Суббота, 20.04.2024, 13:15 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2021 » Ноябрь » 18 » ЗАХlМАТАЛ КЪОЯЛ
20:03
ЗАХlМАТАЛ КЪОЯЛ

ЗахӀматал рукӀана дол революциялъулал къоял. Дагъистаналъул халкъалъул къисматин абуни доб мехалъ цIакъго кьогIаб букIана. Язихълъиялъ къвал бараб, бецӀлъиялъ кодоб ккураб букӀана магӀарулазул гӀумру. Гьеле гьедин рес къотӀиялъ къватӀиве вахъарав дир эменги гӀемер мехалъ хӀалтӀана Бакуялъул нартил буругъазда. 

Гьевгун цадахъ 1911-1918 соназ Бакуялда дунги хӀалтIизе ккана чанго батӀиял хIалтӀабазда. 

1918 соналда росулъе тIад вуссараб мехалъ мугӀрузда тӀибитӀун букӀана Россиялда револю-ция бергьиналъул хӀакъалъулъ хабар. Нижер росдал гӀемерал гӀадамазги хӀаракат бахъана Дагъистаналъул революционеразулгун бухьен кквезе ва Совет xlyкуматалъе гӀоло къеркьезе. Гьедин ХӀажиев Чакариласул бетӀерлъиялда 10 чиясдасан росулъ гӀуцӀана балъго хӀалтӀулеб революционнияб къукъа. Гьез щулияб бухьен чӀезабун букIaна МахӀач Дахадаевасулгун, МухӀумамирза Хизроевасулгун, Муслим Атаевасулгун, революциялъул цогидалги нух-малъи гьабулезулгун ва гьезул нухмалъиялда гъоркь хӀалтӀулел рукӀана. Байбихьуда гьесул аслияб хӀалтӀилъун букӀана жидерго ва сверухъ ругел росабазул гӀадамазда гьоркьоб бичӀчӀи кьеялъул хӀалтӀи гьаби, гьел революциялъул рахъалде цӀай. 

ХӀоцоса гьереси имамасги ГӀалиханов Хъайтмазицаги бецӀал магӀарулал, диналъул байрахъалда гъоркь большевиказде данде рахъинарулел рукӀана. Нижер росулъ гьезухъ гӀенеккулев чи ккечӀо, росулъ рукӀарал гIолохъабазул аслияб къадар революциялъул рахъалда чӀана. 

Цо нухалъ Атаев ГIабдулкъадиргун, Эльдаров МухӀамадхангун, Качалов Байсунгъургун цадахъ Левашиб революциялъулаб комитеталъул данделъиялде ун вукӀарав Атаев Муслим тӀад руссутӀа ХӀариколове вачӀана (балъго). Нижер партизаназул гьитӀинаб къукъаги данде гьабун гьес гӀатӀидаб гара-чӀвари гьабуна ва жиндир кагъат щварабго Темирхан Шураре рилъине къачӀан рукӀаян лъазабуна. Гьеб заманалда кӀудияб къуватги данде гьабун полковник ГIалиханов Хунзахъ хъалаги ккун чӀун вукӀана. 

Муслимил кагъат щварабго ниж хунздерил партизаналгун цадахъ Унсоколоре ва гьенисанги партизаналги рачун Хъаранисан Темирхан Шураре ана. Деникинил гъачагъаздаса эркен гьабуна Темирхан-Шура ва Порт Петровский. 

Гьеб заманалда Хъалаги ХӀоцоса Нажмуди-нил дурц СагӀадулагьихъе кьун ГIалиханов ЦӀунтӀе Жабул МухӀамадихъе, революциялде данде чӀараб цIияб къуват балагьизе ун ватана. Партизаназ хъала эркен гьабуна. Нижин абуни нахъойги Темирхан Шураре ине ккана ва гьениб Атаевасул бетӀерлъиялда гӀуцӀараб революционнияб полкалде лъугьана. Дун вукӀана Хунзахъа ХӀамзаев МухӀудадаца бетӀерлъи гьабулеб тӀоцебесеб эскадроналда. ГӀемер кватӀичӀого 20 чиясдасан хасаб взводги гӀуцӀун ниж, областалъул рагъулав комиссарлъун вукӀарав Карим Мамедбеговгун цадахъ, Дербенталде ритӀана. Гьениб ралъдал рагӀалда салулъ къазарун ратарал, БагӀараб Армиялъул рагъухъабазул жаназаби нижеца Дербенталъул, гьанже Ленинил цӀаралда бугеб, къотӀноб вацлъиялъул хабалъ рукъана. Мамедбеговас гьениб халкъалда цебе кӀудияб кӀалъай гьабуна. 

Дербенталдаса Маджалисалдеги ун Темирхан Шураре тӀадруссингун Атаевасул полкгун цадахъ нахъеги ниж Хунзахъе ана. 

Нажмудинилги Хъайитмазилги гъачагъазул боял Авар ва ГIандиб гӀоразул рагӀаллъабазда-сан эхедеги рачӀун Хунзахъ хъалаялде рахине къеркьолел рукӀана, гьезие квалквалалъе Хунзахъа ГьитӀиновасов МухӀамадил бетӀерлъиялда, Харахьибе битӀараб нижер взвод гъоркьчӀалиде ккана ва гьенир жанир тӀамуна. Нижер цо бутӀа Болъихъе битӀана, дунги ГIахьалчӀиса ГIумаров ГIабдулхаликъги, Хунзахъа ИсмагӀилов Хъайитмазги Харахьи цо моцӀица жанир тӀамуна. Харахьиса Лачемиласул кумекалдалъун къватӀиве ворчӀарав дун нахъеги Атаевасул полкалде ккана. 

Гьеб заманалда хӀарисезул партизанал рикь-рикьун бакӀ-бакӀалда рукӀана. ХӀажиев Чакарилав Болъихъ жанив тӀамун вукӀана. Гьев эркен гьавуна БагӀараб Армиялъ Болъихъ росу бахъигун. Нижехъа Юсупов МухӀамад ва Басиров Гьимат ГIобода ва ГӀахьалчӀиб бандаз жанир тӀамун рукӀана. Заманалдасан гьел ва бандаздаса лъутун къватIив чӀун вукӀарав, Хъазанбиев МахсутӀги росулъе тӀад руссана. 

Гьеб заманалда нижер росдал партизаназул къукъаялъул къадар 20 ва хадуб 32 чиясде бахана. Нахъойги партизаназул командирлъун тӀамуна ХӀажиев Чакарилав. Гьесул бетӀерлъиялда Муслим Атаевасул полкалда гъорлъ ниж рагъана Къваниб, НитӀаб, Гьандихъ, ГIасаб, ЗанатӀа, КъахӀиб, Гьидерил мугӀрузда, ЦӀолбода, Энгердахъ, ТӀокитӀа, МестӀерухъ, КӀаратӀа, Болъихъ ва ЦӀумада районазул гleмерал росабалъ. 

Гьечеда ккараб рагъулъ бахӀарчилъиялда хвана Хунзахъа МахӀакӀул МухӀамад, ГIабдуразакъ, СайгидхӀусен, БакьагьечӀиса ГӀусманов МухӀамад, захӀматго лъукъана ХӀариколоса ИсахӀаев МухӀамад, Сулейманов МухӀамад ва гь. ц. 

Гьенисан тӀад руссингун Самурскиясул ахӀиял-да рекъон ГӀалиев Пирбудагъил бетӀерлъиялда нижер 12 чи Темирхан Шураре ва гьенисан, Бакуялде, Тбилисалде ритӀана. Гьенирги ниж БагӀараб Армиягун цадахъ Азербайджаналъул ва гуржиязул меньшевикалгун рагъана. Нижеца гьениб аслияб куцалда разведчиказул роль ракӀбацӀадго тӀубазабуна. 

Дагъистаналъул мугӀрузда рагъ лъугӀун хадуб нижер гӀемерисез ва гьездаго гъорлъ дицаги хъулухъ гьабуна ЧӀохъа Нахибашевасул полкалда: бандаздаса рацӀад гьаруна Хасавюрт, Костек, Бабаюрт, рагъана Терекалда ва Кубаналда. 

Гьединаб къеркьеялъе гӀоло нижер росдае кьуна «БагӀараб росу» абураб хӀурматияб цӀар- 1920-1921 соназда Дагъистаналда контрреволюционнияб восстание чӀинтӀиялъулъ ва Хунзахъгин Гъуниб хъалаял эркен гьариялъулъ гьабураб гӀахьаллъиялъухъ нижер росдае щвана революциялъулаб рагъулаб Советалъул баркала ва ВЦИКалъул грамотаги. 

МухӀамад ГӀУМАРОВ, 

багӀарав партизан 

«РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ» № 9 

20 январь 1971 сон. 

Просмотров: 432 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz