Четверг, 19.06.2025, 13:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Август » 26 » ЗАЛМУ БАТИРОВА.ЛЪАГ1АЛИЛ ЮБИЛЯРАЛ.
10:46
ЗАЛМУ БАТИРОВА.ЛЪАГ1АЛИЛ ЮБИЛЯРАЛ.

Батирова Залму-поэтесса ва драматург. Гьаюна 1941 соналъ Хунзахъ районалъул Хунзахъ росулъ. 1960 соналъ лъуг1ана гьоркьохъеб школа Хунзахъ, хадуб-Дагъистаналъул педагогикияб институт. Къого соналъ х1алт1ана учительницалъун, 1985 соналъ яхъана Мах1ачхъалаялде ва х1алт1изе лъугьана «Дагъистаналъул ч1ужуг1адан» журналалъул авар мац1алда бахъулеб выпускалъул редакторлъун. 1986 соналда х1алт1изе лъугьана Мах1ачхъалаялъул Кировский райисполкомалъул г1аммаб отделалъул заведующийлъун, 1991 соналдасан-Дагъистаналъул ралъдал инспекциялъул пачалихъияй инспекторлъун, ДРялъул т1абиг1иял ресурсазул ва т1абиг1ат ц1униялъул Министерствалъул г1аммаб отделалъул начальниклъун.

1995 соналдаса нахъе Залму ккола Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъун.

Республикаялъул газетазда ва журналазда гьелъул асарал рахъана ХХ г1асруялъул 60-абилел соназда. З. Батировалъул т1аса рищарал асарал ва поэмаби рахъулаан «Г1олохъанал гьаркьал», «Рит1ухълъи», сборниказда маг1арул ва г1урус мац1азда.

Поэтессаялъул т1оцебесеб т1ехь къват1ибе бач1ана 1964 соналда маг1арул мац1алда. 1995 соналда къват1ибе бач1ана «Намус», хадуб-сборникал «К1иго т1егь», «Сабаб», «Бекараб г1аркьел», «Къадруяв маг1аруласул г1адатияб рак1», драма «Х1ажимурад».

Ахирал соназда З. Батировалъ къват1ире риччана поэма «Ч1анк1а», «Къвек1чармил хвалчаца борце дир г1умру», «Талих1ал нухал», куч1дузул сборник, «Ц1ах1илал ц1адал», «Солдатасул къисмат, документалияб повесть «Ссунареб ц1ва», «Хундерил ханша», «Пикрабазул ц1умур», «Ахирисеб как», «Бац1ил дарс», «Избранные», «Переливание крови», «Рокьиги маг1уги».

2007 соналда гьей яхъана «Лъаг1алил кеч1» республикаялъулаб конкурсалъул лауреатлъун.

З. Батировалъе щвана ДРялъул Х1урматияб грамота ва Шамилил ц1аралда бугеб фондалъул меседил медаль, халкъазул гьудуллъиялъул орден, Москваялъул МЭРасул медаль, 2 нухалъ гьей мустах1икълъана Дагъистаналъул президентасул гранталъе.

Залму Батирова ккола Дагъистан Республикаялъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан, Хъах1аб-Росолъа Мах1мудил ц1аралда бугеб жамг1ияб литератураялъул, Расул Х1амзатовасул «Хъах1ал къункъраби» Россиялъул премиязул лауреат ва 2014 соналдаса-Дагъистаналъул халкъияй поэтесса.

Залму Батировалъул асаразулъ хисулареб темалъун лъугьун буго намус-ях1, г1аданлъи, гурх1ел-рах1му, бах1арчилъи, рижараб ракьалде ва халкъалде рокьи. Гьелъул асаразул к1удияб к1вар буго г1ун бач1унеб г1елалъе рух1ияб тарбия кьеялъе. З. Батировалъ г1олилал ах1улел руго диналде бац1ц1адаб бербалагьи гьабиялде, намусги къадруги борхатго ц1униялде.

Залму Батировалда 75 сонилаб юбилейги баркулаго, бокьун буго гьаризе гьелъие чорхое щулияб сахлъи, рак1алда ругел мурадал т1урай, лъималаздаса ва гьезул лъималаздаса йохун хут1и. 

 

    

Хунзахъ т1алъи

Г1елмудал канлъиги куч1дузул нурги,

Кибго т1ибит1изе бит1араб т1алъи.

Бег1ераб пикруги г1акълудал нурги

Г1адамазе бикьун свакач1еб т1алъи.

Тарихалъул кьалбаз ракь к1обок1ара6

Дур к1одалъи дида гыгг1инго лъана.

Сахал г1адамазул г1адлу камилаб

Дур канлъиялъул нух ккуна г1елаца.

Анкьго къади цох1о тухумалъ кьураб,

Г1алимзаби гlуpaб гlaгapaб т1алъи.

Росу рик1к1ун руго гьединал ц1арал

Ц1ар-ц1ap  ккун щивав чи рехсеч1ониги

Дур Ахъбердилавги Х1ажимурадги

Х1ежалъул рахъалда раг1арал руго.

Цо гъеж къот1аниги хвалчен борхарав

Г1алибег халкъазе загьирав вуго.

Бакьеч1ги, ц1игьулги  ц1аруй рехсолеб,

Хундерил боязул бицен къот1ич1еб,

Ч1анк1ал рогьинег1ан сунареб чирахъ

Гвенгъухъе хут1араб, хирияб т1алъи.

К1иго ц1адасесул асаразул нур

Халкъазе бикьараб бокьулеб т1альи,

Загьид Х1ажиясул х1асратал куч1дуз

Куркьбал рижун роржун араб расалъи.

Сулимановасул асаразул бакъ

Аваристаналъе загьирлъараб бак1

Х1алаллъи камилал т1анусдерица

Квер борхун бац1ц1алъи ц1унараб т1алъи.

Рехсезе ц1арал дур г1емерал руго  

Г1абасилав, Фазу, Гъазимирзоев.

Ват1анияб рагъда, х1алт1ул фронтазда

Геройлъи босарал дур бицалъ руго

Районазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1

Саг1ит, баркала дуй чидай биччач1о.

Дуда цересеца борхараб байрахъ.

Дур бихьинчилъиялъ къулизе теч1о.

Цоцазда балеб къвал, росулел кверал

Мисаллъун хут1ила халкъалда гъсркьор.

Г1иси-бикъинаб жо гьоркьанги биччан,

Баче район цебе бицалъ хут1изе.

 

 

 

Кват1ана...

Дун маг1ил маг1наги paг1абазулъ лъун,

Нухлул лъабрикьида бакьулъ ч1ун йиго,

Гьаб керен хачалеб чорокаб заман

Залим г1адин цебе зхетун буго.

Дида араб гlacpy к1алъалеб буго.

Мун к1удияб г1езе дагьай кват1анин,

Бица-бицаралда хекко божулей

Лъимер кинигинан гуккизе ч1анин.

Мун ваучераца чурхъун реханин,

Чиго гурел дуда чаг1иян кканин,

Мун к1удияб лъимер, лъай бук1аниги,

Лъай ц1алун щвеч1еца гуккун реханин.

Бахъулел, хъамулел хъамалчаг1азул

Чунтби ц1еч1ого мун кант1ун яхъинч1ин,

Месед т1ад бекьарал пахьул раг1абаз

Г1умру гуккулелъул к1алъазе лъач1ин.

Дун маг1ил маг1наги paг1абазулъ лъун,

Нухлул лъабрикьуда бакьулъч1ун йиго,

Нахъехун инеги бокьулеб гьеч1о,

Цеехун инеги х1инкъулей йиго,

Гьаб къоялъул г1айиб дидаги буго –

Г1адамал кант1улеб paг1и батич1ей,

Намусалъул диван дийги бук1ина

Maгlил маг1на кват1ун раг1абалъ лъурай.

Цох1о рохел буго мехалда цебе

Дица кеч1 ах1ичIо х1алихьат веццун,

Умумуз дий тараб исламалъул нух

Х1арамаб г1арцуца чоргине теч1о.

 

 

Расул Х1амзатовасде

Мун Ц1ада вукъич1о, гьеб дур анищлъун

Аваристаналъе нахъе хут1ана.

Дур жаназаялъе  Г1акаро  мег1ер

Г1одобе къулич1о, щвеч1о мун т1аде.

Росдал хабалазда харил сумаца

Гьикъула  шаг1ир,  мун, вукъун вугеб бак1.

Рокъой вач1инч1ого Тарки маг1арда

Г1ажаиблъи дуда рух1ел батараб.

«Щиб рахъалда гьаб дир рух1 бахъаниги,

Инсул росулъ вукъе дун, г1олохъаби».

Гьеб гьари хут1ана,  хирияв Расул,

Т1убач1еб аницлъун дур дунялалда.

Бакъалъ ц1а бакулеб дур Ц1ада росдал.

Хабал пашман руго мунги гьеч1ог о.

Асараз свакарав, соназ хъах1лъарав,

Хъах1ал къункъарабаз мун вуго ц1ехолев.

Щиб гьабилеб,  Расул, вас гьеч1ев инсул,

Цо-цо т1убач1ебги хут1ула анищ.

Кинал хабалалъ, мун вукъананиги,

Мун лъурав хобалда Аллагь гурх1аги.

 

 

 

 

Кире унел ругел

Меседил г1ороде г1арцул гул балел

Г1акьилал соназухъ урхъун йиго дун.

Ч1ах1 гуреб х1алухъен жаниб гьарзаял

Росдал хурзабазде рак1 щун йиго дун.

Гьанже гъира гьеч1о магъилъе ине,

Раккразде сверарал хурзал рихьизе.

Доба ч1оролабаз кеч1 ах1уларо,

Магъилъ роржанхъулел макал дагьлъана.

Г1арцул лъарадажо оцаздаги бан,

Хуриб рахъал ралев чи вихьуларо.

Оцалали киса, тракторцин гьеч1о,

Бекьилин ккарасул хурзал рекьизе.

Ракьул мах1ги, гьелъул хинаб х1охьелги

К1очон толеб буго г1олохъабазда.

Лъилъулеб хур к1очон,  халеб хер к1очон,

Бице, гъудулзаби, унеб ругеб бак1?

 

 

Г1умру бигъарай яс альул  анищ

Х1ажимурад анищ жакъа дир хьолбохъ,

Кьерхараб гъаб г1умру роц1инабизе.

Щолев ани дие рекъав багьадур,

Къисматалъул рокъоб чирахъ бакизе.

Бокьараб бак1алде инаан мунгун

Дур гьалдолеб керен г1одой буссине.

Дица дур ч1ег1ераб буртинаялда

Дир меседил расул лъелаан расен.

Мац1ица льукъараб дур къисматалъул

Къваридал пикраби нахъе гъелаан.

Дица дур рек1ее къуват кьелаан,

Гьениб басандулеб щаклъи ч1валаан.

Гьал рокьи лъаларел г1олохъабиги

Г1арац  рик1к1унел тун, нилъ цолъилаан.

Рак1 г1ащикълъун буго бах1арчиясухъ

Г1акълу урхъун бут о рит1ухълъиялъухъ.

Дица дуда аск1об х1ал бихьилаан.

Талих1 дунялалда батуларищан.

Дица рек1ел рокьи дуе кьелаан.

Дуда гъеб,  хвалчаца,  дир ц1унилаан.

 

 

 

Х1ажимурад

Суаллъун ч1араб лъути, жаваблъун ккараб ахир

Щиб букlapaб рак1алда бах1арчияв чот1ахъан?

Жеги лъач1еб балъголъи, тарихчаг1азул даг1ба

Мун киве ун вук1арав?  Хекко щай т1адвуссарав?

Ц1аруе мук1урлъизе ц1аралда к1веч1огонищ ?

Гьунаралъ гьунаралье бет1ер къулич1огонищ ?

Бах1арчиян абиго, дуда дагьлъун бихьуниц?

Борхун хьваг1улеб хвалчен, чода камилаб гьунар.

Х1ажимурад, дур гьунар мац1аздаса щай къураб?

Гьезул бет1ер къот1изе къуваталда гурх1унищ?

Мац1ихъабаздаги хъван, хъублъизейищ бокьич1еб

Жах1даялда малги ч1ун, кьабг1арабищ чода ц1ал?

Тешларх1оралъ, Талгималъ дуде ч1аян ах1ич1ищ?

Даргъобги Зиранибги дуда хадур г1одич1ищ?

Дур гьунаразул нухал эхетун цере ч1еч1ищ?

«Ч1а, Х1ажимурад!» - йилан Г1акару к1алъач1ебищ?

Мун т1урун анин  цоял, нух къосанин - цогиял

Бице лъида божилел, сапар бигъарав лачен?

Зобалазда лъаниги, жеги лъан бахъунареб

Дур г1умруялъул суал, хведал къот1араб бет1ер

Къан зарукь ккун ч1оларев, квер биххун вук1унарев

Т1убараб аскаралде данде живго вагъарав.

Гъазаваталда хварав, Хунзахъа Х1ажимурад,

Льуг1улареб, къунареб къиса дур ахиралъул.

 

 

 

Суалал

К'ъисматалъул т1ехь буго т1ад ч1ун бегизе бокьун

Мехер къоялъул къисмат диего загьирлъизе.

Рохелдай хадуб бугеб хиялазде бакъ щозхеб,

Хаселдай нахъа бугеб рек1ел пикру г1унулеб.

Канлъуде унеб нухда хиянат бахиладай

Соназул  г1орхъабазда г1ажал данде ч1валебдай

Гьаб ришватазул  вабаъ добаги батиладай,

Намус бичулеб базар добаги бук1инадай ?

Добаги х1иллаяльул х1арщул нухал ругодай,

Бит1араб къимат кьолеб рит1ухълъи х1алт1уладай,

Ях1алда синжир балеб сонал цере ругодай,

Судияз ришватазда ц1арал т1амун гъеч1одай.

Доба г1умру къач1алеб цо къебелъи гъеч1одай,

Доба х1алаллъиялда рах1му гъабуларебдай,

Пашманалдай дораги дир саринал рук1инел,

Бух1иладай добаги дир анищазул  гъамас.

Дора гьал гьет1-гьет1арал г1умрудул сухъмахъазда

Гьудулльиги вацлъиги цолъун батилародай,

Къисматалъул т1ехь,  дуца рагъе дие балъголыи

Суалазул ц1ураб рак1, жаваб  къвариг1уи бугин.

 

Просмотров: 1446 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2025 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz