Нилъер районалъул
ШототӀа росулъа Зиявудин ва МухӀамад МухӀамадовазул лъик1ал ишазулги
сахаватлъиялъулги раг1ич1ев ва лъаларев дагъистанияв цониги ватиларо нилъеда
гьоркьов. Мух1амад ккола Смоленск областалдасан Федерациялъул Советалда
сенатор, Зиявудин «Сумма капитал» компаниязул къокъаялъул директор.Гьаб нухалдаги гьел
сахаватчагӀаз рохизаруна дагъистаниял: МухӀамадица МахӀачхъала шагьаралъул цо
больницаялъе ремонт гьабизе ва хӀажатаб босизе гьабун буго финансовияб кумек,
Зиявудиницайин абуни, инсульталдаса хадуб захӀматго ва 60 азарго евроялъул
багьаяб операция хӀажатаб хӀалалъ вукӀарав КВНалъул машгьурав гӀахьалчи,
журналист ва ведущий Ванати ГӀалиевасе гьабун буго рахӀмуялъулаб
квербакъи ва гьабсагӀат Ванатил счеталда буго сахгьавиялъе гьесие хӀажатабщинаб
къадар гӀарцул. Жакъасеб захӀматаб заманалда чияр къварилъиялде кӀвар
кьолеллъун ва гьеб гӀахьал гьабулеллъун рукӀин гӀадлъизецин бачӀунеб иш буго.
Амма вацал МухӀамадоваз бихьизабулеб унго-унгояб гӀаданлъиялъул ва
бусурбанчиясул гурхӀел-рахӀмуялъул мисал. Районалъул газеталъул гьурмазда цинги хъван букӀана
гьел сахаватал гӀадамаз росу ва районцоязе гьабураб кумекалъул. Гьезул жакъасел
ишазги гӀадамасул ва Аллагьасул рахъалъ разилъиги кириги бижизабулеб буго.
Гьабулеб данде билълъаги, хӀурматиял МухӀамадги Зиявудинги, нужер! Районцоял
рохула ва чӀухӀула нужер лъикӀал ишазда ва бергьенлъабаздаса. Автор.Мух1амадова Патимат. март 2011 год.
|