ район кидаго бечедаб букIана поэтаз-далъун ва хъвадарухъа-баздалъун. Гьелда абизе бегьула шагIирзабазул къебелъиян. Гьеб тасдикъ гьабуна дагьаб цебегIан Россиялъул хъвадарухъабазул Сою-залъ адабияталдагун маданияталда цере рихьизарурал тIокIлъабазе гIоло ва адабият цIуниялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъе гIоло нилъер районалъе «Россиялъул литературияб район» абураб хIурматияб цIар кьезе гьабураб хIукмуялъги. ГIемер гьечIо анлъго Халкъияв шагIирасдаса ва хъвадарухъабаздаса чIухIизе рес бугел районал. Дагъистаналъул адабияталъул борхалъуда хасаб гвангъигун кенчIолел руго ДРялъул Халкъияй шагIир Залму Батировалъул асарал. Гьезул щибалъулъ буго кунчIи. Гьениб дандчIвала кочIохъе хъвараб хабарги, харбихъего хъвараб шигIруги. Цоязулъ бихьула ракI пана гьабулеб поэзиялъул гьунар, цогидазулъ-гIодизе тIамулеб пашманлъи ва гIасрабаз хъвагIаларел тарихалъул хIужаби. Исана нилъер шагIиралъ тIубала 80 сон. ХIурматияй Залму МухIамадовна, дирго ва тIолалго районцоязул рахъалдасан ракI-ракIалъ баркула дуда гьеб юбилей.Хадубккунги дур магIна гъваридал асараз ниж хIайран гьаризе щулияб сахлъи ва икъбалгун талихI гьарула дуе. Хъизан-лъималаздаса ва гьезулги лъималаздаса йохун хутIаги даимго.Гьединго исана 70 сон тIубана цоги нилъер районалъул машгьурав поэт МахIмуд-апанди МухIамадовас. Гьесул творчество бокьулезда лъала кигIан гьунар бугев шагIир МахIмуд-апанди кколевали. Гьесул творчествоялъул байбихьи букIана жиндирго цIар гIахьалав ХъахIабросулъесул гIадаб-МахIмуд-апандица хъвана рокьул кучIдул. Хадубккун гьес хъвана философияб ва динияб темабазда асарал. Гьесул «УнкъбокIонал чIинхал» абураб тIехьалъе тIадегIанаб къимат кьуна цIалдолез. Бусурбабазе кутакалда пайда цIикIкIараллъун руго «1001 жаваб» ва «ХIадисазул квацIи» абурал тIахьал. Бокьун буго гьединго ракI-ракIалъ баркизе МахIмуд-апанди ГIумаровичасда юбилей. Биччанте жеги гIемерал соназ сах-саламатго мун нижгун вукIине ва гьунаралъе мустахIикъал цIаралгун шапакъатал дуе щвезе!
Районалъул бетIер Н. ЗАДИЕВ.
РЕДАКЦИЯ
|