.Дагъистан Республикаялъул картаялда
Заг1иб росу бихьизабун гьеч1о. Гьеб буго гьит1инаб, амма ц1акъго г1ажаибаб
т1абиг1аталъул бук1он. Т1абиг1аталъ жиндирго гьайбатлъи ц1акъ сахаватго сайгъат
гьабун буго гьеб расалъиялъе. Гьенир г1емер руго балагьарасул рек1елъе рохел
лъугьинабулел, берзул лазат босизе рес кколел жал.
Шамил районалъул ракьалда,
Аварг1оралда т1асан гьабураб Гьакьадерил кьоги бахун, т1аса гъоркье рач1унаго,
ниж щвана Хунзахъ районалде гьоркьобе унеб Заг1иб росдал расалъиялде. Гьеб
бук1ана май моц1алъул бакьулъе кколел къоязул цояб. Севералдехун ругел рорхатал
муг1рузул гъулдуздаса жеги г1азу биун бук1инч1о, амма Зег1дерил расалъиялда
гьеб ихдалил къоялъ, нак1к1ул xlyp гьеч1еб, ц1ц1ел бер г1адин
роц1араб зодисан бакъул ч1ораз ракьалъе хинлъи кьолеб бук1ана. "Т1егьарал
ахбазаналъул гъут1бузул ахикье бер рехидал, рак1алде кколеб бук1ана
г1урччин-баг1араб кьералъул т1адагьал нак1к1ул парчабаз бацун бугин гьебилан.
Богосалъул ва Нухъакьалъул
муг1рузул сиртаз гьури гьукъула Зег1дерил расалъиялде. Гьениб гьава бук1уна
бац1ц1адаб, т1адагьаб, хинаб. Гьава-бакъалъул лъик1ал шарт1ал рук1иналъ, гьениб
рес буго ц1оралъул соно ва инжир г1адинал, ц1акъго хинлъи бокьулел пихъазул
гъут1би г1езаризе ва гьездаса бач1ин бак1аризе. Аслияб къаг1идаялъ зег1дерил
ахикь руго умумузул заманалда рук1аралги гьанже ч1аралги генул, г1ечул, мокьрол
ва ахбазаналъул гъут1би. Цо-цо пихъил бак1лъи 500 граммалдеги бахуна.
Зег1дерил расалъи буго Аварг1урул
квег1аб раг1аллъуда. Росдал харабаз бицана цебе заманалда гьенир ц1олбол ахал
гьарзаго рук1ун ругилан. Гьеб росу г1уц1араб ракьалда г1адамаз ц1акъ
цебегоялдаса яшав гьабулеб бук1ун буго. Гьелъие нуг1лъи гьабула цо борхатаб
гох1ил т1огьиб гьоркьохъел г1асрабаздаго бук1араб росдал ч1удби хут1ун
рук1иналъ. Зег1дерил гlaдамазда гьенир ратун рук1ун руго щаг1ил к1удияб хъаба ва хирияб курхьен.
Нек1сияб тарихалъул бицуна килисаялъул хут1елазги. Гьениб буго «Александр» яги
«Александер» абураб ц1ар т1ад бик1араб ганч1ил къоно.
Зег1дерил расалъиялде т1аде
къуларал муг1рузулги щобазулги бат1и-бат1иял суратал лъугьун рихьула. Цо мег1ер
яги щоб цогидалда релълъараб гьеч1о. Расалъиялъе берцинлъи кьолеб буго зодил
хъах1иллъиялъги, хьолбохъан чвахулеб г1урул лъададасан лъугьунеб кунч1иялъги,
ахазул г1урччинлъиялъги. Заг1исан буго муг1рузде нух. Х1ебда, Лъарат1а, Бежт1а
росабалъе Аварг1урул раг1алдасан сапар гьабизе бокьарал, муг1рузда ругел
хер-т1егь гьарзаял муч1дузде ва циязги г1алхул х1анч1азги яшав гьабулел
рохьазде щвезе рак1алде ккарал г1адамазе нух Зег1дерил расалъиялдасан буго.
Муг1руздеги расалъабаздеги щвезе, т1абиг1аталъул гьайбатал бак1ал рихьизе хиял
рек1елъе лъугьунарев чи къанаг1ат вук1ина! Гьеб релълъуна интересаб т1ехь
ц1алиялда. Т1абиг1аталда г1емер буго инсанасе жеги балъгояблъун хут1араб,
т1убанго лъазе ва бич1ч1изе къасд кколеб жо.
Гьанже ниж унел руго Аварг1урул
квег1аб раг1аллъудаса т1аде хунздерил Зоногох1 мег1ералъул къилбаялъул
рахъалдасан. Автобусалъе зах1мат буго хунздерил г1олохъабаз араб г1асруялъул
лъеберабилел соназда г1ат1ид гьабураб гьакинухдасан эхеде ххаризе. Гъвет1-хер
гьениб, гъоба расалъиялда г1адин, гьарзаго гьеч1о, бак1-бак1алда рихьула
зазилги г1инт1идулги хъархъал. Кьурабазул парсахъ, ганч1азда гьоркьор рижун
руго г1алхул куракул гъут1би. Гьенир руго цогидал бак1алда рижуларел цо-цо
хъархъалги.
Рахъ-рахъалде хьваг1олаго,
бигьагьабун эхеде бахунеб буго автобус, гьалагал чвахунц1адаз чучазарурал
бак1азде щведал, тормозазул бахъуна рак1гъанц1изабулеб къир-къири. Нухлул
к1иябго рахъалда, цо-цо бак1алда бит1ахъе нухдаги ратула кидаялиго кьурабазулъа
т1ун рач1арал, ч1ах1иял ганч1ал. Эхедерай ц1ик1к1араб бугелъул, шоферас автобус
бачунеб буго «т1оцебесеб хехлъиялда», «к1иабилеб хехлъиялде» рехизе, ай дагьаб
рухсазабизе рак1алде ккани, мотор «угьдизе» лъугьунин абуна гьес.
Ахирги ниж рахана Игираг1алде.
Гьанисан Aвapгlop бихьула хъах1илаб г1ебаб чалу г1адин, Заг1иб росуги буго гъоба гъоркьа
пахьул шагьиялъул сураталда. Амма къилбаялъул рахъалда Кьилимег1ер бихьула
берцинго, бит1ахъе аск1об бугеб г1адин. Муг1рузулаб Дагьистаналда бищунго
рорхатал бак1азда гьоркьоб рехсола гьеб Кьилимег1ер. Гьелъул т1огь буго ралъдал
гьумералдаса 2456 метралъул борхалъуда. Роц1араб къоялъ гьенисан Каспий ралъад
бихьулин бицуна.
Игираг1алдасанги Хунзахъе буго
бит1араб бак1алдасан додинабго къваридаб
нух. Нижер г1емерисел х1инкъулел руго автобусалъул гордухъа къват1ире раккизе.
Нухлул раг1алда бугеб кьурул борхалъиялъ лъугьинабураб к1к1алал т1ину
бихьуларо. Нухлул ракьандасан бугеб кьурул раг1алде ралагьизе бокьани, т1агъур
бортиледухъ, бет1ер эхеде борхизе ккола. Богосалъул муг1рузул сирталъул
къилбаялъул рахъалда ругел гьел г1иц1ал кьурабиги рик1к1уна Дагъистаналъул
т1абиг1аталъул унго-унгоял памятникаллъун.
Бит1араб нухдасан чанго километр
нахъа тедал, ахирги ниж щвана г1емерал чвахелояздалъун машгьурлъараб Хунздерил
т1алъиялде.
Ибрагьимхалил
МУХ1АМАД0В, ДГПУялъул физическияб географиялъул кафедраялъул профессор
|