Суббота, 20.04.2024, 15:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Март » 28 » ЖАВАБ ЩВЕЗЕ ЗАХ1МАТАЛ СУАЛАЛ?
22:24
ЖАВАБ ЩВЕЗЕ ЗАХ1МАТАЛ СУАЛАЛ?

Щибаб санайил, цӀияб сон тӀаде щведал киналниги Дагъистаниязулго гӀадин дирги пикру букӀунаан, цӀияб сон цебесеб соналде дандеккун, къварилъаби дагьаб, роххел гӀемераб, къокъ гьабун абуни сундул рахъалъ босаниги беричаб, бечедаб рахӀмат цӀикӀкӀараб, ритӀухълъи гӀемераб, гӀадамаз цоцазе кумек квербакъи цӀикӀкӀун гьабулеб, жахӀда-хӀусуд дагьаб, тунки-гӀуси лъугӀараб, багьаби гӀодорегӀанал, гӀарац цӀикӀкӀун щолеб сонлъун букӀинилан. Амма щаялиго, исанаги сон байбихьана киналниги кванил нигӀматазухъ багьаби цӀикӀкӀинариялдасан, къайи-цӀа хира гьабиялдасан, цӀатариялъул багьаби рорхизариялдасан, къокъ гьабун абуни, мискинчиясул гьадингоги къараб тӀаждал рачел дагьабги щула гьабиялдасан. Гьереси щай дирго хьул букӀана гӀадатиял дагъистаниялги рищун Республикаялда тӀобитӀараб Съездалдаса хадуб Дагъистаналда коррупцияги, клановостьги лъугӀилин, гӀадлу-низам лъикӀлъилин, гӀадатиял дагъистанияз жидерго ругел унтаби, гӀузраби, къварилъабиги рицун цо къадаралъ гьезул яшав цебе тӀелилан. Амма пайда щибха, кибехун гӀиял рехъен буссинабуниги щиб, дугӀби церехун унин абухъего, гӀадатиял дагъистаниязе пикру бицине рагӀиги кьечӀого, трибунаялда нахъа гӀодор чӀана долго хӀакимзаби, кӀалъазе рахъана гӀемерисел жакъасеб Дагъистан «тӀегьазабулел» ругел чиновникал. Гьелъги бицунеб буго кигӀан гӀадатиял гӀадамал, квеш бугин, ритӀухълъи гьечӀилан ахӀтӀаниги, хӀалакъаб чахъдал гъадигӀанги гьеб лъиданиги рагӀулареблъи, гьеб рагӀизе бокьарав хӀакимчиги къанагӀат гьечӀолъи, хасго гӀадатиял дагъистанияз гьаркьалги кьун, божилъиги гьабун рищарал ругониги.

Гьанже кватӀичӀого, Ӏ3 марталда, Республикаялда тӀоритӀизе руго ДРялъул Халкъияб Собраниялде депутатал рищиялъул иргадулал рищиял,лъала я районалъе я республикаялъе жидедасан кинаб букӀаниги мунпагӀат гьечӀел кандидатал рачӀине руго росабалъе ва районазде, нужее гӀумру кьезеги, яшав лъикӀлъизабизеги, бокьаразе мохмохил тӀажал, бокьаразе тӀатӀул гордал кьезеги жал хӀадур ругилан пударизе. Гьедин цереккун рищиязда рищараздаги, рищизе ругездаги гьикъизе заман щун бугилан тола дица.

Кинал бигьалъаби ва санагӀалъи дуца гьарурал ва гьарун бажарулеб мугӀрузда гӀумру гьабун ругел магӀарулазе? Кинал пайдаял законал хисизарун дуца роххизарурал хараби, лъимал гӀемерал хъизамал, хӀалтӀи гьечӀого ругел гӀолилал? Кида лъугӀизе бугеб Дагъистаналда ва гьелдаго гьоркьоб районалдаги, кванил нигӀматазул ва къайи-цӀаялъул багьаби рорхизаби? ЦерегӀадин, жидерго лъаялда ва бажариялда рекъон, гӀадамал хӀалтӀуде тӀами? Кида лъугӀизе бугеб ришват кьун хӀакимлъун тӀами ва чиновниказул гӀага-божарал, чи вихьун, чухъа бихьун хъулухъалде роси? Кида букӀине бугеб гӀансаги гӀунтӀун хӀалтӀуде хьвадулел ругел пенсионералги гӀодор чӀезарун, гӀолохъаби хӀалтӀуде рахъайилан абулеб заман? БатӀияб жо буго киназего гӀураб хӀалтӀи районаздаги, республикаялдаги букӀарабани, бегьилаан гьел хӀалтӀуда тезе ахираталъул рокъоре инегӀан. Бачинин цо мисалги. Цо пуланаб росулъе хал-шал гьабизе щварав дида, лъималазе дарс кьолев ватана лъикӀго мегеж тарав,ригь арав мугӀалим. Хъваш-башги гьабун, дирго мурад бицине дун лъугьиндал,классалда гӀодорчӀун рукӀарал лъимал релъизе,цоцахъ ралагьун ишанал гьаризе лъугьана ва журналалда хъвай-хъвагӀай гьабулев вугев мугӀалимги,эхедего ворхичӀо. Хадуб диде гӀагардегӀан вугев, цӀалдохъанас абуна, цӀакъ ахӀун абейила,гурого мугӀалимасда рагӀуларилан. Суал бачӀунеб буго щай гӀинтӀа бакӀлъарал, беццал, чорхолъ сакъат ккарал, ригь арал, лъимал-хъизан тӀубарал мугӀалимзаби, ахираталъул рокъове инегӀан, школалда хӀалтӀизе кколел? Кинаб лъай гьес лъималазе кьезе бугеб дарс тун батӀияб? Дун гуро жакъа, херлъиялде ракӀ щоларого,унтуде бер щоларого кӀалъалев вугев чи. Нужецаги хӀисаб гьабеха, букӀине кколеб къагӀидаялъ инсан хӀалтӀун бажарулев вукӀарабани, гьесие 70 сон бан хадуб бахъилаан пенсия,60 сон бараб мехалъ бахъичӀого рокъоб ракӀ гъоларин, хьвада-чӀвадун ругонани лъикӀ букӀунилан 80 сон базегӀан школалде мугӀалим хьвадизе тей мекъаб лъил батаниги пикру бугилан тола дица.РакӀ гъезеги, хьвада-чӀвадизеги гьел соназде рахун хадуб, батӀияб гӀуцӀи букӀине кколин ригь арал гӀадамазеян тола дица, гьебги росдал мажгит ва гь.ц. бакӀ.

Гьанже бицен гьаби-зин росдал магӀишаталда сверухъ, лъугьун бугеб ахӀвал-хӀалалъул хӀакъалъулъги. Дагъистаналда къанагӀат чи ватиларо жакъа росдал магӀишаталда сверухъ лъугьун бугеб ахӀвал-хӀал лъаларел. ГӀемер цӀикӀкӀунги ратилин абизе кӀоларо, гьеб щай гьедин рехун тарабалиги лъаларел? Россиялда росдал магӀишат цебетӀезабиялъе гьал ахириял соназ кӀигӀан бокьаниги кредитал, дотациял кьолел руго. Росеян халкъалде ахӀицин балеб буго, щайха Дагъистаналда кредит бащдаб гьоркьохъабазеги тун гурони къватӀибе кьолареб? Масала 20-30 нухалъниги хадур хьвадун кьолеб буго кредит. Гьебги 500 азарго гъурщидаса тӀаде кьолеб гьечӀо, гьелдаса Ӏ50 азарго гъурущ откаталъе гъоркь тезеги кколеб буго кьуразе. Узухъда бецӀулелъул гъоркь таралде тӀаде чанго процентги лъун бецӀизеги кколеб буго. Нагагь нахъе кьезе кватӀани, рокъоб бугелдаса щаяли гурин, йокьун ячарай лъадудасацин махӀрумлъизеги рес буго. Гьанибго бицун тезинха кредит, дотация кьеялда, босиялда сверухъ бихьарас,гӀенеккарасда бицараб цо гьадинаб лъугьа-бахъиналъул хӀакъалъулъги.

Цо пуланаб районалда администрациялъул бетӀерасухъе вачӀун вуго пуланаб росулъа гӀи-боцӀи хьихьун магӀишат гьабулев мискинчи, чанго нухалъ кӀалтӀаги чӀун, иргаги щвечӀого, ахир-къадги жанив ворчӀарав мискинчияс, администрациялъул хӀакимасда гьикъун бугила:

-ХӀурматияв, районалъул бетӀер, лъалин мун районалъул захӀматчагӀазул рукӀа-рахъин лъикӀлъизабиялда тӀад къасилъи-къадлъи гьечӀого, сардал рорчӀун хӀалтӀулев вукӀин, кигӀан заман гьечӀониги, дие бокьилаанин цо дир суалалъе жаваб щвезе.

ХӀакимасги абун бугила: -ХӀакъикъаталдаги гьабсагӀат эхеве инеян, вахъунев вукӀанин, хехго бицейин щиб суалалъе жаваб дуе хӀажат бугебин.

Гьеб мехалъ абурабила мискинчияс -Дуда лъалев ватилин Москваялда вугев Россиялъул росдал магӀишаталъул, министр, гӀурус Иван. Гьес Дагъистаналде, гьелдаго гьоркьоб нилъер районалдеги, хъорсоца кунел ругел цӀаназеги, хӀалакъал гӀи-боцӀуеги кумек,квине жо босизе дотоцияйилан абун гӀарац биччалеб рагӀулин. Дие бокьун бугин мискинзабазе гӀарац биччалев гӀурус Иванищ капурчи кколев яги гьеб нижехъе кьечӀого, щвезе течӀого чвантиниб лъолев мунищ капурчи кколевали лъазеян?

Гьелдаса хадуб кинаб кӀалъай кӀиязулго гьоркьоб ккарабали хӀисаб гьабизе захӀматаб жо гурилан тола дица. ХӀакъикъаталдаги, жив бусурман чи вугин керен бухулев, килщазда роццое чӀумал хенезарулев цо-цо чорхолъ иманги-ияхӀги гьечӀел, рекӀелъ Аллагь гьечӀел, унеб бакӀ лъаларел хӀакимзабазда ракӀалде кколеб буго Аллагьзаби жал ругин, бичӀчӀи гьечӀел лагъзал гӀадамал ругин абун. Гьеб цо.

КӀиабизе абуни Россиялъул президентасул хӀукмуялда рекъон, кӀиабилеб лъимер гьабураб хъизаналъе кьезе бихьизабун буго лъабнус азаргоялдасаги цӀикӀкӀун гъурущ гӀарцул. Лъимер гьабулаго эбелалда бихьараб гӀакъуба бихьунищали лъаларо банкалъул хӀалтӀухъабазда ва пенсионнияб фондалъул цо-цо чиновниказда гьеб гӀарац щвезе ккани гъоркь тезе кколеб буго цойги откатилан цӀар бугеб, гӀарцул бутӀа. ХӀатта камулел гьечӀо республикаялъул щибаб шагьаралда ва районалда гӀадада къад щун жал пенсионнияб фондалъул хӀалтӀухъаби ругилан абун щибаб редакциялде, телевидениялде щун «эбелалъул капитал» бащдаб багьаялде босилилан лъазабиял къватӀире кьолел, гьел росулелги. Мун щиб гьабулев чийилан гьесда цӀехолев, къанун закон бичӀчӀизабулев цониги гӀадлу-низам гьабулев гӀуцӀиялъул чиги вахъунаро.

Лъабабилеб абуни, жалго хӀукуматалъул бутӀрул нечолародай лъималазе кьолеб пособиялъул Ӏ00-Ӏ20 гъурущ босизе улбул ахӀулелъул? Яги гьеб хӀукму къабул гьабулелъул лъимал гьечӀел, гьел гӀурал депутаталдай гьеб хӀукму къабул гьабизе ахӀун рукӀунел?

Гьаб ахираб заманалда гӀемер бицунеб рагӀана гӀолохъанал, жанир чӀезе мина гьечӀел, гьеб базе, босизе рес гьечӀел хъизаназе Пачалихъалъ биччараб хассаб гӀарац букӀунилан, хал гьабеха щибаб районалда лъие гьеб щварабали. 50   процетниги мустахӀикъасе гьеб щун батани, тӀокӀалъ абизе жо гьечӀо.Ункъабилеб иргаялда, дун ва гӀемерисел дагъистаниял божуларо, жакъа нилъер гӀумруялъулъ ругел гӀузраби тӀад тарал хӀакимзабаздаги, депутатаздаги, Республикаялъул Президентасдаги лъалел ратиларилан абураб жоялда. Гьеб лъала хӀукуматалъул бутӀруздаги, министрзабаздаги, сундухъ балагьунха гьел чӀун ругел? Аллагьасул амру босун ВахӀю рещтӀинегӀанищ яги Россиялъул тӀалъиялъ«тӀадецуй»гьабизегӀанищ? Руго гури нилъер церехун рехсарал гӀузрабазде, чороклъиялде данде къеркьезе тарал, законалъ байбихьун харж, мухь дагь гьабизе яги гьезухъа бакӀарулеб налог жо цӀикӀкӀинабизе бугилан дора депутатал данделъун рукӀунаро, Дагъистаналда 1 январалдаса байбихьун гӀарац гъоркь кквезе, налог цӀикӀкӀун босизе лъугьуна. ЧӀалгӀаде гурелъулха магӀарулазул аби бугеб: Москваялдасан тӀад лъурал тӀагърал рахъейилан буюрухъ къватӀибе лъугьинги, гьебсагӀатго Дагъистаналда бетӀерго цадахъ тӀагъур нахъе босиги цадахъ тӀадаблъун гьабурал, доб цебесеб «чӀун хутӀараб» хӀукуматалда рукӀараздасаги цӀикӀкӀун идараби, прокуратура, УБЭП, счетниял палатаби, ФСБ, милиция суд ва гь.ц гьеб къеркьей жидер борчлъунги, чедлъунги ккезе кколел. Киреха гьел ралагьун ругел? Щайха тӀубараб магӀишатги, гӀуцӀабиги, ралел бакӀазе биччараб материалги, къокъ гьабун абуни Пачалихъ бикьулел ругел цӀогьазда сверухъ хӀалтӀи гьабулареб? Щай хоно бикъарасдаса тӀом бахъизе, оц бикъарав тӀад кверги бахъун теялъул хӀужаби цӀикӀкӀунел ругел? Щай хӀакимасеги, хӀалтӀухъанасеги закон батӀияб бугеб? Щаялиго дун божуларо гьаб хӀалалда Дагъистаналда кьалбал риччараб ришватчилъиги законал сан гьарунгутӀиги районалъул, Республикаялъул бутӀрузда, закон, къанун цӀунизе таразда бихьуларин, рагӀуларин абулелда. Беццалги гӀинкъалги гӀадамал тӀадегӀанал хъулухъазде рищуларелъул яги тӀамулареб лъалелъул.

Цойги гӀажаиблъи гьабизе бачӀуна ДР-ялда щаялиго хӀалтӀухъанасе харж-мухь цӀикӀкӀинабизе яги пенсионеразе, инвалидазе пенсия цӀикӀкӀинабизейилан Москваялда хӀукму гьабуни, гьеб хӀукму-кагъат Республикаялде щвезе 2-3 моцӀ, хӀатта бащдаб лъагӀелцин хӀажалъула. Нагагь церехун рехсарал мискинзабаздаса хӀалтӀухъанасдаса цӀияб соналдасакколилан! БичӀчӀуларо, нилъер пачалихъалъул бутӀруз дагьабниги лъай кьеялъул бутӀаялде, гӀолеб гӀелалъе тарбия-лъай кьолел учительзаби роххизарейилан абун, ток чӀобого бухӀизе тун, врачазе, культураялъул хӀалтӀухъабазе, социалияб бутӀаялда хӀалтӀулезе, бигьалъаби рукӀине мурадалда гьабула хӀукму, коммуналиял бигьалъаби гьаризейилан. ГьебсагӀатго Дагъистаналда ругел гарбал рицатал чиновниказ хӀукму гьабула, гьеб закон хвезабизе, гьедин квине бугӀа-ролъ букӀунарилан абухъего.

Дун гуро жакъа республикаялда диналъул байрахъалда гъоркь гъазаватилан мугьруги чӀван, чӀвадаризе, кьвагьдезе, расги гӀайиб гьечӀел гӀадамал гъурулел вагьабиязул, бацӀазул къавмалъе битӀараб къимат кьолев чи. Амма жакъа рохьазда ругин абулелги, вагьабиялин бицунелги, такъсирияб нухде рачунел руго ритӀухълъи гьечӀолъиялъ, хъизан хьихьизе материалияб рахъ гьечӀолъиялъ. Дир хӀисабалда гьединазда бихьулеб буго жакъа киса-кибго тӀибитӀараб лъаялъул, махщалил, бажариялъул ва цоги-цогидалги рахъалги хӀисабалде росичӀого ришватазул, лъай-хъваялъул, гӀага-божилъиялъул ва гьелда релъарал гьересиял нухаздалъун хӀакимлъиялде рорчӀараз,мустахӀикъал нахъегӀанги гьарун, жидерго команда бугиланги абун, жидеего бокьарал хъулухъазде тӀамулел рукӀин. Команда гӀуцӀулелъулги щивниги, хасго Дагъистаналда валагьуларо лъай-бажариялъухъ, лишь-бы гӀабкӀил гӀучӀ вугелдаса нахъе. Амма хӀалтӀи гьабизе ракӀалда бугев нухмалъулес, киданиги хӀалтӀи гьабизе лъаларев, лъай гьечӀев, махщел гьечӀев хӀаким-лъун, хӀалтӀухъанлъун телищха. Мисалалъе, жакъа кинав тренерасха тӀадегӀанаб хӀасил бихьизабизе ккани, жиндирго футболалъул командаялде торгӀо хӀазе махщелги, гьунарги гьечӀев футболист восилев? Росулел рукӀаралани нилъер миллияб «Анжи» командаялда МухӀамадалги, ГӀалиялги, ГӀисаялги рукӀинаан, Бразилиялдаса, Германиялдаса, Камеруналдаса футболистал росичӀого.

Гьал церехун рехсарал ва рехсечӀого хутӀарал гӀемерал суалал рорхизе бегьилаан гьаб макъалаялда. Амма пайда щибха, къелъ речӀараб горох, речӀарабго гӀадин нахъе кӀанцӀун нилъерго гьурмалъ щоларебани. Макъалаялъул ахиралдаги дица абила, гӀела гӀадамал, гӀузраби ругин, ритӀухълъи гьечӀин, захӀмалъаби цӀикӀкӀанин, бецӀлъуда ругилан гаргади. Щивас хӀаракат бахъизе ккела жиндихъа бажарулеб, махщел-гьунаралда рекъараб хӀалтӀи гьабизе. ЗахӀмалъаби къезаризе, бецӀлъиялдаса рорчӀизе щивас кодоб хӀедул чирахъги бакун канлъи гьабизе, чангояс цадахъ хӀедул чирахъ бакани, чирахъалъул канлъиялде гӀагарун канлъигӀаги щивасул рокъоб букӀиналда дир ракӀ чӀола.

Жакъа щив вукӀине кколев, щибаб гӀуцӀиялде нилъеда тӀадаб хӀалтӀи гьабизе: тӀад вугев хӀакимищ, яги гьеб иш гьабизе тарав нухмалъулевищ?. Щивас жинда тӀадаб хӀалтӀи гьабуни тӀегьазе буго нилъер Дагъистанги, тӀад магӀаруллъиги. Ратизе бегьула гьаб дир макъалаялда ражи-цӀам рекъечӀел, цо-цо нухмалъулезда жинда хъатӀизе хъварал мухъал ругилан кколел бакӀалги. Ккараз жидерго гӀунгутӀаби ритӀизаризеги, ккечӀезе дагьалги лъикӀал хӀасилазда хӀалтӀизеги тавпикъ кьеги. Ургьиб рекъечӀес ургъел бикьизеги, пикраби дандразеги, газета гьоркьоб ккун бахӀс гьабизеги дун хӀадур вуго.

Дица лъилниги напс гӀодобегӀан гьабураб, чи хӀакъир гьави мурадалда хъвараб макъала гьаб гуро. РакӀалда бугеб абуни, бигьаябги беццарабги букӀунилан хъвараб буго.

Автор.КъурамухIамадов Гъайирбег,бакIалъулаб телевидениялъул редактор. Март 2011 год.

Просмотров: 969 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/2

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz